Пятница, 26.04.2024, 16:21 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Июль » 4 » РАЙОНАЛЪУЛ МАДАНИЯТ Ч1АГО ГЬАБИЗЕЛЪУН Х1АЛТ1ИЛА.
15:39
РАЙОНАЛЪУЛ МАДАНИЯТ Ч1АГО ГЬАБИЗЕЛЪУН Х1АЛТ1ИЛА.

Районалъул маданият ч1аго гьабизелъун х1алт1ила

Бащдаб лъаг1елг1ан заман балеб буго райадминистрациялъул культураялъул отделалъул ц1ияй нухмалъулейлъун Хъайтмазова Жапарат таралдаса. Гьеб анлъго моц1ида жаниб ц1айи бугеб х1алт1и гьабун буго районалда маданият ч1аго гьабиялъе. Гьелъулги гьабсаг1аталда гьеб бут1аялда бугеб ах1вал-х1алалъулги ва хадубккун гьабизе рак1алда бугеб х1алт1улги ц1ехон дун дандч1вана Жапарат Г1абдурах1мановнагун. Гьале нижеда гьоркьоб ккара гара-ч1вари.

-Жапарат Г1абдурах1мановна, ц1ияб хъулухъалде т1амидал кинаб ах1вал-х1алалда батараб дуда районалъул маданияталъул иш?

-Г1аммаб къаг1идаялъ босани, квешаб х1ал батич1о. Цебеккунги гьеб хъулухъалда йик1ана х1алт1уда рак1 унтарай нухмалъулей. Чанго росулъ г1уц1ун ратана цереккун рук1инч1ел «гьалбадерил рукъзал», г1адатияб маданияталъул централ».

-Кинал тадбирал т1орит1арал дур нухмалъиялда гъоркь?

-Г1езег1ан тадбирал т1орит1ана. Гьезда гъорлъ рехсезе бегьила районалда Фазу Г1алиевалъул ва экологиялъул сонал рагьи, «Кин вугев мадугьал?» тадбир, музеялде т1обит1ана «Ханасул азбаралда бика-хъами» абураб квест, Мах1ачхъалаялда поэзиялъул театралда т1обит1ана «Хунзахъ районалъул мозаика» абураб тадбирги.

Августалъ т1обит1изе рак1алда буго нилъер машгьурав шаг1ир, авар адабияталъул классик Ц1адаса Х1амзат гьавуралдаса 140 сон т1убаялъул юбилейги. Гьединго нижеца хасаб бут1а лъола районалда щибаб пачалихъияб байрам т1обит1иялъулъги. Жеги рак1алда буго райцентралда щибаб росдал къоял т1орит1изеги. Гьенир г1уц1изе руго щибаб росдал умумузул рук1а-рахъиналъул, квен-т1ехалъул, т1аг1ел-алаталъул выставкаби.

-Кинаб ах1вал-х1ал бугеб росабалъ ругел культураялъул рукъзабазул ва библиотекабазул? Цо-цо росабалъ руго басралъарал, риххун иналде ккарал, жаниб г1емерал соназ цониги тадбир т1обит1ич1ел культураялъул рукъзал. Гьединго гьенир ругел цо-цо х1алт1ухъабазул г1арзал рук1уна ригьда харжал щолел гьеч1ин ва цо-цо жидерго чвантиниса г1арацги хвезабун х1алт1изе кколел ругилан.

