Четверг, 02.05.2024, 12:01 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Декабрь » 31 » РАЙОНАЛЪУЛ НУХМАЛЪУЛЕСУЛГУН Ц1ИЯБ СОНАЛЪУЛ ГАРА-Ч1ВАРИ.
23:14
РАЙОНАЛЪУЛ НУХМАЛЪУЛЕСУЛГУН Ц1ИЯБ СОНАЛЪУЛ ГАРА-Ч1ВАРИ.

 -Саг1ид Камилевич, лъаг1алил ахиралда аралъул х1асилал гьарулебги бач1унеселъе гьабизеселъе ургъулелги г1адат буго. Гьале бегана нилъер г1умрудул календаралъул цоги т1амач, тарихалде ана 2013 сон. Кинаб бук1араб дуе гьеб?

-Цогидалъул бицинч1ониги 2013 соналъул сентябралда рук1арал рищиязда халкъалъ диде божилъи гьабуна ва г1емерисезул разилъигун вищана районалъул бет1ерлъун. Гьеб бук1анин абизе бегьула дир г1умруялда араб соналъ ккарал хиса-басиязул аслияблъунги. Бак1 ккун бук1аго цоги нухалъ баркала кьезе бокьун буго киназего районцояз диде гьабураб божилъиялъухъ. К1удияв х1акимлъун гурев, г1адатиял г1адамазул мурадал т1уразе, гьелгун цадахъ район ц1илъизабизе вач1арав гьезул цоявлъун рик1к1уна дица дунго. Рак1алдеги ккола г1аммаб х1аракаталдалъун нилъ мурадалде щвелиланги.

-Мун вищаралдаса ана лъабго моц1алдаса дагьабго ц1ик1к1араб заман. Бич1ч1ула, цо росдае гуреб, к1удияб районалъе нухмалъи гьабизе бигьаяб иш гуро, кин бук1аниги гьеб къокъабго заманалда гьабизе к1варалъул бицинарищ?

-Бит1араб буго, лъабгоги ункъгоги моц1алъ нилъер Хунзахъ г1адаб район цебе бачинеги к1ванин, гьениб бихьулеб х1алт1и гьабунин абизеги зах1матаб иш буго. Рищиязда цебе дагьабго мехалъ райадминистрациялъул бет1ерасул ишал т1уралагоги рищияздаса хадуб районалъе нухмалъи гьабулагоги дица х1аракат бахъана районалъул экономикаялъулгун лъай-хъвай гьабизе, лъана гьелъул бугеб ах1вал-х1алги ва ругел ресазда рекъараб дагьаб бук1аниги х1алт1иги гьабуна. Масала ясли-ахал, школал, медпунктал, клубал руго гьабсаг1ат росабалъ рак1 унтараб х1алалда. Г1урк1ич1дерил цебегосеб анишлъун бук1ана медпункталъе жибго бет1ергьанаб рукъ щвей. Гьезул мурад т1убана. Декабрь моц1алъ х1алт1изе кьуна гьениб гьанжесел т1алабазде данде кколеб киналго шарт1ал ва квег1енлъаби ругеб ц1ияб ФАП. Ц1ияб соналъул сайгъатлъун бук1ина херехьдерил гьит1ичазе дагьабги г1ат1идги гьабун, лъик1аб ремонталдаса хадуб х1алт1изе биччараб ясли-ах. Заг1иб ва Ц1ияб Буц1ра росабалъ лъаг1алил авалалдаго х1алт1изе кьезе руго гьединго ц1игьарурал ясли-ахал, гьезул ремонталъулал х1алт1абиги раг1алде щун рахъанин абизе бегьула. Г1арани-Ц1ада ва Г1арани-Бакьагьеч1и нухда чирахъал ран, гьеб к1иябго мухъги х1алт1изе кьуна. Г1арани нухда т1уна асфальт. Хасало чара гьеч1ого лъималазе хинлъи х1ажалъулеблъиги х1исабалде босун 6-7 школалда хисана х1ухьлал системаялъул котелал. Районалъул цо-цо росабалъ ругел школал ккола 50-60 соналъ цебего рарал минабахъ ругел. Гьезулги жанир ц1ализе бегьулеб х1ал гьеч1о, рихун иналда х1инкъун. Шотот1а росдал школа базе Федералияб программаялде бачунеб буго. Ц1ияб, нилъ жанире лъугьараб соналъул авалалдаго байбихьизе руго гьениб ц1ияб школа баялъул х1алт1аби. Ресал ратизе руго г1урк1ич1дерил школа баялъеги. Нак1к1икьдерил лъимал Хунзахъе яги мадугьалихъе Шамил районалде унел руго школа къварилъиялъ, гьенибги рак1алда буго ц1ияб школа базе. Циндаго кинабго гьабун бажаруларелъул, ругел ресаздаса пайдаги босун г1уц1ила х1алт1и. Киназго абула райцентралде, г1агарда ругел росабазде кьолила к1варилан, гьелъул г1аксалда, цин рик1к1адал, квер т1уралъур ругезул къварилъаби-х1ажалъаби рихьизе х1аракат бахъила.

