5 июналда администрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана райсобраниялъул депутатазул иргадулаб сессия. Депутатаз халгьабиялде росун рук1ана районалъул г1умруялъулъ к1вар бугел суалал.
Т1оцебесеб-районалъул Устав тасдикъ гьабиялъул суалгун депутатазда цеве вахъана райсобраниялъул председатель Хваджа Хваджаев. Гьес бицана федералияб законалда рекъон, уставалда цо-цо хиса-басиял гьаризе кколел ругилан. Масала, районалда бук1ана 24 росдал администрация. Самилахъ росдал администрация, нилъер районалде гъорлъе унеб бук1аниги, гьеб цойгидал районазул ракьазда бук1иналъ, гьеб ах1вал-х1алалда щиб гьабилебали ургъизе.
Собраниялда г1ахьаллъарал депутатазул разилъиялдалъун районалъул Устав рик1к1ана къабул гьабураблъун.
Хадусел лъабабго суал бук1ана цого темаялдасан рач1арал-райадминистрациялъул цо-цо г1уц1абазда гьарулел ругел хиса-басиязул. Гьезул х1акъалъулъ баян кьезе депутатазда цеве вахъарав юридикияб отделалъул нухмалъулев Х1асан Г1абдулаевас бицана управлениял (финансовияб, культураялъул, росдал маг1ишаталъул, лъай кьеялъул ва г1олилазул политикаялъул ва архитектураялъул, ЖКХялъул, ракьул ва мал-мулкалъул гьоркьорлъабазул) отделаллъун гьарулел ругилан ва гьелда хурхун гьенир хиса-басиял ккезеги бегьулилан. Гьединго къокъ гьабулеб буго райсобраниялъул заместителасул штатги. ДРялъул законалда гьарурал хиса-басиязда рекъон, гьеб хъулухъ бук1ине ккани, районалда г1умру гьабизе кколеб буго 50 азарго чияс, цебе 30 азарго чи г1олев вук1арав ватани.
Х1. Г1абдулаевасул докладалдаса хадуб, финансовияб управлениялъул начальник М-р Х1асанбеговас ва росдал маг1ишаталъул управлениялъул рахъалдасан Х1. Г1умаровас бицана ц1арал хисулел рук1анилан, гьабулеб х1алт1ул масштаб хисун бук1унарелъул, г1уц1абазда ругел штатал, х1алт1и берцинго нухда бачине ккани, чара гьеч1ого х1ажат ругилан ва гьел ц1унизе кколилан.
Райсобраниялъул депутатал М. Мух1амадиновас, М. Г1акъиловас ва цогидазги сессиялда рорхана г1адамазул г1адатияб г1умруялъулъ к1вар бугел масъалабиги: школазе ремонталъе биччалеб г1арцул къадар, г1исинал спортсменазе кьолел командировочниял ц1ик1к1инаризе ккеялъул ва гь. ц.
Сессиялда райсобраниялъул председателасул заместитель Х1. Х1ажиевас жиндаго цадахъ х1алт1аразе баркалаги кьуна.
Сессия ана цоцазда рич1ч1иялъул ах1вал-х1алалда, районалъул г1умруялъулъ кколел ругел хиса-басиялги гьоркьор лъун.
П. Гунашева.
|