22 февралалда Хунзахъ т1обит1ана «Нилъер участковый» абураб форум. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна райадминистрациялъул, ихтиярал ц1унулел идарабазул вакилзабаз, росабазул бегавулзабаз, бак1азда ругел участковыяз ва цогидалги мурадцоял г1адамаз. Форум т1обит1иялъе г1илла бук1ана участковиязул х1алт1ул рахъи ц1ик1к1инаби ва гьездаги халкъалдаги гьоркьоб щулияб бухьен бук1инаби.
Данделъиялда к1алъазе вахъарав районалъул бет1ерасул х1инкъи гьеч1олъиялъул рахъалъ заместитель Х1амид Гьит1иновас бицана жакъа к1удияб к1вар кьезе кколин участковиязул х1алт1удеян. Участковый вук1ине кколин жиндирго иш мух1канго лъалев х1алт1ухъанлъун гуревги маслиг1ат гьабизе лъалев лъик1ав инсанлъунгиян. Цо-цо мехалда, хасго рик1к1ада ругел росабалъ гьев кколила халкъалъул къвариг1ел т1убазе кколев т1алъиялъул вакиллъунги. Росабазул бегавулзабазда абуна участковиялгун цадахъ х1алт1ейин ва гьезие бажарарал шарт1ал г1уц1изеги х1аракат бахъеян. Гьединго Х1амид Мух1амадовичас к1вар буссинабуна дружинниказул къукъаби г1уц1иялдеги. Абуна районалда цох1о Уздалросулъ гурого, бат1иял росабалъ гьезул х1алт1и бук1ине кколеб даражаялда г1уц1ун гьеч1илан.
Жанисел ишазул райотделалъул нухмалъулесул ишал т1уралев Мух1амад Мух1амадовасул к1алъай бук1ана жидерго г1уц1иялъ араб соналъ гьабураб х1алт1уда хурхараб.
Дагъистаналъул муфтияталъул просвещениялъул отделалъул Хунзахъ районалда вугев вакил Мух1амад Нурмух1амадовас бихьизабуна динияб идараялъ халкъалда гьоркьоб гьабулеб бугеб бич1ч1икьеялъул х1алт1ул х1асил рахъи кколеблъун бук1ин.
Районалъул жамг1ияб палатаялъул председатель, республикаялъул жамг1ияб палатаялъул член Раисат Г1усмановалъ бицана жакъа участковиязул х1алт1ул бугеб к1варалъул. Рехсана гьаб ахираб заманалда жинда сверухъ ах1и-х1ур бахъун бугел, х1инкъи ц1ик1к1арал «Синий кит», «Тихий дом» г1адал х1аязулги. Эбел-эмен ва учительзаби ах1ана лъималазда хадуб бербалагьи ц1ик1к1инабизе. Гьединго абуна цебе советияб заманалдаг1адин пионеразул х1алт1и ч1аго гьабунани лъик1аб бук1инаанилан.
Райадминистрациялъул юрист Г1абдулаев Х1асаница жиндирго к1алъаялда бицана г1олилал экстремизмалде гъорлъе иналъул аслияб г1илла бугин халкъалъул социалияб рахъ гьеч1олъи. –Гьеч1о х1алт1улал бак1ал, ругелги къалел руго, гьединго гьеч1о советияб заманалъг1адаб киназего г1аммаб цо ккураб идеология, гьелъги квербакъулеб буго г1олилал мекъаб нухде ккеялъеян абуна гьес.
Данделъиялъул ахиралда х1алт1улъ лъик1ал х1асилал рихьизарурал полициялъул х1алт1ухъабазе шапакъатал кьуна ва рак1алде щвеялъе сураталги рахъана.
И. Мух1амадов
|