15-16 июлалъ Гъуниб т1обит1ана авар мац1алъул учительзабазул республикаялъулаб т1оцебесеб слет. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна учительзабазул 14 командаялъ ва 24 муниципалитеталъул вакилзабаз. Слет лъугьана республикаялъул авармац1алъул учительзабазул Ассоциациялъул к1иго сонилаб х1алт1ул х1асиллъун. Ургъунго т1аса бищана ц1алиги тараб, экзаменалги лъуг1араб киналго киналдасаго эркенлъараб каникулазул заман слет т1обит1иялъеян бицана рахьдал мац1алъул учительзабазул Ассоциациялъул председатель Баху Мух1идиновалъ ва республикаялъул лъайкьеялъул министерствалъ, регионалияб маг1арулазул миллиябгун культурияб автономиялъ, Дагъистаналъул г1елмиябгун ц1ех-рехалъул институталъ, «Миллат» газеталъул творческияб коллективалъ ва Гъуниб районалъул муниципалитеталъ гъираялда жиндир рахъги ккунила.
Киналго г1ахьалчаг1и данделъун хадуса байбихьана слеталде. Слеталъул г1ахьалчаг1аздехун баркиялъулаб к1алъаялда республикаялъул Лъай кьеялъул министр Шагьг1абас Шагьовас, рахьдал мац1 цебет1езабиялъулъ гьабулеб бугеб к1вар ц1ик1к1араб х1алт1ухъ баркала кьуна Баху Мух1идиновалъе. Жиндирго к1алъаялда г1елмабазул кандидаталъ бихьизабуна к1иго соналъ Ассоциациялъ гьабураб х1алт1и. Жидер бугила ц1акъго интересаб, щибаб къойил ц1игьабулеб «Аваручитель» абураб сайт, къват1ибе биччазе х1адур гьабулеб бугила 6-7 классазда авар мац1алъул литератураялъул дарсал кьеялъул сборник, ДНИИПялъул г1алимзабигун цадахъ данде гьарулел ругила учительзабазе кумекалъулал цогидал справочникалги,ян бицана Бахуца. Г1емерал жеги т1урач1ел, т1уразе кканиги республикаялъул бет1ерасдаса бахъараб ц1алдохъабазул умумузт1е г1унт1унги киназулго цадахъаб кумек х1ажат бук1ин бихьизабуна гьелъ. Лъалила республикаялъул т1алъиги, Лъай кьеялъул министерствоги ДНИИПги авар мац1алъул учебникал къват1ире риччаялт1а х1алт1улел рук1ин, гьелдаго цадахъ бокьилаанила рахьдал мац1алъул учительзабазе интерактивиял доскабаздалъунги цогидаб гьениб х1ажалъулебщиналдалъунги хьезарурал кабинетал рук1инеги, гьелдеги божилъи бугила жиндиран данделъаразе жиндирго анищ рагьана Ассоциациялъул нухмалъулелъ. Авар мац1 цебет1езабизе, хадусел г1елазе гьеб ц1унизе ккеялъул бицарал к1алъаяздаса хадуб миллияб рат1лилъ учительзабазул хоралъ маг1арулазул гимн ах1иялдалъун лъуг1ана слеталъул официалияб бут1а.
Х1ухъбахъи гуребги слеталъул программаялда рук1ана бат1и-бат1иял конкурсал, спортивиял къецал. Хасаб бак1 ккуна компьютер-телефоназде буссараб г1олохъанаб г1елалда к1очон тун унел ругел умумузул нек1сиял х1аяз. Бук1ана гьениб нилъер к1удабаз, гьезулги к1удабаз х1адур гьабулеб бук1араб миллияб квен-т1ехги, рогьинег1ан къот1ич1о ц1адухъ маг1арул кеч1-бакъанги, кьурди-хъатги.
Слеталъул к1иабилеб къоялъ г1ахьалчаг1аз бихьизабизе кколаан самопрезентация, кьурди ва гьит1инабго инсценировкаги. Киналъулго х1асилалги данде росун щварал балазда рекъон ва киназулго разилъиялдалъун т1оцебесеб бак1 Болъихъ районалъул учительзабазе щвана. Т1асияб соналъ гьенир данделъизе мурадгун рикьа-рихана слеталъул г1ахьалчаг1и.
Р. Х1амзатов
|