Районалъул цогидал росабазулго г1адин, Г1ахьалч1и росдал
Энгельсил ц1аралда бугеб колхозалъулги
т1олабго маг1ишат хъутаналда буго. Дагьа-дагьабниги церет1олел ругел
маг1ишатазул цояб кколеб буго гьеб маг1ишатги. Колхозалъул аслияб доход кьолеб
бут1алъунги кколеб буго ч1ег1ербоц1и,
дагьабги мух1кан гьабуни рахь г1езаби. Сельхозуправлениялъул бет1ерав зоотехник
Х1. Г1умаровас абуна Энгельсил ц1аралда бугеб г1ачиязул ферма районалда
лъик1азул цояб бугилан.
Колхозалъул председатель Г1абдула Мух1амадовас бицана
маг1ишаталъул кинабниги 500 бет1ер
ч1ег1ерх1айван бугилан. Гьездасан 150 беч1ч1улеб г1акаги бугилан.
Лъаг1алие цо г1акдадаса гьоркьохъеб къаг1идаялъ беч1ч1улеб буго 1700 л. рахь. Гьебги кколеб
буго республикаялда гьоркьохъеб
къаг1идаялъ цо г1акдадаса беч1ч1улелдаса 100-г1ан литраялъ ц1ик1к1ун. Лъаг1алие колхозалъ бичулеб рахьдал къадар 150
тоннаялде бахунеб буго. Рахьдал 1 литраялъул
багьаги 12 гъурущалде бахунеб буго.
Рахь г1езабиялъул пайда гьеб къобихьун г1езабулел дояркабазеги
г1ухьбузеги гуреб гьеб бичун босулел переработчиказе буго. 12 гъ. гурого рахьдал литраялъухъ кьеч1ониги бащадаб литра
родол 24 гъ. бичулин гьезан бицана гьал мухъал хъварасда.
Колхозалъ чара гьеч1ого бичун босизе кколеб промышленнияб
къайиялде, масала, бензин, солярка-нахалде дандеккун, переработчиказ рахьдахъ
кьолеб багьа ц1акъго г1одобег1анаб буго.
Ц1ик1к1араб багьа кьун босизе кколеб буго ГСМ гуреб удобрениялги, техникаги, запчасталги. Гьел
киназулго багьаги маг1ишаталъ г1езабулел ниг1матазул багьаялде т1аде бач1иналъ,
гьезул жалго ч1олеб багьаги ц1акъ эхеде бахунеб буго.
Масала, г1ехьелдерил буго 4300 бет1ер г1и-ц1ани. Гьеб рохизе
ккараб х1ужжа буго, щайгурелъул зарарияблъун лъугьун г1иязул къадар дагьлъулеб
буголъун. Гьабсаг1ат Г1ахьалчи колхозалъул г1ияз кьолеб хайиралдаса т1ад унел
харжал ц1ик1к1унел руго. Г1и г1езабун щолеб дотациялъ гьел баща-бахъад ккезарун
руго маг1ишаталда. Рекъараб багьаялда рахьги, гьанги бичунги унеб бук1арабани,
гьединабго багьаялда колхозалъе х1ажалъулел
промышленнияб къайиги щолеб бук1арабани, гьайгьай г1и-боц1иги, рекьулел
ракьалги г1ерем гьаризе бегьилаан, маг1ишаталъ ч1араб мухь кьолел х1алт1ухъабазул
къадарги ц1ик1к1инаан. Жакъайин абуни гьединал г1адамазул къадар 60-65 чиясде
бахунин бицана маг1ишаталъул
нухмалъулес. Рит1ухълъи гьеч1ел багьабаз колхозал, КФХаял ч1аголъизе, рух1
бижизе толеб гьеч1о. Гьелъ росдал маг1ишаталда х1алт1улезе рекъараб мухь кьезе
рес г1олеб гьеч1о. Гьелъин г1олохъанаб г1ел шагьаралдеги гочун, росаби ч1ороголъулел
ругел.
Гьединаб ах1вал-х1алалдаги Г1. Мух1амадовасда рес батулеб
буго дагьа-дагьабниги жамаг1аталъе кумек
гьабизеги.
Г1иса Г1исаев.
|