Воскресенье, 19.05.2024, 19:07 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Май » 16 » РАЙОНАЛДА БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУЛ КЪО.
11:15
РАЙОНАЛДА БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУЛ КЪО.

Цебехун жеги бук1инч1еб к1удияб ч1аголъиялда т1обит1ана исана улкаялда 9 маялъул байрам -  гитлерилаб фашизмалда т1аб советияб халкъалъ бергьенлъи босун 70 сон т1убаялъул юбилей. Т1олабго цебет1ураб инсанияталъе г1аммаб кколин гьеб байрамилан абизе бегьула, дунялалъул г1емерисел улкабилъидалха доб рагъулъ г1ахьаллъарал. Гьанжесел цо-цо гьереси тарихчаг1азгун политиказ х1акъикъат бат1айса, ай жидеего данде кколеб рахънибе, сверизабизе х1аракат бахъаниги к1иабилеб дунялалъул рагъ советияб халкъалъе Ват1анияб рагълъун бук1араблъиги, гьеб рагъул аслияб бак1лъи баччараблъун ва тушманасул бет1ер  жиндирго рук1ниб  ч1инт1араблъунги СССР бук1араблъиги бихьизабуна 9 маялъ улкаялъул шагьараздагун росабалъ т1орит1арал байрамалъулал тадбираз.

Добег1ан хут1ич1о гьел тадбираздаса нилъер районги. Бакьагьеч1иса Г1ободе нухлул к1иябго раг1ал ккун нак1к1илги махилги гъут1би ч1ей, К1удияб Ват1анияб рагъдаса руссинч1ел рак1алдещвезариялъе Хунзахъ бараб памятник ц1игьабун къач1ай, рагъдаса вуссинч1ев цоги бах1арчиясул ц1ар росдал къват1алъе кьей, росабазул лъайкьеялъул ва культураялъул г1уц1абазда К1удияб Бергьенлъиялъул х1урматалда т1орит1арал байрамалъулал тадбирал-гьале юбилеялда цересел къояз районалда бук1араб багъа-бачариялъул къокъабго сиях1. Хунзахъ бугеб памятник къач1аялъе  к1удияб х1аракатчилъи бихьазабуна художник Х1асанов Г1абдулагьица. Квачай хинлъиялъухъ, кьерхарал къояхъ балагьич1ого х1алт1ана Г1абдулагь т1аде босараб иш заманалда  лъуг1изабизелъун, х1асил абуни киназулго берда цебе буго, к1очон гьеч1о памятникалда цебе абадияб ц1а бакизецин.

Г1ог1оевазул тухум, районалъул т1алъи росдал бегавул, администрациялъул х1алт1ухъаби, интеллигенциялъул вакилзаби г1ахьаллъараб гьит1инабго данделъиялда хунздерил ц1ияб авалалъул къват1алъе Г1ог1оев Мух1амадил ц1ар кьуна гьал къояз. 20 сон барав г1олохъанчи  рагъ байбихьидал ун вуго Г1ог1оев тушманасдаса эбелаб Ват1ан ц1унизе. 1945 соналъул февралаль моц1алъ бач1анила Мух1амад ч1ванилан хабар. Польшаялда т1аг1анин гурони, киг1ан ц1еханиги вукъараб бак1 лъазе  к1веч1илан бицана гьев валагьизе х1аракат бахъарав Х1ажидадаев Камилица. Балагьун бихье…, къисматалъул кьог1лъи, рагъул ахираб 2 моц1, бащдаб Европаги лъелго мерхьун бит1ун Германиялъул г1орхъуда къокълъараб г1умру. Чан х1орлъараб анищ, т1убач1еб мурад…

