Кизилюрт районалъул г1адамазул руго г1емерал лъик1ал г1адатал, гьезул цояблъун ккола жидеца т1олабго г1умру х1алт1уе кьурал, район цебет1еялъе х1аракат бахъарал г1адамал рак1алде щвезари. Гьедин 30 ноябралда Кизилюрт районалъул Бавтугъай поселокалда т1обит1ана гьеб районалъул бет1ерлъун вук1арав, нилъер ракьцояв Т1анусиса Х1ажиев Мух1амад рак1алде щвезавиялъул рахъалъ волейболалъул ветераназда гьоркьоб турнир. Турнир рагьизе рач1ун рук1ана Кизилюрт районалъул гьанжесев бет1ер Мух1амад Шаг1банов, Хунзахъ ва Мах1ачхъалаялъул Ленинский районазул нухмалъулел Юсупов Саг1ид ва Дарбишев Х1ажияв, гьединго Мух1амад Х1ажиевасул гьудул-гьалмагълъи ва ракьцоял. Киналго к1алъазе рахъараз бицана Кизилюрт район т1егьазабизе к1вах1 тун х1алт1анин Мух1амад Мух1амадовичан.
Турниралда г1ахьаллъи гьабуна Дагъистаналдаго бищун лъик1аб анлъго командаялъ: «Эркенлъи» (Кизилюрт), «Магмус»(Мах1ачхъала), Лаваши, Болъихъ, Тарумовский районазул ва Т1ануси росдал (Хунзахъ район).
Турнирал ана г1уц1адго ва балагьаразул гъира базабуледухъ. Гьедин х1алуцарал х1аязул х1асилалда т1оцебесеб бак1 щвана Кизилюрт районалъул «Эркенлъи» командаялъе, к1иабилеб бак1 босана Т1ануси росдал командаялъ ва лъабабилеб бак1алъе мустах1икълъана Лаваши районалъул команда. Саг1ид Юсуповас т1оцебесеб бак1 ккураб «Эркенлъи» командаялъе кьуна кубокгун грамотаби, гьединго медалалги. Гьединго Шаг1банов Мух1амадица ва Дарбишев Х1ажияс к1иабилеб ва лъабабилеб бак1ал ккурал командабазеги кьуна данде кколеб даражаялъул грамотабигун медалалги. Хадур г1емерлъаги мустах1икъал, ч1ух1изе кколел районцоял рак1алде щвезарун т1орит1улел спортивиял тадбирал.
И. Мух1амадов.
|