-Росдал маг1ишат районалъул экономикаялъул аслияб бут1а ккола, кинаб х1ал гьелъул бугеб, цебе бачиналъе нухал.

-Байбихьудаго абила, гьал къоязда районалъул росдал маг1ишаталъул управлениеги бихун, гьелъул бак1алда «Росдал маг1ишаталъул ва предпринимательство цебет1езабиялъул отдел» г1уц1изе дица гьабураб х1укму райсобраниялъ къабул гьабуна. Рак1алда буго районалъул росдал маг1ишат хадубккунги цебет1езабизе, гьелъие нухалги ресалги ратизе. Руго районалда ч1ара-хьарал г1аммал маг1ишатал. Гьениб г1и-боц1ухъанлъи, ахихъанлъи ва хурухъанлъи цебет1еялъе шарт1ал г1уц1и буго цебе ч1араб масъала. Цо- цо маг1ишатазда гьанал, пихъил консервал гьарулел цехал раялда, хурухъанлъиялда ц1иял технологиял х1алт1изарун бач1ин ц1ик1к1инабиялда ургъулел, х1алт1улел руго. СПКяздагун фермеразул маг1ишатазда гьезего-гьеч1еб г1и-боц1и бихьизабизе, мекъал, гьересиял документазда г1арац балагьи гьукъила. Гьелъул бак1алда т1адехун рехсовухъе зах1мат г1уц1иялъул ц1иял технологияздаса пайда босила ва гьелде гъира бугезул рахъ ккун гьезие к1вараб кумек гьабила.

-Саг1ид Камилевич, росабалъ бищунго аслияб, киназего г1аммаб унти гьаб саг1ат т1абиг1ияб газ ккола, араб соналъго г1адин бицалъ, анищалъищ гьеб хут1илеб яги бугищ районцоял рохизесеб хабар?

-Ц1атаридул, ай т1урччи-ц1улалъул ва токалъул бицани, абила, г1арац кьун босизе гьеб ч1езабун бугилан. Районалъул подстанциялда дагьалги къуватал трансформаторалги лъун, токалъул къварилъи бук1инаро. Росабалъ араб г1асруялъул лъабкъоабилел соназго лъурал трансформаторазги т1еренал кваразги гьанжесел т1алабазда рекъон ток х1ехьолеб гьеч1о. Трансформаторал, токалъул кварал рух1иялъул х1ужжаби ц1ик1к1унел руго къо бахъанаг1ан, х1убалги басралъун руго. Гьелда рекъон токалт1а унел харжалги г1емерлъулел руго. Исана, нилъее ц1ияб жо, районалде «Дагэнергоялъул» специалисталги рач1ун хал гьабуна гьаниб бакъул энергиялдаса пайдаги босун, чанго бак1алда станция базе бегьулеб бак1алъул. Гьез раг1и кьуна гьединаб станция баялъе х1алт1аби исанаго байбихьизе. Хасгьабун газалъул бицани, цох1о Т1ануси гьебги бакун, хут1арал балагьун тезе рак1алда гьеч1о. Аллагьас хъван батани Хунзахъ т1алъиялда, ай цебеккун газ бачиналъе х1алт1аби гьарурал, Бакьагьеч1и, Гиничукь, Ц1ада, Г1арани ва Хунзахъ росабалъги исана г1адамаз «хъах1илаб» ц1атариялдаса пайда босизе буго. Хадубккунги цогидал росабалъе гьеб бачиналъул программаги буго. Кват1иларо киналго районцоял газалдалъун хьезарураб заман.