9 май исанаги роц1араб кьуна Т1адег1анас нилъее. Г1адатлъун лъугьахъе райадминистрациялъул минаялда цебе данделъула гьеб къоялъ халкъ. Байрамулъалаб рет1а-къай, щивасул  каранда  Георгиясул лента, гьурмазда рохалилаб  к1унч1и, цоцаздехун баркиялъулал раг1аби, сверухълъиялдаго т1ибит1ун рагъул соназул кеч1-бакъан… унго-унголъунги байрамалъулаб байбихьи. Районалъул нухмалъулел, рагъул ветеранал, Республикаялъул Бет1ерасул вакиллъи, Хунзахъ бугеб рагъулаб часталъул г1орхъаби ц1унулел, росабазул бегавулзабигун  зах1маталъул церехъаби, интеллигенция, школлъимал ва цогидалги х1урматиял гьалбал данделъараб колонна г1олилазул къокъаялъ босун унеб Россиялъул  лъабкьераб байрахъалда хадуб Ват1анияб рагъдаса русинч1ел росуцоял рак1алде щвеялъе бараб памятникалъухъе къокъана. Гьанже гурони гьанже доба  кисаялиго хабар лъалилан къваридал пикрабалъ г1анч1иде сверарай эбелалъул сипат, аск1обго борхатаб сиялда т1ад гьаб лах1заталъ гьужумалъ вахъине къач1арав солдат, гьеб мемориалалда цебе  т1угьдулги лъун, минуталъулаб руц1унч1еялдалъун рагъдаса русинч1езул адабги  ва гьезул рух1аздасан дуг1аги гьабун байбихьана байрамалъулаб митинг. Гьебги рагьун баркиялъулаб к1алъай гьабуна районалъул культураялъул отделалъул  нухмалъулей Мух1амадова Ирайгьанатица. Баркиялъулал к1алъаялгун цере рахъана районалъул нухмалъулев  Саг1ид Юсупов, Дагъистаналъул Бет1ерасул вакил, республикаялъул счетнияб палатаялъул  председателасул заместитель Хъазанбиев  Хъазанби, погранотрядалъул командирасул заместитель полковник Сергей  Букашкин, рагъул ва зах1маталъул  ветеран Гьиматов Мух1амадрасул ва цогидалги. Республикаялъул Бет1ерасул, районалъуд нухмалъулесул, росабазул бегавулзабазул «Колакс» г1уц1иялъ ва «Чистое сердце» гурх1ел-рах1маялъул фондалъул г1арцулал сайгъатаздалъун ветераналги к1одо гьарун, байрамалъул х1урматалда пограничниказ кьураб залпалдалъун  къана митинг. Цох1о митингалдалъун лъуг1уларо 9 май. Хадусеб иргаялда  рахуна Г1алаг1арт майданалде. Гьенибги добго митинг, культураялъул х1аракатчаг1азул церерахъиналги, спортивиял къецалги … гьай гьай чуял риччайги. Спорталъул гьеб тайпаялде нилъер гьаниб к1удияб гъира-шавкъги бук1уна, хасго исана, аслияб призалъе к1иго «Нива» автомашина лъун бук1иналъ киназулго к1вар гьелде бусун бук1ана.

Митингалдаса хадуб 1200 метраялъ г1олохъаби рекериялдасан байбихьина спорталъул къецал. Къогог1ан чи г1ахьаллъана гьеб къецалда. Болъихъ районалдаса г1олилас босана ч1ел. Хадусеб иргаялда гьебго манзилалъ ричана чуял, бергьена чу. К1иабилеб заездалда 3 сверут1а рекерраал чуязул ч1ч1алде бач1ана Т1анусиса  Х1усенов  Г1абдулагьил  чу. Къецаздаса хадуб чот1ахъаби к1одо гьарулаго, бергьенлъиялде бугеб гъираялъухъ ва районалъул жамг1ияб г1умруялъулъ гьесул бугеб х1аракаталъухъилан Саг1ид Камиловичас Г1абдулагьие хасаб сайгъат кьуна  райадминистрациялъул ва жиндирго рахъалдасан. 16 чу г1ахьаллъана 7 сверут1а бук1араб заездалда. Гьениб бергьенлъи Лаваша районалдаса Г1алиев Г1умарил чоца босана. 13 чуги г1ахьаллъун т1обит1ана щуго сверул заездги. Жюриялъулги балагьаразулги дагьабго бах1салдаса хадуб гьениб бергьараблъун  Болъихъ районалъул Гъагъалъа Мух1амадов Мух1амадил чу рик1к1ана. Т1аде щвана чуял ричаялда  бергьенлъи босарал чот1ахъаби к1одо гьарулеб лах1зат. Аслияб призалъе лъун бук1араб цояб «Нива» Республикаялъул Бет1ер Рамазан  Г1абдулат1иповасул ц1аралдасан Лавашиса Г1алиев Г1умарие кьуна. Т1адехун рехсовухъе, жюриялъулги балагьаразулги бах1салдаса хадуб к1иабилеб «Ниваялъул» бет1ергьанлъун вахъана Гъагъалъа  Мух1амадов Мух1амад ва нилъер  районцояв , олигарх Зиявудин  Мух1амадовасул ц1аралдасан гьесухъе машинаялъул к1улал кьуна Саг1ид Камилевичас.

Байрамалде Г1алаг1арталде рач1аразда цере рахъана Буйнакск районалъул Х1абщиса Х1асанов Асх1абг1алил г1исинал палугьаби, т1аде рач1аразе пограничниказги наркомасул 100 граммалъулги  котелокалъубе ч1вараб солдатасул  карщидалъунги гьоболлъи гьабуна, рук1ана  руккалаби ккун квана-гьекъолелги ихтилат-кеп гьабулелги.  Къо бакъаниде базег1анги Г1алаг1арталдаса г1адамал т1аг1инч1о, г1ахьаллъаразул рек1елъ халатккун хут1ила исанасеб байрам.

 

Просмотров: 618 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz