Четверг, 02.05.2024, 14:29 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Октябрь » 25 » ЛЪИМ БАЦ1Ц1АДАБ БУК1УНА ИЦЦУЛ БЕТ1ЕРАЛДАСАН.
20:10
ЛЪИМ БАЦ1Ц1АДАБ БУК1УНА ИЦЦУЛ БЕТ1ЕРАЛДАСАН.

Х1урматияв Саг1ит Камилович!

Нижеца дуда баркула мун районалъул нухмалъулевлъун вач1ин ва гьарулеб буго дуе кидагосеб талих1-рохел, аваданлъи, биччанте дур рокъоб кидаго пашманаб, рак1 бакъвалеб хабарги раг1иги раг1унгут1изе, лъималазул релъи-хъуй гурого.

Биччанте Аллагьас дуе кьезе щулияб сахлъи, гъваридаб г1акълу, камилаб бажари-рит1ухълъиги ц1унун гьеб х1алт1и нухда бачине.

Риччанте кидаго дуда цадахъ рук1ине мунго г1адал г1олохъанал, хиянат-хилиплъи жидеда лъаларел, рак1 бац1ц1адал гьудул-гьалмагъзаби, божарал ишалъулал г1адамал.

Биччанте кидаго дуе кумек бук1ине районалъулго г1акъилал херазул-Аллагьасулги Аварагасулги (с.г1.в.) нухдасан г1агараб район цебе бачунеб х1алт1улъ. Гьедин хъвана мунагьал чураяв нилъер к1удияв г1акъил, халкъияв поэт Ц1адаса Х1амзатица:

Дир къаламги мац1ги избирателаз

Изну кьураб х1алалъ х1алт1изе буго.

Бицунеб хабарги хъвалеб асарги

Халкъалъул к1алдисан босизе буго.

(«Дун депутат»).

Нижедаги рак1алде ккола ва хьулги буго гьаб коч1олъ Х1амзатица хъвавухъе г1уц1илин дуцаги дурго х1алт1и. Нижер росулъ Х1амзатил рук1ана г1емерал умумузул  гьалбал, гьудулзаби. Гьезул х1акъалъулъ ц1ализе бегьула «Х1акъикъат» газеталъул 2010 аб. соналъ бахъараб журналалда (апрель, май, июнь) «Ц1адаса Х1амзат херехьдерил тарихалда»,-ян абураб историялъул учительница Ильясова Гулишатил макъалаялда.

Росулъа Мах1ачхъалаялда г1умру гьабизе индалги Х1амзатил к1удияв гьоболлъунги гьудуллъунги вук1ана Саг1итил к1удияв эмен Мух1амадов Зайирбег. Гьезул хъизамалъе Дагъистаналъул халкъияв поэт вук1ана божарав, инсуде, вацасде г1адин ургъелги бикьулев, бокьараб жо гьикъун аск1ореги аниги г1акълуги кьолев лъик1ав насих1атчлъунги. Мунагьал чураяв Зайирбег вук1ана дол зах1матал соназда г1емерал жавабиял нухмалъи гьабулел х1алт1абазда х1алт1арав чи. 1941-1942 соназда гьев х1алт1ана Хунзахъ райисполкомалъул председательлъун, хадусел соназда Дагъистаналъул консервабазул промышленность г1уц1улеб, гьеб цебет1езабулел г1уц1абазул нухмалъулевлъун. Гьесул кумекалдалъун бараб буго росулъ  консервазул цех ва хадуб г1ат1идги гьабун хьиндал к1к1алахъ бугебщинаб пихъалъул бат1и-бат1иял компотал, сокал, пюреял гьарулеб лъик1аб завод.  Гьенир х1алт1улаан росдал г1адамал, сверухъ ругел росабалъа х1алт1ухъаби. Риидал гьезул х1алт1ул квер г1еч1елъуре рач1унаан Мах1ачхъалаялъул студенталги. Гьеб заводги гьанже ниж бет1ергьанаб гьеч1о. Цогидаб маг1ишатго г1адин нижер х1акимзабаз ч1унтизе тана.

Г1умруялъул 54 сон гурони гьеч1ев чи Зайирбег нилъедаса ват1алъана 1968 соналъ, амма росуцояв гьев мунагьал чурад лъалев вук1араб к1удияб г1елалъул щивав чиясул рек1елъ гьесдехун бук1араб рокьиги адабги ц1унун хут1ун буго. Гьез абула гьев вук1анин гъваридаб г1акълуялъул, г1акъилаб каламалъул инсанги, лъик1ав, рак1 г1ат1идав, ч1ух1а-къули  гьеч1ев, г1аданги хирияв, росу-ракьги бокьулев росдал васлъунги, росу цебет1еялъе, кив х1алт1аниги бажарарабщинаб гьабулев, г1адатиял г1адамаздехун гурх1ел-ц1обги г1ат1идав, гьезул х1ажатал т1ураялъе жинда барабщинабги гьабулев рит1ухъав хъулухъчилъунги. Ратизе бегьула гьанжеги гьев лъалел, гьесда цадахъ х1алт1арал чаг1и Хунзахъ росулъги. Гьесдаго релъарай, г1адатияй, рак1 жубарай, т1аде вач1арав гьоболасеги, гьудул-гьалмагъзабазеги, г1ага-божаразеги аваданай, адаб-хъатир ц1ик1к1арай г1умруялъул гьудулги йик1ана Зайирбегил Саг1идат. Гьез тарбия-лъай кьун г1езаруна лъабго лъималги-Мух1амад, Аминат, Саг1ит. Мух1амад- х1алт1улев вук1ана Индиялда бугеб Советияб посольствоялда, г1умруялъул 42 сон гурони гьеч1ев гьев нилъедаса ват1алъана зах1матаб унтудаса хадуб, хъизанги 2 лъимерги нахъе тун.      

Аминат-Саг1итил эбел х1алт1ана биология кьолей муг1алимлъун, гьанже лъималазул лъималги хьихьун х1алхьиялда йиго. Г1умру гьабун йиго Мах1ачхъалаялда. Гьелъул к1иабилев вац Саг1ит ц1алана росдал маг1ишаталъул институталда, х1алт1улев вуго Нуцалаулалда. Гьелеха нижер росулъа ц1ияв вищарав районалъул нухмалъулев Юсупов Саг1итил умумузул х1акъалъулъ дагьалго баянал. Макъалаялъе ц1арлъун тараб «Лъим бац1адаб бук1уна иццул бет1ералдаса»,-ян абураб умумузул кици рит1ухъ гьабураб г1умруялъул нух буго Саг1итил. Рак1алде ккола районалъул щибаб росулъеги гьеб иццул т1ок1к1араб лъел къат1рабиг1аги щвелилан.

Гьадинал умумузул ирсилав Саг1ит вук1ин

Нужедаги лъазеян хъван тана гьаб макъала

Бичас кумекги гьабун, гьезул ц1ар борхат кквезе

Асул гьунар, бажари нужедаги бихьила.

Гьит1инав чи вугилан сан гьавич1ого тоге

Х1амзатил «пилги ц1унц1ра» бугелъул нилъей дарслъун

Нужерго чи гьеч1илан адаб тун гаргадуге

Героязул росабалъ ругин Саг1итил кьалбал.

Кьолбодаго нур барал вацазул вац тола ав,

Хунзахъа Зайирбегил ирсилазул нус-яцги

Меседил гарал г1адал васазул дадаги ав,

Дингун г1елму рекъарай, рокъой хъизанги асул.

Саг1итил избирателал, Харахьи росу.

 

Просмотров: 627 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz