11 декабралъ райадминистрациялъул данделъабазул залалда
т1обит1ана «Дагъистан республикаялъул президентасул проектал г1умруялде» абураб
семинар-совещание. Республикаялъул к1варалъул гьеб тадбиралда г1ахьаллъана
ДРялъул президентасул ва Х1укуматалъул администрациялъул нухмалъулесул
заместитель Артур Исрапилов. Гьебго аппараталъул жанисеб политикаялъул ва
территориалияб цебет1еялъул управлениялъул начальник Мавлидин Маликов, Халкъияб
Собраниялъул миллиял гьоркьорлъабазул ва жамг1иялгун диниял г1уц1абазул ишазул
рахъалъ нумалъулев Камил Давдиев, ДРялъул г1олилазул ишазул рахъалъ
комитеталъул председатель Заур Къурбанов, министерствазул ва ведомствазул
вакилзаби, мадугьалихъ районазул нухмалъулел.
Абизе ккола гьаб семинар-совещание республикаялдаго т1оцебе
нилъер гьаниб т1обит1улеб бугилан ва гьединалго тадбирал Дербенталда,
Мах1ачхъалаялда, Буйнакскалда, Кизляралда т1орит1изе х1исабалде босун
бугиланги. Данделъи рагьарав Артур Исрапиловас семинаралъул г1ахьалчаг1азе баян
гьабуна «Обеление экономики», «Эффективный АПК», «Человеческий капитал»
проектазул цо-цо х1асилазул, хадубккунги гьел проектал г1умруялде рахъинариялъе
нухалги ресалги рихьизарун т1обит1изе бугин семинарилан.
Гьел проектал г1уц1иялда т1ад х1алт1анила т1адег1анаб
махщалил специалистал ва гьез гъорлъе бачунила Дагъистан ч1аго гьабиялъе
квербакъулел киналго рахъал бак1алъулаб самоуправлениялъул ва пачалихъияб
нухмалъиялъул т1убанго ц1ияб къаг1ида кколила гьебилан бицана докладчияс
жиндирго к1алъаялда. Т1адехун рехсарал проектазда рекъон цо къадаралъул х1алт1и
гьабунила ва разиял х1асилалги кканилан абуна гьес. Амма, т1убанго гьел
г1умруялде рахъинаризе ккани х1ажат бугила х1аракатаб ведомствабазда гьоркьосеб
цадахъ рекъон х1алт1и.
«Обеление экономики» проекталъул, ай республикаялъул
жакъасеб экономикаялъул бицун к1алъана ДРялъул экономикаялъул ва территориалияб
цебет1еялъул министрасул заместитель Николай Чичварин. Жиндирго к1алъаялда гьес
бихьизабуна Дагъистаналъул муг1рузул районазул г1емерисез жидедаго цере лъурал
масъалаби т1уралел ругилан. Г1емерисел районазда т1уран ругила налогал рак1ари,
гьелъие цо рахъалъул квербакъи щванила бюджеталъулал г1уц1абазул х1алт1ухъабазе
мухь ц1ик1к1иналъ, жакъа гьанир г1ахьаллъулел анц1ила цо районалъ физическиял
лицабаздаса кьолел налогал рак1арун ругилан бихьизабуна гьес.
«Эффективный АПК» проекталъул бицун к1алъарав республикаялъул
росдал маг1ишаталъул министрасул т1оцевесев заместитель Шамил Бах1арчиевас
бицана «хъизамалъулал фермаби», рахь къач1алел ва х1ан гьабулел г1исинал
заводал ралел, пихъил консервал гьарулел цехал г1уц1улел рук1иналъул ва гьел
х1алт1абазул ц1ик1к1арасеб къадар исанисеб лъаг1ел лъуг1илалде къабул гьаризе
ругилан.
Г1адамазул сахлъи ц1униялда бугеб ах1вал-х1алалъул бицун
к1алъана сахлъи ц1униялъул министрасул заместитель Фейзулагь Х1абибулаев.
Семинаралъул к1иабилеб бут1а ана республикаялъул т1алъиялъул вакилзабаздаги
гьелда г1ахьаллъарал районазул нухмалъулездаги гьоркьоб рак1 рагьараб
гара-ч1вариялда. К1алъаял гьаруна Хунзахъ, Ч1арада, Ц1унт1а, Кули, Гъуниб
районазул ва Бежт1а участкаялъул нухмалъулез. Гьеб ана рагьараб, цоцазда
рич1иялъул ва г1ахьаллъаразе пайдаяб ах1вал-х1алалда.
|