Четверг, 02.05.2024, 04:42 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Декабрь » 2 » МАХ1МУД-АПАНДИЛ Т1АХЬАЗУЛ ПРЕЗЕНТАЦИЯ.
20:21
МАХ1МУД-АПАНДИЛ Т1АХЬАЗУЛ ПРЕЗЕНТАЦИЯ.

Мах1муд-Апанди, -Лъида раг1ич1еб гьеб ц1ар, лъица ц1алич1еб гьесул шиг1рияб калам, лъида лъаларев гьав маг1арулазда гьоркьов гуревги Дагъистаналдаго машгьурав маг1арулав? Ч1ух1адго, цо бат1ияб рек1ее асаргун нилъеца абула гьасда маг1арулавин, район цояца-районцоявин, херехьдерица-нижер василан. Абиларебги кинха гьесул г1адатлъиялъги, г1амал-хасияталъги, к1вах1 гьеч1еб х1алт1иялъги, г1адан хиралъиялъги, гьунаралъги кинавго чи асир гьавун вугев мехалда. Къват1ибе биччана ва ц1алдолезухъе щвана гьесул 18 т1ехь. Гьеб к1удияб х1алт1и буго.Гьесул машгъурлъи бач1ана: «Дир Ч1ик1аса К1удияв» ва «Азаралда цо жаваб»- т1ахьал къват1ире рач1иналда цадахъ. Гьел халкъалда гьоркьор хехго т1ирит1ана ва рак1аз гъираялда къабул гьаруна. Щайгурелъул гьес хъвараб «Азаралда цо жаваб» т1ехьалда абизе бегьулелъул исламалъул х1ажатал аслуял загьир гьабулеб мажмуг1илан, хъван бугелъул берцинго, камилго, г1акъилго ва пасих1го, чи г1орц1уларелъул гьел ц1алулаго ва г1емерал суалал рагьун ругелъул гьеб т1ехьалда. Х1икмалъула бат1ияб рахъалде гьет1арич1ого, Аллагьасул каламалдасан, Аварагасул (с. т. г1. в.) сунатаздасаги кьуризе биччач1ого инсанасда Аллагь лъазе кколеб куцалъулги, г1ибадат гьабизе кколеб къаг1идаялъулги, живго инсан дунялалда хьвада-ч1вадизе ва гьес маг1ишат гьабизе кколеб куцалъулги х1акъалъулъ гьалгощинал суалазе шариг1аталда рекъарал жавабал кьун, бич1ч1улеб маг1арул мац1алда гьаб т1ехь хъварав вук1иналъ Мах1муд-Апандил махщалие гьадин къимат кьун буго Ч1ик1аса Саг1ид-афандияс:

Щвараб г1ор г1адинаб, гьеб дур пагьмуялъ

Поэт вук1иналъе нуг1лъи гьабуна.

Пасих1лъиялъул т1ок1аб гьунаралъ

Т1адинхоса шаг1ир рак1алде щвана…

Гьаб къокъаб каламалъ кинабго бицана:

Махщелги, гьунарги, пасих1лъиги, т1ок1лъиги…Гьале гьанжег1агар, 8 ноябралда Мах1ачхъалаялда Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб Миллияб библиотекаялда т1обит1ана Мах1муд-Апандил «Х1адисазул квац1и» ва «Ункъбок1онал ч1инхал» т1ехьазул презентация. Авторасда гьеб баркизе ва гьениб жидерго пикру загьир гьабун к1алъазе бач1араб г1елмияб ва творческияб интеллегенциялъ занк1ун ц1ун бук1ана к1удияб зал.

Г1емерал хинал раг1аби абуна гьеб къоялъ Мах1муд-Апандил  адресалда цере рахъа-рахъараз. Мах1муд-Апандил гьунар-махщелалъул, гьесул баракатаб х1алт1ул иргадулаб бергьенлъилъун ккола гьаб к1иябго т1ехь. «Х1адисазул квац1и» буго дунялалъулги, ахираталъулги дагьабниги пикру гьабулев щивав бусурбанчиясул рокъоб бук1ине чара гьеч1ого х1ажатаб т1ехь. Гьединаб пикру бук1анин ккола киналго к1алъазе рахъаразулги ва г1енеккаразулги.

К1алъаял рук1ана лъик1ал, гъваридаб маг1наялъул, пасих1аб маг1арул мац1алда, рек1ее лъик1аб асар гьабулел. Гьезда гьоркьоса дие ва г1енеккаразе ц1акъго ц1ик1к1араб асар гьабураб к1алъай бук1ана Дагъистаналъул халкъияв поэт Мух1амад Ах1мадовасул. «Ункъбок1онал ч1инхазул бицунаго гьес абуна: Ч1агояб г1умруялъул, ч1агоял дарсал данде гьарун руго Мах1муд-Апандица. Гьесда лъалеб буго щибаб раг1улъ бахчараб пикру бук1унеблъи, гьединлъидал унго-унгояб поэзия пикрабаздаса рик1к1алъулареблъи. Мах1муд-Апандил буго жиндирго коч1ол мац1, г1адатиял г1адамазда бич1ч1улеб, рек1елъ хут1улеб куцалъ гьабулеб калам. Ах1мадовас цоги абуна: Къокъал куч1дузе къвариг1уна гьунаралъул ц1убай, пикрабазул рекъей, раг1абазул цолъи, чияда релъинч1еб жиндирго хат1, жанисеб кунч1и, коч1ое гугьар кьолеб г1умруялъул къуват. Гьеб кинабго буго Мах1муд-Апандиясухъ. Ах1мадовас жиндирго к1алъай лъуг1изабуна гьал раг1абазда: «Мах1муд-Апандил «Ункъбок1онал ч1инхаз» мустах1икъаб бак1 кквела маг1арулазул поэзиялъул къадалъ»- ян. Г1енеккараз к1удияб асар ккеледухъ к1алъай гьабуна Динияб управлениялъул эксперт Хасмух1амадх1ажияс ва лъик1аб къимат кьуна Мах1муд-Апандил асаразе, гьесул ц1убараб махщалие, хъваралдасан г1адамазе бугеб к1варалъул, лъик1ал пикрабазде ц1алеб шиг1рияб каламалъе. Ц1акъго к1удияб сайгъатлъун лъугьана Дагъистаналъул муфтиясул пресс-секретарь Мух1амадрасул Г1умаровасул к1алъай. Гьев гьаб данделъиялде вит1ун вач1ана муфти Ах1мад-х1ажияс.

Мух1амадрасулица абуна Идараги, киналго г1алимзабиги разиял ругила Мах1муд-Апандица гьабулеб х1алт1удасаги, гьес хъварал т1ахьаздасаги, хасго «Азаралда цо жавабалда» ва «Х1адисазул квац1иялда»-рагьун ругила бусурманчиясда т1адал ах1камалги гьел т1уразариялъе х1ажалъулел шарт1алги. Бусурбабазе динияб «Букварьлъун» кколила к1иябго т1ехьан.

Ахиралда цеве вахъарав Мах1муд-Апандица рак1-рак1алъ баркала кьуна, гьенире рач1арал гьеб залалда г1одорч1аразе, хъварал т1ахьазе къимат кьун цере рахъун к1алъай гьабуразе. Абуна гьелъ жиндие хадубккунги адабияталда гъираялда роржен гьабизе, къуватги, жанги, жигарги кьунилан. Презентация ана берцинго, цоцазда рич1ч1уледухъ, бац1ц1адаб маг1арул мац1алда бицунеб каламалдалъун, маг1наялда г1ахьаллъаразул рек1елъ асар кколедухъ.

Гъайирбег Г1алиев, хъвадарухъан.  

Просмотров: 904 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz