Вторник, 07.05.2024, 20:49 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Май » 21 » НИЛЪЕР Г1АДАМАЛ «КАВКАЗАЛЪУЛ АСИР»
12:43
НИЛЪЕР Г1АДАМАЛ «КАВКАЗАЛЪУЛ АСИР»

К1удияб бут1а лъуна г1урус учителас дол рик1к1адал рагъда хадусел соназ улкаялда лъай борхизабиялъул х1алт1улъ. Гьанжего-гьанже педтехникум, институт лъуг1арал г1олилал, хасго ясал рит1улел рук1ана Совет союзалъул бищунго рик1к1адал, нахъе ккарал бак1азде г1ун бач1унеб г1елалъе тарбиягун лъай кьезе. Гьезул цо бут1а бач1ана Дагъистаналдеги. Рач1ана цоял рак1алъ ах1унги цогиял жидее бихьизабурал заманалъги х1алт1ун г1агараб гъанситухъе-эбел-инсул рокъоре т1адруссинелъунги. Бат1а-бат1айса ккана гьезул къисмат. Т1адаб заманалъги х1алт1ун т1адруссаралги ккана, ккана абадиялъего гьанир хут1аралги.

1947 сон. Воронеж областалъул Бобровскиясул педучилищеялда унел руго г1олохъанал учительзаби къват1ире риччаялъул пачалихъиял экзаменал, хадубго выпускной бал. Т1аде щвана выпускникал Союзалъул бищунго рик1к1адал, нахъе ккарал бак1азде рикьулеб къоги. Ясазул гьит1инабго къокъагун Евдокия Трутневалъе направление кьуна Дагъистаналде. Мах1ги бигьаго бук1инч1о эбел-эменги, вацал-яцалги, г1агараб рукъги рехун тун жеги бихьич1еб бак1алде, лъазего лъаларел г1адамазда гъорлъе яхъине гьанжего-гьанже г1овул г1ужалде яхарай г1олилалъе.

-Дуца, дир яс, лъималазе лъай кье, хадубккун гьездаса мунго ч1ух1изе бегьуледухъ,- ан насих1абгун т1ойит1ана инсуца яс рик1к1адаб сапаралъ. К1удияб адаб-х1урматгун данд ч1вана Дагъистаналъул лъайкьеялъул министерствалда г1олохъанал педагогалгун. Гьенисаги рикьа-къот1и…

1944 сон. Ват1анияб рагъулъ г1ахьаллъи гьеч1ин, г1ахьаллъаралги гьениса лъутулел ругин, рохьахъ, мег1ер-г1алахалда рахчарун хъачагълъиялда ругилан чачанал Сибиралде рит1ула, гьезул ракь Дагъистаналъухъе кьола. Чачаналде гочинарула республикаялъул цо-цо муг1рузул районазул, гьездаго гъорлъ нилъер районалъул К1ахъ, Ч1ондокь, Моч1охъ ва Гьарадерихъ росабиги. Ритляб районалъул Цегордали росулъе ккола к1ахъиял, гьение анкьго сонил школалде яч1уна Евдокия Васильевна Трутневаги.

Жеги бихьич1еб, лъалареб бак1, бат1иял г1адамал, бат1ияб г1амал-хасият, г1одоб ч1абар гьабураб т1уцаб рукъ, канлъукъабго нартичирахъ, я жидеда бицунеб яги гьез жинда абулеб бич1ч1уларел бат1ияб миллаталъул лъимал,..зах1матал шарт1азда байбихьана Евдокияца жиндирго х1алт1уде. Ана замана, сверана сонал, кунч1и рик1к1аде бихьулин абухъе, дагь-дагьккун кунч1ана, щулалъана гьезул гьоркьорлъаби. Кват1ич1ого Евдокияда лъималаз нижер Дуся,- ян абизе лъугьана. Ч1ах1иязда гьоркьойги жидерайголъун лъугьана къокъидаго. Г1адамазда гьоркьой йик1а-яхъине лъаялъги хехго дандиязулгун г1аммаб мац1 батизе ва к1удиясдаги гьит1инасдаги г1амал рекъезабизе бажариялъги гьей росулъго йижарай жидерго яслъун лъугьана киназего.

-Лъималазул ц1алудехун бугеб рокьиялъги, гьезул бажари, х1аракаталъги жинда байбихьуда дандч1валел рук1арал зах1малъаби к1очонарулаанила. Школалда ратанила лъик1аб лъайги бажариги бугел муг1алимзаби, гьезул х1албихьиялдаса пайдаги босанилан абулаан Евдокия Васильевнаялъ жиндирго х1алт1ул бицунаго.

Къисматалъул хъваялдаса рорч1изе бак1 бук1унаро. Бихьизабураб заманалъги х1алт1ун къокъидго жиндирго эбел-инсухъе т1адюссинелъун Дагъистаналде яч1арай Трутнева г1умруялъго гьаний хут1ана «Кавказалъул асирлъун». Асирлъуда лагълъун гурейха, (гьедин ялъаргъунаанила цадахъ х1алт1араз) байбихьудасанго школалда учительлъун х1алт1улев ватарав Х1асанов Малах1илгун бухьинабуна гьелъ жиндирго хадусеб г1умру-талих1аб, берцинаб 47 сон. Гьез тарбия-лъай кьун г1езаруна лъабго лъимал-к1иго васги цо ясги. Лъабазего щвана т1адег1анаб лъай. Эбелалъул нух т1аса бищарай Людмила ккола Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалъул г1урус мац1алъул ва литератураялъул учительница. Школалъул ва районалъул лъик1ал учительзабазул кьералъ йиго гьей. Рик1к1адаб Дагъистаналда йигониги г1агарлъиялдаса т1ун ч1еч1о Евдокия Васильевна. Риидалил каникулазул заманалда унаан лъималгун эбел-инсухъе, вац-яцазухъе щвезе, гьезул къварилъи-г1ат1илъиги г1ахьал гьабулаан.

1957 соналъ Чачаналдаса т1адруссиндал Евдокия Васильевна т1амуна Х1ариколо анкьго сонил школалде учительницалъун. 1963 соналъ гьезул хъизан Г1аранибе гочана, Евдокия Х1асанова гьениб школа-интернаталда байбихьул классазул учительницалъун х1алт1ана. Нилъеда гъорлъ йигейг1ан заманалъ гьелъ х1аракат бахъана маг1арулалъул хасият жиндилъго куцазеги гьеб ц1унизеги, рокьулаан нилъер г1адамал, г1адатал, къварилъи-г1ат1илъи ккаралъуб кумекалъеги ятулаан. Гьелъие ц1акъ рокьулаан кьибил-тухум, г1ага-божарал. Нилъер руччабаздаса нахъе ккеч1ого гьабулаан рукъалъул х1алт1иги, яхъунаан хур-хералъул х1алт1удеги, бук1ана боц1и-панзги. Гьелъул адаб-х1урмат гьабун росдацаго абулаан нижер Дусяйилан. Жиндаго хадуб сундулъго лъик1аб лъалк1ги мисал босизесебги тун, 1995 соналъ г1умруялдаса ят1алъана гьей лъик1ай инсан, дагъистанияйлъун лъугьарай г1урус учительница.

Евдокия Васильевналъул г1умруялъул, х1алт1ул ц1ех-рех гьабун нижер Х1ариколо гьоркьохъеб школалъул краеведал щвана гьелъул рук1арал ц1алдохъабазухъе, гьудул-гьалмагъзабазухъе, ясалъухъе, гьоболлъухъ Г1аранире, К1ахъе ва Гьоц1алъе. Киназго ниж ц1акъ берцинго къабул гьаруна, рак1алдаса унареллъун хут1ана гьезулгун рук1арал дандч1ваял. Ритлябалдаги гьениса т1адруссун рач1индал гьанибги Е. Х1асановагун х1алт1арав Дагъистаналъул мустах1икъав учитель К1ахъа Мух1амадов Насурдиница гьадинаб къимат кьуна гьелъие: «Евдокия Васильевна йик1ана кутакалда г1адатияй, лъималазда хъвай-ц1алиги малъарай, гьелъие г1умруги кьурай г1адан». Г1арани гьоркьохъеб школалъул завуч Дибирова Нупайсатица бицана лъималаздеги х1алт1удеги гьелъул бук1араб рокьулгун гъираялъулги, т1алабчилъиялъулги. Гьенийго х1алт1улей Евдокиял йик1арай ц1алдохъан, математикаялъул учительница Патах1ова Г1айшатица абуна Евдокия Васильевна йик1анила унго-унголъунги лъималазе йижарай г1адан, кидаго жидер т1алаб-агъазалда йик1унаанила гьей ва эбелалъ г1адин т1алаб гьабулаанила лъималазул. Нагагьлъун кьерхараб ц1орораб къо бач1ани гьелъ киг1анго г1агарда бук1аниги Ц1адаре риччач1ого жиндихъего рокъоре рачунаанила, гьоболлъиги гьабун дарсал малъулаанила. Гьелъул ц1алдохъаби, жидер классалъул г1емерисезе щванила т1адег1анаб лъай ва киналго лъик1а-лъик1ал хъулухъаздаги ругила, жидецаги гьелъул адаб хвараб жо гьабич1ила.

Х1асанова Людмилалги рук1ана эбелалъул х1акъалъулъ лъик1ал рак1алдещвеял. -Евдокия Васильевна йик1ана ц1акъго г1адатияй, г1адан хирияй, жиндирго х1алт1и ц1акъ бокьулей, киназдего ва киналдего бер щолей, сундулъго т1алаб-агъаз бугей г1адан. Гьанже гьей аск1ой гьеч1олъи ц1акъго зах1малъулеб буго,- ян маг1ил ц1урал бералги рац1унаго лъуг1изе тана гьелъ эбелалъул х1акъалулъ хабар.

«Дие ц1акъ йокьулаан 3-5 классазда нижее дарсал кьурай г1урус учительница. Гьей йик1ана яц1адай, берцинай ва г1акълу камилай г1адан. Гьелъие дунго вокьизелъун, щибаб къойил библиотекаялдеги ун ц1ия-ц1иял т1ахьал росулаан дица ц1ализе. Гьелъги ц1алун бугищали х1асил бицине т1амулаан. Гьеле гьей Свердловский областалдаса яч1арай учительницаялъ ва гьелдехун бук1араб дирго рокьиялъ батизе ккола т1ахьаздеги, ц1алудеги, г1елмуялдеги дун гъорлъе ц1арав»- ан Дагъистан республикаялъул бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповасул раг1абаздалъун лъуг1изе толеб буго дирго бицен.

М. Х1анапиев.    







 

Просмотров: 730 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz