Европаялдаго ц1ар раг1араб
Зиявудин Мух1амадовасул ц1арги ишалги раг1ич1ев чи Дагъистаналда къанаг1атги ватиларо. Гьал г1агарал къоязги бач1ана нилъехъе цоги рохалилаб хабар. Районцояв сахаватчи Зиявудин Мух1амадовас жиндеги т1аде босун буго Европаялдаго ц1ар раг1араб мажгит базе. Гьеб бук1ине буго Мах1ачхъала-Каспийск шагьаразда гьоркьоб. Гьеб баялъе Мах1ачхъала-Аэропорт автотрассалъул бихьизабун буго 20 га ракьул. Мажгиталъе кьуч1 лъун бук1ана Дагъистаналъулго халкъалъухъа бак1арараб г1арцуде. Х1исабалде босун буго цо мажгит гуребги, гьениб жеги исламалъул университет базе ва сверухълъиго г1урччин гьабизе. Районалъул жамаг1аталъулго рахъалъан рак1-рак1алъулаб баркала буго гьев сахаватчиясе гьеб Аллагьги г1адамалги разияб х1алт1ухъ. Кьеги гьесие талих1, таги ч1аго.
Мух1у Г1алиевасе-Невскиясул орден
3 ноябралда ДРялъул т1оцевесев президент Мух1у Гьиматович Г1алиевасе, Россиялъул президент В. В. Путиница кьуна Александр Невскиясул орден. Гьунар т1ок1ав, махщел камилав г1уц1арухъан х1исабалдаги, принципиалияв, т1алабчилъи ц1ик1к1арав нухмалъулев х1исабалдаги, республика социалиябгун экономикияб рахъалъ цебет1езабуралъухъ ва г1умрудул 75 сонил юбилей баркун М. Г1алиевасе кьураб гьеб шапакъат ккола микьабилеблъун.
Баркула Мух1у Гьиматовичасда улкаялъул т1адег1анаб шапакъат.
Бищунго лъик1аблъун рик1к1ана
«2015 соналъул бищун лъик1аб муниципалияб сайт» абураб Т1олгороссиялъул конкурсалъул х1асилалда рекъон «Бищун лъик1аб муниципалияб сайт» абураб номинациялда бергьана нилъер районалъул администрациялъ ц1и гьабураб сайт-WWW.KHUNZAKH.RU. Конкурсалда г1ахьаллъи гьабуна т1олабго улкаялдаса интернет-портаз. Конкурсалъул финалалда нилъер сайт къеркьана Ставрополь краялъул, Чачан республикаялъул, Алтай краялъул ва Ульяновск областалъул сайталгун. Конкурс г1уц1ун бук1ана Россиялъул муниципалияб академиялъ, «Управа» ва «Вопросы местного самоуправления» журналаз.
|