21 сентябралъ Дагъистаналъул президент Рамазан Г1абдулат1ипов вач1ун вук1ана
Хунзахъ районалде этнокультурияб ва лъай кьеялъулаб туризмалъул
«Къункъраби» фестиваль къаялде. Гьеб
тадбиралдаго президент Р.
Г1абудлат1иповас Дагъистаналдаса машгьурав
бизнесмен «Сумма- капитал» компаниялъул директорзабазул советалъул
председатель нилъер ракьцояв олигарх Зиявудин Мух1амадовасе «Дагъистан
республикаялъе гьабураб хъулухъалъе г1оло» орден кьуна.
Хунзахъе гьабураб сапаралдаса Дагъистаналъул бет1ерасда
цадахъ вук1ана лъай кьеялъул министр Шагьг1абас Шагьов ва республикаялъул
миграционнияб хъулухъалъул нухмалъулев Ражаб Г1абдулат1ипов.
Официалиял г1адамал гурелги рохалилаб данделъиялда
г1ахьаллъана Зиявудин Мух1амадовасул
г1агарлъи, гьудул-гьалмагъзаби, районалъул администрациялъул
х1алт1ухъаби ва журналистал.
Гьалбадерица рещт1ен гьабун бук1ана»Макьасда» майданалда
ч1варал чадрахъ. Рохалилал тадбирал байбихьаралдаса лъуг1изег1ан концертал кьуна «Лезгинкаялъ», Хунзахъ ва
Хасавюрт районалъул фольклориялгун хореографиялъул ансамбляз .
Байбихьуда Дагъистаналъул бет1ерас «Макьас» майданалде
рач1аразе саламги кьун абуна: «Дида рак1алде ккола жакъа гьаб т1алъиялде рахаразе бит1 ккун бугилан. Нилъер рух1ал
гьанир журана цебесеб цивилизациялъул иццул бет1ергун, нилъер рак1ал цолъана
гьал гьайбатал муг1рулгун. Абула муг1руздаса лъик1ал г1иц1го муг1рул гурого гьеч1илан. Дицани
абилаан муг1руздасаги лъик1ал г1иц1го маг1арулал ругилан. Жакъа гьаб берцинлъи
нилъеда бихьана нилъер гьудул, машгьурав, т1ок1ав инсан Зиявудин Мух1амадовасул
х1аракаталдалъун. Щибаб мег1ералъул, гох1-щобалъул берцинлъи – гьайбатлъи
загьирлъула лъимерлъиялдасаго гьал муг1рузда хьвадун вугони. Киг1ан нилъги
муг1руз рохизаруниги, лъимерлъиялдасаго гьеб кинабго бихьарав, лъарав Зиявудиниде
г1адаб асар нилъеде гьабуларо.
«Лезгинкаялъул» нухмалъулев Жамбулат Мух1амадовасдехун Р. Г1абдулат1иповас абуна:
«Республикаялда цадахъ ансамблялъеги х1ажат буго бац1ц1алъизеги ц1илъизеги.
Фольклориялгун хореографиялъулалиял коллективаздаса «Лезгинка» ансамбль лъабго
бет1ералъ цебе бук1ине ккола. Дида рак1алде ккола Дагъистанго г1адин цебет1ун
бач1инин нилъер цебегосеб искусствогиян.
Г1емераб заман ана Зиявудин Мух1амадовасе орден кьеялъе
санаг1алъи ккезег1ан балагьун ч1ун. Жакъа Зиявудиница жинцаго г1уц1ана нилъее
гьединаб байрам. Гьаб бак1алда орден гьесие кьезе ц1акъ рекъон ккела. Гьеб
шапакъаталъе мустах1икълъана гьев. Гьес низамалде бачана Искусствоялъул рукъ Дагъистаналъул медакадемиялъул
биологиялъул факультет къач1азе г1арац кьуна, рагьана бизнес-инкубатор, Расул
Х1амзатовасул х1акъалъулъ художественниябгун документалияб фильмалъе г1арац
биччана. Дица Зиявудин Мух1амадовасе шапакъат кьолеб буго республикаялъе
гьабураб хъулухъалъухъ Дагъистан республикаялъе ва Россиялъул Федерациялъе
пайдаялъе гьабураб г1емерсоназулаб х1аракаталъухъ.
Жавабалъул раг1игун к1алъазе вахъарав Зиявудин
Мух1амадовас баркала кьуна президент Р.
Г1абдулат1иповасе, рохалилаб данделъиялда г1ахьаллъаразе, жиндирго рик1к1ен
г1емерал гьудулзабазе.
Г1иса Г1исаев.
|