1-2 июналда Ц1ада росулъ т1обит1ана Х1ажи Къурамух1амадов рак1алде щвезавиялъул мурадалда районазда гьоркьосеб волейболалъул турнир. Исана гьеб т1обит1улеб бук1ана 11 нухалда. Гьеб г1уц1изе спонсорлъи гьабуна «Возрождение банкалъ». Исанасеб турниралда г1ахьаллъи гьабуна кинабниги щуго командаялъ. Турнир рагьулаго к1алъазе вахъарав районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас гьелъул г1ахьалчаг1азе саламги кьун киназдаго баркана х1аязда г1ахьаллъи гьабизе рес щвей, бицана районалда спорт цебет1еялъе гьабулеб бугеб х1алт1ул ва г1ун бач1унеб г1ел ах1ана гьекъел-мехтелалдаса хъалиян ц1аялдаса ва цогидалги заралиял пишабаздаса рик1к1адги ч1ун сахабгун спортивияб г1умруялда т1ад ч1езе. Гьединго жидерго к1алъаял гьаруна г1уц1иялъулаб комитеталъулпредседатель Ах1мадов Патах1ица, районалъул ва республикаялъул муг1рузулал районазул волейболалъул федерациялъул президент Ах1мадов Мух1амадица ва цогидазги. Турнир рагьи берцин гьабун бук1ана Расул Г1амирхановас ругьун гьарурал гьит1инал акробатазул церерахъиналъги. Хадуб байбихьана х1аязде. Регламенталда рекъон, щибаб команда х1азе кколаан турниралъул киналго г1ахьалчаг1игун. Гьедин х1алуцарал х1аязул х1асилалда киналго командабазда т1ад бергьенлъиги босун чемпионлъун бахъана Хунзахъ районалъул команда. К1иабилеб бак1 щвана Шамил районалъул волейболистазе, лъабабилеб бак1алде бач1ана ц1игьулдерил росдал команда. Бергьараб ва призалъулал бак1ал ккурал командабазе кьуна кубок, г1арцулал сайгъатал ва дандрекъон кколеб даражаялъул дипломалгун медалалги. Гьединго хасал сайгъатаздалъун к1одо гьаруна щибаб номинациялъул ч1ел босарал игрокалги. Бищун лъик1ав игрок-Х1усенов Шамил (Хунзахъ); бищун лъик1ав нападающий-Гъаирбегов Гьит1ин (Ц1ада); бищун лъик1ав распасовщик-Г1алиев Г1алимух1амад (Шамил). Балагьаразул рак1ал асир гьариялъул призал щвана Унсоколо районалъул волейболистал Мух1амадов Адамие ва Къут1будинов Шамилие.
И. Мух1амадов.
|