-Г1олилазул политика, ц1иял х1алт1ул бак1ал… Бокьилаан гьелъул бицинеги.

-Байбихьила дун х1алт1уде лъугьун вахъиналдего жиндие байбихьи лъураб «Оптимизация рабочих мест» абураб программаялдасан. Гьеб дунго лъик1ав лъугьун ургъун бахъараб жо гуро. Оптимизация унеб буго республикаялдаго. Гьелъул маг1наги х1алт1улел бак1алги къан, г1адамазда нуж г1одор ч1аян аби кколаро. Руго цо-цо г1уц1аби х1ажатго гьеч1ел штатазда г1адада г1арац босулел. Руго жидедаса щибго пайдаги гьеч1ел, цо чи к1иго, лъабго х1алт1удаги рук1ун г1арац босулел бак1алги. Дица хал гьабуна гьединал г1уц1абазул ва гьезул нухмалъулезе лъик1аблъун бихьизабуна г1ададисел штатаздаса инкар гьаби. 5-6 миллион т1ок1лъулеб буго пайдаго гьеч1ел х1алт1ул бак1ал къаялъ. Гьанже абила, дица дирго сайталда лъун буго районалъе пайдаяб бокьараб проекталъул конкурс лъазабун бугилан. Гьелда г1ахьаллъизе рес буго бокьарал лъайги бажариги бугел г1олилазул. Исана гьабизе рак1алда буго т1адехунисел идарабазул специалисталги г1ахьал гьарун х1алт1ухъабазул аттестация. Гьениб экзамен кьурав вук1ина х1алт1уда, бажарич1ес цоги лъай бугесе кьезе ккела бак1. Гьедин т1алаб гьабулеб буго дидасаги т1адехунисан. Саг1ид Камилевич, нилъеца бицаралде т1аде-гъоркье жубазе бокьараб жо батани гьебги абеха.

-Нухазул бицани, исана Дагъавтодоралъ нилъер гьаниб Г1ободаса-Макьасде щвезег1ан хъил т1ураб, г1ат1идаб лъик1аб нух гьабизеги Г1араниса Хунзахъе рач1унеб нухда Тобтидасан ц1ияб кьо базеги т1аде босун буго. Гьезго къач1азе буго Бух1надаса Г1арани щвезег1ан рач1унеб нухги.

Сахлъи ц1униялъул бицани, райбольницаялда дир г1айиб ч1вазе бак1 гьеч1о. Бет1ерав тохтур Мусаев Мух1амадица гьениб х1алт1и лъик1 г1уц1ун буго. Больницаялъул инфекционнияб отделениеги поликлиникаги февраль, марталда ц1ияб корпусалъур парахалъила. Руго росабалъ ФАПал разе х1исабалде росарал бак1алги. Киналъего заманги ресалгиян абун гьеч1ищха.

Гьарула районцоязе дунялалда кинабго лъик1абщинаб. Рокъоб парахалъи, талих1гун-рохел, цоцазда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи. Вохарав вуго районцоялгун ц1ияб соналда дандч1вазе щвеялдаса. Цоги нухалъ баркула Ц1ияб сонгун!      

Просмотров: 759 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz