Воскресенье, 19.05.2024, 16:01 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Апрель » 3 » РАГЪУЛ СОНАЗУЛ РУЧЧАБИ.
21:35
РАГЪУЛ СОНАЗУЛ РУЧЧАБИ.

Дир эбел йик1ана муг1алимлъиялдаса ва улкаялде бугеб рокьудаса х1ал хьоларей г1адан

Гьале т1аде г1унт1улеб буго фашистазда т1ад нилъер улкаялъ бергьенлъи босиялъул 70 сон т1убаялъул к1удияб байрам. Гьеб бергьенлъиялъул къо кидаго роххалида т1обит1улаан дир эбел Х1айбулаева Пат1иматзагьраица. Жийго, эбел-эмен, вац—яц г1ахьаллъич1ониги, гьей кколаан рагъул г1ахьалчиясда бащадаб даражаялъул ветеран. 1941 соналъ эбел йик1ана 12 сон бараб лъимер, жиндаго цадахъ ц1алулел рук1арал классцоял  ц1алдохъабигун цадахъ, анкьго класс гурого лъуг1ич1ей гьей къокъал педагогазул курсаздаса хадуй х1алт1изе  т1амуна  рагъде арал учительзабазул бак1алда учительницалъун. Х1алт1ана эбел Гъоркьколо, Сивухъ, Г1ахьалч1и ва г1агараб Г1обода росулъ. Кинабниги гьелъ учителасул рукь ккуна 48 халатал соназ. Санайил эбел лъимер г1адин йоххулаан бергьенлъи баркун х1укуматалъул Бет1ерас  кагъат бач1индал, юбилеялъулал шапакъатал рач1индал. Исана 10 марталъ къокъидго ч1вараб унтиялдалъун ниж рат1алъана хирияй эбелалдаса. Гьелъ балеб бук1ана г1умрудул 86 сон.

Жиндирго х1алт1ул халатал саназ гьей йик1ана к1вах1 гьеч1ей, лъимал рокьулей, х1алт1удаса х1ал хьоларей г1аданлъун. Радал школалда х1алт1ун, къаси вечерниял-заочниял школабазда  х1алт1ун. Гьоркьоб гьат1ан къоялъ рокъоре ах1унги лъимада дарс т1оккинабулаан эбелалъ. Гьит1инаб лъимадул рак1алде щвеялда дида гьей цее ч1ола дарсиде х1адурулей, планал хъвалей, тетрадазул проверка гьабулей, карточкаби х1адурулей. Х1алт1удаса г1одой ч1аниги эбелалъул рак1 школалда бук1ана. Дун школалдасан гьелъухъе сверидал эбелалъе бокьулаан дир сумкиние яккун лъималазул тетрадал рихьизе, дида малъа-хъваял гьаризе. Эбелалъ абулаан воре, къот1нор данде ч1ван, улбузде  лъималазул г1арз бахъуге, гьезул рак1ал  лъукъиледухъ к1алъаге. Кинабго рахъ квешав инсан вук1унаро, лъик1ал рахъал рицун рази гьаре цин, школалде, собраниялде рач1арал умумузда  киназдаго цебе лъималазул г1унгут1и бицунге, сабуралда к1алъай. Эбелалъ школа тун ун бук1ана 25-26 сон, амма гьаб жакъаги гьей лъик1ай муг1алим йик1анин абулев гурев гьелъул ц1алдохъан дида данде ч1вач1о.

Эбел йик1ана унго-унгояй ват1аналъул патриот, херай йик1аниги рит1ухълъиялъе гурони гьелъ раг1и бицунароан. Нилъер х1укуматалда кколеб бугеб лъик1аб-квешалъги гьелъие к1удияб асар гьабулаан. Гьит1инаб мехалъ нижее эбелалъ г1емер бицунаан рагъул заманалъул, гьеб заманалъ г1адамазул яшавалъул, зах1малъабазул. Доб рагъул заманалъ ц1алиг1аги щай бук1араб, рагъ лъуг1изег1ан гьеб гьоркьоб къот1изе бегьулароанищан гьикъидал, эбелалъ абуна бегьуларин. Х1укуматалъул къуват ц1ик1к1иналъе ц1алул къимат бук1анин. Гьоркьоб къот1и гьеч1ого киналго учреждениял х1алт1и – тушманасе рек1елъ ч1валеб маг1 г1адинаб жо бук1анин. Школабиги къан къват1ал тирулел ункъго-щуго соналъ ругел лъималаз х1укуматалъул бук1инесеб кин г1уц1изе бук1араб? Г1ун бач1унеб г1елалда дун гурх1улин абулаан эбелалъ. Гьел дир заманалъул лъималаздаса ц1одо-бег1ерал, сундаго хадур г1унт1арал ругин, амма гьезул гьеч1ин цоцаде унго-унгояб гьуинлъи, к1удиязде адаб-хъатир, бихьич1о гьезда ракъи-къеч, лъач1о гьезда х1алт1ул зах1малъаби. Нагагь зах1малъиялде ккани, гьезие бигьаго бук1ине гьеч1о. Телефоназ, компьютераз гьезул заман бахъулеб буго. Гьезул г1умру хехго, рек1еда ратилалде унеб буго, рак1алде щвеялъе бицине гьезул г1емер жо бук1ине гьеч1о. Эбелалъул бицун х1ал хьолеб жо бук1унаро. Дир эбелалъул ригьалде рахарал рук1аги нилъги нилъер  лъималги. Аллагь разияв, Алжан насибайлъун ятаги мун, дир хирияй эбел. Дуда хадур нижерги  рух1ал иманалда росаги. Амин!

Х1абулаева Умагьани, Г1обода гьоркьохъеб школа.

 

Просмотров: 529 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz