Вторник, 07.05.2024, 07:44 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Май » 21 » РАЙОНАЛДА БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУЛ КЪО.
13:26
РАЙОНАЛДА БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУЛ КЪО.

Районалда Бергьенлъиялъул къо

Къуншби хъах1лъаниги бах1арлъи хвеч1еб,

Рохелгун пашманлъи жиндилъ бессараб

Гьале 69 сон сверана миллатал г1емераб улкаялъул гъункиги гучги бихьизабураб, дунялалдаго кверщел гьабизе къасдалда т1аде вач1арав вах1шияв тушманасе кьварун жавабги кьун, т1олабго Европа фашизмалъул квач1икьа эркен гьабураб пачалихъалъул аслияб байрам-9 май к1одо гьабулелдаса. Дагьлъулел руго жидер хадусел г1елазул бук1инеселъе, эбелаб Ват1аналъе г1оло К1удияб Ват1анияб рагъулъ рух1алда барахщич1ого къеркьаразул кьерал. Ч1аго ругезулги г1емерисел рагъда ккараб сакъатлъиялъ унта-щокълъун къват1ире рахъунел гьеч1о. Жакъа районалда рагъул ветераназул 13 чи хут1ун вуго.

Рохалилаб ах1вал-х1алалда, т1адег1анаб даражаялда к1одо гьабуна т1олабго улкаялдаго Бергьенлъиялъул къо. Дол соназ СССРалъул рахъ ккун, бергьенлъи г1агар гьабизе кумек гьабурал улкабазул ветераналги рахъана демонстрациялде. Советиял аскараз фашистазул асирлъудаса эркен гьарурал улкабаздаги рук1ана байрамалъулал данделъаби. СССРалда гъорлъ союзияб республика, вах1шиял г1ашт1ичаг1азул малакь мерхьараб, рагъул ц1ик1к1унисеб кьог1лъиги бух1иги х1ехьезе ккараб Украиналда гьеб байрам гьукъизе къасдал гьаруна исана ц1ияб т1алъиялъ. Гитлер коммунистаздаса, Сталинидаса Украина эркен гьабизе вач1ун вук1анила, Ват1анияб рагъ жидее к1иабилеб дунялалъул рагъ кколилан история хисизабизе къеркьолел руго гьанже гьел, фашизмаялъул вах1шилъи бах1арчилъиялда х1ехьараб халкъалъул «ирсилал». Амма заманалъ кинабго рук1алида лъела, г1одосанго вацлъиялъулаб улкаялдаги рит1ухълъи бергьина. Араб г1асруялъул 60 соназ, ай 1964 соналъ байбихьун буго районалда К1удияб Бергьенлъиялъул байрам к1одо гьабизе. Гьелдаса нахъе 50 соналъ гьоркьоса къот1ич1ого т1обит1улеб буго к1удиязеги гьит1иназеги г1аммаб, рохалилаб байрам Хунзахъ т1алъиялда. Исанисеб, юбилейниябги ана рохалилаб ах1вал-х1алалда, киналго г1ахьаллъарал разилъиледухъ. Цересел соназго г1адин байрам къоялда цебе районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповасул нухмалъиялда гъоркь бат1и-бат1иял г1уц1абазул нухмалъулел, жавабиял г1адамал исанаги щвана ветераназухъе. Мах1ачхъалаялда гьел ана Моч1охъа Мажидов Мух1амадихъе, Хунзахъа Мирзаг1алиев Мух1умирзахъе, Буйнакскалда-Сивухъа Мух1амадов Сайгидмух1амадихъе, Лъаг1илухъа Мусаев Шайхг1алихъе раккизе. Гьениса т1адрусут1а щвана Бакьагьеч1иса Х1айдарбеков Хъазамихъе раккизеги. Гьениб къокъаялъул г1ахьалчи-районалъул ветераназул советалъул председатель Г1алих1ажиев Г1абдулат1ипица бицана «Сулахъэнерго» , «РусГидро» токалъул компаниязул нухмалъулел Х1амзатов Тимурида, Г1алиев Нурмух1амадида, «Чистое сердце» гурх1ел-рах1муялъул фондалда ва цогидал г1уц1абаздаги нуж к1очон гьеч1ила, гьезул рахъалъги сайгъатал рук1ине ругилан.

