Исана нилъер к1удияв шаг1ир Расул Х1амзатов гьавун 90 сон
т1убала. Гьеб тадбир к1одо гьабулеб буго улкаялдаго. Расул Х1амзатовас хъвана
г1емерал гьайбатал асарал. Расул Х1амзатов куч1дул хъвазе лъугьана жеги
гьит1инго, школалъул г1умруялда 13-15 сон бугев чи. Расулил т1оцебесеб т1ехь
къват1ибе бахъана 1943 соналъ «Х1асратаб
рокьиги боркьараб ццинги» абураб. Расул Х1амзатовасул асарал руго ц1акъ гъваридаб маг1наялъул,
ц1алулесул рек1елъе хехго лъугьунел.
Киг1ан ц1ик1к1араб къимат кьуниги гьелъие мустах1икъал асарал. Соналдаса соналде
цебе т1ун бач1ана Расулил поэтикияб махщел. Гьев 1945 соназда хехго машгьурлъун
вач1ана т1олабго Россиялдаго. Кидаго, киве щваниги Расулил рак1 ва пикраби
рук1унаан Дагъистаналдаги ва хирияб маг1арул т1алъиялдаги. Гьеб бихьизе
гьабулеб буго мух1канго «Маг1аруласул
т1алъиялда» абураб коч1олъ:
Гуро гьит1инаб гьеч1о, гьудулзаби Дагъистан,
Гьелъул борхалъиялде ваха гьедин абулев.
Ахал т1огьода руго, т1огьал г1аздада руго.
Г1ат1идаб Каспиялда гуми
лъедолел руго.
«Маг1арул ват1ан» - абураб Расул Х1амзатовасул кеч1 буго нилъер Дагъистаналъул халкъалъе
ГИМН-лъун х1алт1изабизе мустах1икъаб асар. Гьеб асаралъулъ Расулида бихьулеб
буго Дагъистан картаялда г1адаб гьит1инаб гуреб, г1емерго кинабго рахъалъ цебе т1ураб, гучаб улка
бук1ин. Гьелде т1адеги Дагъистаналда г1умру гьабун ругел халкъазул бугеб
сабураб, г1одобе биччараб г1амал-хасият,
рак1 бащалъи, х1ел-х1елчилъи гьеч1олъи, рит1ухълъи бокьи ва гьел т1алаб гьаби.
Расулил асарал гъираялда къабул гьаризе лъугьана
Россиялдаго. Гьеб бихьула Расулихъе
Ростовалдасан бач1араб кагътидасан.
- Дур асарал ва творчествоян хъвалеб буго Ростовалдаса
Валентина Кержовалъ,- миллион ц1алдолезего г1адин диеги ц1акъ хириял руго дур
асарал Расул, цох1о дуда к1ола г1адамазул рек1елъе рортулел асарал хъвазе. Дур
поэзиялъул аслиял темабилъун руго эбел, ч1ужуг1адан, рекъел. Х1урматияв Расул
Х1амзатович, Дагъистаналъул гьит1инаб халкъалъул к1удияв вас. Бат1и-бат1иял
соназда дица ц1алана дур поэзиялъулги прозаялъулги асарал. Ч1ух1ула, Расул, мун
нилъер улкаялъул вас вук1иналдаса, дир ихтияр бук1араб ани, дица дуе т1олго
дунялалъулго поэт абураб ц1ар кьелаан. Баянаб иш буго, т1олго дунялалъул поэт
абураб ц1ар жеги тасдикъ гьабун гьеч1о.
Амма, Италиялда т1обит1араб шаг1ирзабазул дунялалъул 300 коч1охъан
г1ахьаллъараб бах1салда Расул Х1амзатов мустах1икълъана «Къоабилеб г1асруялъул
шаг1ир» абураб дипломалъе ва медалалъе. Ахираб заманалда Расул Х1амзатовас
киналго х1икмалъизаруна цойги гьайбатаб асаралдалъун. 1968 соналъ гьес прозаялдалъун
хъвана «Дир Дагъистан» абураб к1иго т1ехьалдасан данде гьабураб асар. Гьеб буго
г1агараб Дагъистаналъул, гьелъул халкъалъул къисматалъул х1акъалъулъ хъвараб
асар. Расул Х1амзатовас хъвана поэмаби,
гьел поэмабазул бищунго к1вар ц1ик1к1аразул цояблъун ккола «Маг1арулай».
Законалда рекъон обществоялда ч1ужуг1аданалъул буго
бихьинчиясда бащадаб ихтияр. Гьелъ маг1арулай тархъан гьаюна шариг1аталъул
налъиялдаса, амма басриял г1адатаз жеги
квалквал гьабулеб буго маг1арулалъе жиндие щвараб ихтияралдаса пайда
босизе.
Гьедин т1амуна поэтас к1удияб машгьурлъиялде т1оцересел
галаби. Соналдаса соналде щулалъана гьесул махщел, камиллъана пикраби,
гъварилъана г1акълу. Г1агараб Дагъистаналъ гьесие кьуна халкъияв поэтасул
т1адег1анаб ц1ар, советияб власталъ гьев к1иго нухалъ гьавуна лауреатлъун. 1974
соналда Расул Х1амзатов мустах1икълъана Социалистияб Зах1маталъул бах1арчи
абураб ц1аралъе.
Расулил асарал гъираялда къабул гьарула бат1и-бат1иял
пачалихъазда миллионал г1адамаз. Гьелъие нуг1лъи 80-г1ан бат1и-бат1иял мац1аз
гьесул т1ахьал руссине гьарун рук1иналъги.
Х1амзаев Расул,
Хунзахъ росу.
|