-Росабалъ ругел культураялъул рукъзабазда х1акъикъаталдаги лъик1аб х1ал гьеч1о. Гьел киналго руго жеги советияб заманалда ран рук1арал ва басралъарал минабахъ. Гьеч1о гьезул х1ажатаб аппаратураги. Амма гьебги х1исабалде босун районалъул нухмалъиялъ байбихьун буго гьел минаби капиталияб ремонтги гьабун, жаниб тадбирал т1орит1изе бегьулеб даражаялде рачине. Гьедин байбихьун буго Г1обода, Шотода, Гьоц1алъ ва Ц1ада культураялъул рукъзал къач1азе, хадубги дагь-дагьккун районалъул киналго росабазул культураялъул рукъзал къач1азеги рак1алда буго. Харжал кват1иялъул суал х1акъикъаталдаги бук1ана цо заманалда, амма гьабсаг1аталда гьединаб г1узру гьеч1о. Культураялъул цо-цо х1алт1ухъаби жидерго чвантинисан х1алт1изе кколел ругин абураб жоялда дун божуларо. Гьединаб г1унгут1и бук1арабани дида лъач1огоги хут1илароан.

-Нилъер район кидаго бечедаб бук1ана шаг1ирзабаздалъун, хъвадарухъабаздалъун ва театралъул артистаздалъун. Амма нилъер гьеч1о ва киданиги рук1инч1ин абунигицин мекъи ккеларо машгьурал коч1охъаби. Гьелъие г1илла щибдай? Нилъер кеч1 ах1изе гьунар бугел г1адамал гьеч1огойищ ялъуни гьел церет1езаризе спонсорал камунищ ругел?

-Бит1араб буго коч1охъабазул рахъалъ мискинаб бугин абизе бегьула нилъер район. Дир х1исабалда гьеб буго чанго соналъ бичча-бихъан тараб х1алт1ул х1асил. Гьединго гьелъие г1иллалъун ккун батизе бегьула нилъер г1адамазул динияб бербалагьиги. Гьединлъидал гьеб суал роц1инабизе х1ажалъула к1иго-лъабго бут1аялдасан г1уц1араб хасаб х1алт1улаб къаг1ида. Ай, школалдасанго загьир гьабизе ккола кеч1 ах1изе гьунар бугеб лъимер, хадубккун искусствобазул школалдеги хьвадун, махщел камил гьабизе бук1ине. Хадубккун гьединаб ах1вал-х1ал хисизабизелъун нижеца рагьизе рак1алда буго лъимал кеч1 ах1изе ругьун гьарулеб профессионалияб студия. Гьединго руго кьурдул ва миллиял музыкалиял алатазда бакънал рачиналъул студиялги. Рак1алда буго жеги театралияб студия рагьизеги.

-Кинаб къимат кьолеб дуца районалъул г1ун бач1унеб г1елалъул культурияб рахъалъе?

-Бит1араб бицани расги лъик1аб къимат кьеларо. Къанаг1атги г1олиласда яги г1олилалда лъалеб гьеч1о умумузул г1адат-г1амал ва жидерго росу-ракьалъул тарих. Бокьуларо гьезие маг1арул кеч1-бакъанги поэзиягун адабиятги. Гьелдалъун к1очон толеб буго рахьдал мац1ги. Цох1о г1олилазул г1айибги батиларо гьеб. Гьеб рахъалъ г1емераб х1алт1и гьабизе ккола. Гьелъие г1оло рагьарал руго т1адехун рехсарал кружокалги. Библиотекабиги г1ахьал гьарун г1уц1ула куч1дул ц1алиялъул бат1и-бат1иял конкурсал. Рак1алда буго школлъималаздасан байбихьун г1ун бач1унеб г1ел киналго миллиял тадбиразулъ г1ахьал гьабизе. Гьедин гьабуни гурони, т1ок1аб бат1ияб нух дида бихьуларо.

-Г1адамазул г1арзал рук1уна районалде къанаг1ат гурони театрал ва концертал рач1унарилан. Рес гьеч1ищ районалда гьединал тадбирал ц1ик1к1инаризе?