Лъик1аб г1адатлъун лъугьун буго районалда Бергьенлъиялъул байрамалда цересел къояз росабазул командабазда гьоркьоб спортивиял къецал т1орит1и. 7-8 росдал командаги г1ахьаллъун маялъул авалалда Хунзахъ спорткомплексалда т1обит1ана Россиялъул Бах1арчи Х1ажиев Х1айдарханил призалъе г1оло волейболалъул турнир. 5-6 маялъ Т1ануси «Факел» спорткомплексалдаги т1обит1ана г1олилазда гьоркьосеб «Кубок четырех» волейболалъул турнир. 9 маялъул радал г1уж, ахираб заманалда бук1инч1еб роц1араб гьава-бакъ, т1абиг1аталъго квер бакъулеб бук1ана районалда Бергьенлъиялъул къо г1уц1адго иналъе, г1ахьаллъаразе лъик1аб х1ухьбахъи щвеялъе. Кидаго г1адин райадминистрациялъул минаялда цебе данделъараб бат1и-бат1иял г1уц1абазул х1алт1ухъабазул, районалъул интеллигенциялъул, школлъималазул колонна Хунзахъ Ват1анияб рагъда т1аг1арал рак1алде щвеялъе бараб памятникалда цере къокъана. Рохалилаб митингги рагьун гьелъул г1ахьалчаг1аздехун баркиялъулаб к1алъай гьабуна районалъул культураялъул управлениялъул нухмалъулей Мух1амадова Ирайгьанатица. К1алъазе рахъарал райадминистрациялъул бет1ер С. Юсуповас, погранотрядалъул командир С. Ниценкоца, республикаялъул т1алъиялъул вакил Халкъияб Собраниялъул депутат М. Г1арациловас, ДРялъул х1укуматалъул Счетнияб Палатаялъул председателасул заместитель, нилъер районцояв Хъ. Хъазанбиевас, ветераназул советалъул председатель Г1. Г1алих1ажиевас ва цогидазги ветераназда, киналго демонстрациялда г1ахьаллъаразда байрам баркана, хадусел г1елазул гвангъараб бук1инеселъе г1оло рух1алда барахщич1ого къеркьарал, кьалул майданалда абадиялъе къанщарал бах1арзал даимаб рецалъе мустах1икъал рук1ин загьир гьабуна. Рагъулал рак1алдещвеялгун, т1алъиялъ жидерго гьабулеб бугеб т1алаб-агъазалъухъ баркала кьун к1алъана Хунзахъа жидеего бокьун фронталде аразул цояв Гьиматов Мух1амадрасул. Рагъдаса русинч1ел бах1арзазул рух1аздасан дуг1а гьабуна доброволец Г1алибегов Г1усманица.

Митингалдаса хадуб ветеранал данделъана райадминистрациялда. Гьениб нак1к1ил гъут1бузул раг1дукь нахъеги т1аде щвараб байрамги баркун Саг1ид Юсуповас райадминистрациялъул рахъалъан 15000 гъурущ, Дагъистаналъул бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповасул рахъалъан республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Мух1амадхан Г1арациловас 20000 гъурущ, «РусГидро», «Сулахъэнерго» компаниязул вакилзаби Х1амзатов Мух1амадица, Къебедов Х1ассаница-анц1 аза-азар гъурущ г1арцулал сайгъатал кьуна. К1очон теч1о гьел погранотрядалъулаздаги. Баркулезда гьоркьовги г1ахьаллъун отрядалъул командир, полковник Сергей Ниценкоцаги кьуна ветераназул щивасе баркиялъулал адресалги къиматал сайгъаталги. Хунзахъ росдал бегавул Т1алх1атов Хизрилги бук1ана гьениб г1ахьаллъи, жидерго администрациялде гьоркьоре кколел росабалъа 6 рагъул г1ахьалчиясе кьуна гьес г1арцулал сайгъатал. Рук1ана цересел къоязго ветераназухъе щварал г1уц1абазул вакилзабиги. Масала, «Чистое сердце» гурх1ел-рах1муялъул фонд, районалъул ЦСОН, ЦСПСД г1адал ва цогидалги г1уц1аби. Жидерго ресалда рекъараб адаб-х1урмат гьабуна Ват1анияб рагъда г1ахьаллъаразул гьел киназго.

Абизе бегьула, нилъер гьаниб 9 маялъул байрамалъул ц1ик1к1арасеб бут1а Г1алаг1арт майданалда унилан. Гьениб К1удияб Бергьенлъиялъул х1урматалда т1обит1улеб митингги рагьун баркиялъулаб к1алъай гьабуна райадминистрациялъул бет1ерасул заместитель Г1абдуразакъов Асадг1алица. Баркиялъулал к1алъаялгун цере рахъана районалъул нухмалъулел, х1урматиял гьалбал.

Спортивиял къецал, культураялъул х1аракатчаг1азул ва Харахьиса Г1алибегов Мух1амадил палугьабазул ансамблялъул церерахъинал. Гьеб киналъго хасаб берцинлъи кьолеб бук1ана байрамалъулаб дандеруссиналъе. Кинаб 9 майха Г1алаг1арталда чуялги риччач1ого унеб? Г1уц1адго гьеб тадбир т1обит1иялъул иш т1аде босула районалъул ветуправлениялъул х1алт1ухъабаз. Бергьаразе горал, г1арцулал сайгъатал кинабго х1исабалде босун бук1ана призалъул фондалда.

Кидаго г1адин байбихьана 7 сверут1а риччалел чуяздасан. Х1алуцараб бук1ана т1оцебесеб забег. Х1алуцинаребги кинха, бергьаразе «Лада приора» машина щвезе рес бугелъул. 12 чу бач1ана старталде. «Байкь» СПКялъул ц1аралдасан биччалеб Лампас, Бакьагьеч1иса Гъазиев Бадрудинил (Борис) Шах г1адал ва цогидалги къуватал чуял рук1ана рекеризе. Райадминистрациялъул ц1аралдасанги бук1ана т1оцебесеб забегалда 2 чу. 7 километралдасаги ц1ик1к1ун манзилги нахъа тун, т1оцебе ч1алт1е бач1ана «Байкь» СПКялъул ц1аралда биччалеб Лампас. Чемпионасул горгун, «Лада приораялъул» к1улалгун, чот1ахъабазда гьоркьов ригьалъ бищун гьит1инав чемпион-чачанасда бергьенлъи баркана райадминистрациялъул бет1ер Саг1ид Юсуповас.

К1иабилеб забегалдаги старталде бач1ана 10 чу. Щуго свери нахъа тезе кколаан гьез. Гьенирги рук1ана «Стелла» СПКялъул, Хунзахъ росдал ва цогидазулги къуватал чуял. Гьеб забегалда «Стелла» СПКялъе бит1 ккана. Гьелъул Бархан ва Бодрый чуязе 1-2 бак1ал щвана. Лъабабилеб бак1 хунздерил Максимумалъ ккуна. К1иабилеб забегалда призалъул фондалъ сайгъаталъе бихьизабураб 50-30-20 азарго гъурущ бет1ергьабазухъе кьуна республикаялъул х1укуматалъул Счетнияб Палатаялъул председатель Хъазанбиев Хъазанбица.

Анц1го чу бекерана лъабго сверут1а лъабабилеб забегалда. Т1оцебесеб бак1 гьениб Кизилюрт районалъул Гелбахъалдаса Лотосалъ босана, к1иабилеб бак1 ккуна Бакьагьеч1иса Гъазиев Бадрудинил Золотой чоца, лъабабилеб бак1ги Кизилюрталдаса Хартуние щвана. Чот1ахъабазе 50-30-20 азарго гъурущалъул сайгъатал кьуна предприниматель Мух1умаев Мух1амадица. Ункъабилеб забегалда бекерараб 8 чуялъул т1оцебе ч1алт1е бач1ана Болъихъ районалъул Шодродаса Шаг1банов Зайнудинил Ураган, гьелъиеги щвана 20 азарго гъурущ г1арцулаб сайгъат. Щуабилеб забегалда риччана бак1алъулал чуял гьениб т1оцебесеб бак1 Гъонохъа Г1арабов Мух1амадил чоца ккуна.

Спортивиял къецаздасан цоги рак1алда ч1олеблъун бук1ина бихьиназда гьоркьоб рекери. Ц1умадаса Х1асанов Г1убайдула вач1ана т1оцеве ч1алт1е, к1иабилев ккана Ансалт1аса Х1айдарбегов Х1ажи, лъабабилеб бак1 щвана Бакьагьеч1иса Муслимов Ярагъие. Гьеб киналдасаго хадубги бук1ана ветераназул х1урматалда ах1улеб кеч1-бакъанги сух1мат-кепги. Т1адеялъулги гьоркьоса чи камич1ого данделъизе мурадгун риххана Г1алаг1арталдаса г1адамал рукъ-рукъалде.

Расул Х1амзатов.          













 

Просмотров: 1014 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz