Киназего баянаб бук1ахъе, психикиял унтаби ругел лъималазул интернат «Заботаялда» сверухъ лъугьараб ах1вал-х1ал республика тун къват1ибехунги бахана. Хадубккун гьединал рокьукъал ишал ккеч1ого рук1инелъун, республикаялъул прокуратураялъ киналго районазда лъазабулеб буго школа-интернатазда, къайимчилъиялда ругел лъималазул ихтиярал ц1униялде кьолеб к1вар ц1ик1к1инабеян. Гьелда хурхун, 30 марталда районалъул бет1ерасул заместитель Саг1адула Батировасул кабинеталда, прокуратураялъул, полициялъул, лъай кьеялъул г1уц1абазул, больницаялъул ва цогидалги жавабиял хъулухъазул х1алт1ухъабиги данделъун т1обит1ана «гургинаб стол».
Районалда ругел лъай кьеялъул г1уц1абазул, гьенире хьвадулел, сахлъиялда бан рокъор рук1ун лъай босулел лъималазул къадаралъул баянал кьуна районалъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Залимхан Г1умаровас. Гьес бицана лъай кьеялъул г1уц1абазда гьоркьор, районалда ругин ц1алудаса хадубги лъимал нахъе рачинч1ого тун т1алаб гьабулел Г1арани школа-интернат ва Г1арани гьоркьохъеб школалда бугеб интернатгиян.
Хадуб районалъул прокурорасул Х1усен Онжоловас данделъаразул щивасда ц1ехана гьезлъималазулгун гьабулеб х1алт1ул х1акъалъулъ.
Зубайр Гъайрбеговас бицана Хьини росулъа лъабго лъимер х1ажатаб рет1ел-кун гьеч1олъиялда бан школалде инч1ого ратанилан ва гьезие х1ажатаб кумек ЦСОНалъ ва жинцаго гьабун, гьел школалде анилан.
Г1овул г1ужде рахинч1ел лъималазе полициялъул х1алт1ухъабаз терроризмалде дандеч1арал, хъалиман ц1аялъул, наркотикал х1алт1изариялъул заралалъул бицарал гара ч1вариял гьарунилан бицана санаде рахинч1ел лъималазул ишазул рахъалъ инспектор Рамазан Ах1мадовас.
Лъималазул сахлъи ц1униялъе медиказ гьабулеб х1алт1ул бицана районалъул централияб больницаялъул бет1ерав тохтур Мух1амад Мусаевас. Лъималазе ахирисеб медосмотр гьабун буго к1иго анкьг1ан заманаялъ цебе.
Г1арани школа-интернаталъул завуч Сайгидх1осен Г1алибеговас ва Г1арани гьоркьохъеб школалъул директор Салих1ат Патах1овалъ бицана жидерго ц1алул г1уц1абазда интернатазда хут1улел лъималазул гьабулеб т1алаб-агъазалъул. Г1арани школа-интернаталда ц1алула нилъер районалъул росабалъа гурелги, цойгидал районаздасаги лъимал. Гьел каникулал кьезег1ан гьенирго рук1уна. Г1арани гьоркьохъеб школалда интернаталда хут1улел лъимал каникулаз гуребги г1одоркъоязги рокъо-рокъоре уна. С. Патах1овалъ бицана киназго кьезе кколеб масъала кколин лъималаз сунт1, энергетикиял лъинал х1алт1изари. Санаде рахинч1ел лъималазе гьел ричизе бегьич1ониги, даранчаг1аз ричулел руго гьел. Лъимал заралиял жалаздаса ц1унизе къвариг1ун бугилан жиндирго ургъел загьир гьабуна Салих1атица. Гьелъ бицана рагъулаб часталъул рахъалдасан бугеб забор бихун лъуг1ун гьеб базе х1ажат бугиланги.
Лъималазул ихтиярал ц1унизелъун ккани судалдецин лъазабулин гьезулгун х1алт1и гьабулеб комиссиялъин бицана районалъул бет1ерасул заместитель Саг1адула Батировас.
Данделъиялъул ахиралда С. Батировас, Х1. Онжоловас ва З. Г1умаровас киналго данделъаразда цойги нухалъ лъазабуна лъималазде кьолеб к1вар ц1ик1к1инабеян, гьел жалго жидедаго теч1ого гьезда хадуб халгьаби бук1инабеян, дарсадаса хадуб, хасго къасимехалъ лъималазда хадуб т1аса босич1еб бербалагьи бук1инабеян.
Аслияб жо буго лъималазе х1инкъи гьеч1еб г1умру бук1инаби.
П. Гунашева.
|