-Концерталги театралги камун рук1унаро нилъер районалда. Амма, гьезухъ балагьизе рач1унел г1адамазул къадар дагьаб гурони бук1унаро. Гьелъие аслияб г1илла батила жакъа къоялъ г1адамазул бугеб зах1матаб социалияб ах1вал-х1ал ва гьединал тадбиразде рач1ине рес рекъонгут1и. Концерт кьезе машгьурал артистал ах1улел ругони, гьенибе г1езег1ан хирияб багьаялъул билетги бук1уна. Амма, рак1алда буго гьеб кинабго х1исабалдеги босун, цо нухги батун, рекъараб багьаялде билеталги рачун, нилъер районалда т1орит1улел театралгун концертазул къадар ц1ик1к1инабизе.

-Кинаб ах1вал-х1ал бугеб районалъул библиотекабазда?

-Квешаб х1ал гьеч1ин абизе бегьила. Нижеца кинаб т1адкъай кьуниги гьез нахъбахъич1ого т1убазабула. Т1адехун рехсохъе зама-заманалдасан т1орит1ула куч1дул ц1алиялъул ва рик1к1иналъул конкурсалги. Г1ахьаллъи гьабула цогидал тадбиразулъги. Узухъда, руго гьенир г1оларел рахъалги. Гьеч1о г1ураб къадаралда литература, хасго к1удияб зах1малъи буго маг1арул т1ахьал гьеч1олъиялдалъун. Гьел маг1арул т1ахьал ц1идасан басмаялде рахъизе ккани г1емераб г1арацги къвариг1унеб буго. Гьединго гьаб заманалда ц1акъ дагьлъун буго ц1алдолезул къадар. Г1олилаз т1убанго рехун тун буго ц1алдей. Гьелъие аслияб г1иллалъунги дида бихьула компьютерал, телефонал, планшетал ва цогидалги гьаб заманалъул ц1иял технологиял ракки ва г1олилал гьезде руссин. Узухъда, гьеб г1узруялда хурхунги гьабизесеб х1алт1и г1емераб буго.

-Кинаблъун бихьулеб дуда районалъул маданияталъул бук1инесеб?

-Дандч1валел зах1малъаби г1емер рук1аниги роц1араблъун бихьула. Нилъер буго республикаялда культураялъул рахъалъ кидаго цебесеб кьерда бук1араб ва дунялалда ц1ар раг1арал адабияталъулгун маданияталъул х1аракатчаг1и жаниб рахъараб район. Нилъедаги т1адаб буго гьезул байрахъ борхатго кквезе. Гьабсаг1ат г1адамазда гьоркьоб унеб буго РФялъул культураялъул ва республикаялъул лъай кьеялъул министерствабаз г1уц1араб ц1ех-рех.гьелъул мурадги буго культураялъул ва лъай кьеялъул г1уц1абазул х1алт1удаса г1адамал рази ругищали лъазаби. Гьеб ц1ех-рехалъул х1асилал х1исабалдеги росун гьабизе буго хасаб х1алт1и.

-Ахиралдаги щиб абилеб дуца районцояздехун?

-Т1оцебесеб иргаялда бокьилаан кидаго нижее бажарараб кумек гьабулев районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповасе, гьесул заместитель ва нижер отделалъул куратор Асадг1али Г1абдуразакъовасе, централияб библиотекаялъул нухмалъулей Гьиматова Пат1иматие, районалъул культураялъул рукъалъул директор Гьит1инов Мух1амадие ва г1адатияб культураялъул централъул директор Т1алх1атова Хатиматие. Гьединго рак1-рак1алъулаб баркала буго киналго районалъул маданияталъул бут1аялда х1алт1улел ругезеги. Районцоязда абилаан культураялде кьолеб к1вар ц1ик1к1инабеян ва къвариг1ел гьеч1еб пишаялде руссун теч1ого, бат1и-бат1иял кружоказдеги рит1ун гьеб лъималаздаги малъеян.

-Жапарат, баркала дуе заманги батун дунгун дандч1варалъухъ районалда маданият ч1аго гьабизе дуе Аллагьас къуватги сахлъиги.



 

Просмотров: 622 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz