Исана улкаялдаго маданияталъул сонлъун лъазабураб 2014 соналъ «баракаталъулал гъонолъ лъунин» абизе бегьула районалъул нухмалъулев Саг1ид Камильевич Юсуповас ниж, культураялъул учреждениязулгун библиотекабазул х1алт1ухъаби. Райцентралде щваравщинасда бихьун батила культураялъул к1алг1а къач1алеб бугеб куц, гьелда цебе гьабулеб бугеб Х1ажимурадил парк, райцентралда г1уц1улеб бугеб рац1а-ракъалъигун берцинлъи. Щибаб къойил к1иц1усаниги щола Саг1ид культураялъул к1алг1а къач1аялъул х1алт1аби унел ругеб куц бихьизе, х1алт1ухъабазе къвариг1араб-тараб ц1ехезе. К1оченч1о гьесда росабалъ ругел культураялъул учреждениялгун библиотекабиги. Чанго росулъ къач1ана ва къач1алел руго библиотекаби ва клубал, гьеч1о нижер бут1аялда Саг1ид Камильевич щвеч1ого хут1араб цониги г1уц1иги (гьаб бак1алдаго баркалаялъе мустах1икъав вуго хехаб къаг1идаялда Мущули библиотека къач1аялъе тадбирал гьарурав гьезул бегавул М. Лабазановги). Райцентралъул ва росабазул культураялъул х1алт1ухъаби ц1акъго разиго руго Юсуповасул байбихьиялдаса, гьесул ишалъулал галабаздаса. Рохизаруна ниж, библиотекаялъулал профессионалияб байрамкъоялъги. Лъик1аб х1ухьбахъиги х1алт1ул церехъаби к1одо гьариги сайгъат гьабуна нижее районалъул нухмалъиялъги, культураялъул управлениялъги, РДНТялъги гьеб къоялъ (к1удияб баркала Саг1ид Камильевичасе, Ирайгьанат Мух1амадовалъе, Хатимат Т1алх1атовалъе,гьелъул х1алт1ухъабазе ва мажлис берцинго бачарай нижер ц1алдолей Зульфия Нурмух1амадовалъе). Байрамалда г1ахьаллъизе к1веч1езда гьеб баркизе библиотекаялда т1адеги вахана районалъул нухмалъулевги администрациялъул вакилзабиги гьеб къоялъ. Ц1ехана х1ажатаб, бицана рак1 батулеб раг1и. Нижг1ан Аллагьги разилъаги Саг1идидаса ва гьесул х1алт1удаса!
Бак1 ккун бук1аго, рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабизе бокьун буго нижер китабханаялъул кидагосел ц1алдолел ва кумекалъе ратулел райгазеталъул редактор Ф. Мух1амадовалъе (гьелъ редакциялъ къват1ире риччанщинал юбилейниял газеталгун журналал гьоркьор теч1ого, кидаго сайгъат гьарула нижер филиалазе) ва республикаялъул бет1ерасул пресс-хъулухъалъул х1алт1ухъан Маржана Г1умаровалъе.
Газеталъул редакторалъ къват1ибе бач1араб жиндирго «Т1угьдул» абураб т1ехьалъул чанго экземпляр сайгъат гьабуна нижее. Р. Г1абдулат1иповас хъван къват1ире рач1анщинал т1ахьазул г1езег1анго къадар бит1ун бач1ана Маржанацаги. Баркала, сахаватал ясал, нижер читательзаби, гьеб гьабураб кумекалъухъги, таги нуж рохун абадиялъ.
PS.Цойги к1удияб гьари буго кинабго бич1ч1улеб районалъул нухмалъиялдехун, рес батани, редакция бук1араб бак1алде, администрациялде бахъинабеян. Подпискаялъул рахъалъги,х1ажатаб информациялда,кумекалда хадур иналъеги гьел аск1ор рук1иналъ санаг1алъи бук1ана нижеего(лъаларо цойгидазул иш)
Библиотекаялъул х1алт1ул кумекалъе ратулел киназего, районалъул бет1ерасдаса байбихьун сахаб, анищал т1урараб г1умруги гьарулаго районалъул централияб библиотекаялъул ва росабалъ ругел гьелъул филиалазул х1алт1ухъабазул рахъалдасан хъвана П.ГЬИМАТОВАЛЪ
|