Гьал къоязда райадминистрациялъул залалда т1обит1ана районалъул ц1ияв прокурорасулгун лъай-хъвай гьабиялъул мурадалда г1уц1абазул нухмалъулел, росабазул бут1рул, райадминистрациялъул актив г1ахьаллъараб данделъи. Ц1ияв прокурорасулгун районцоязул лъай-хъвай гьабизе Хунзахъе вач1ун вук1ана ДРялъул прокурорасул заместитель Г1абдулг1азизов Т1агьир Х1асанович. Гьес ва районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас х1алт1улъе лъугьунаго лъик1ал гьара-рахьиял гьаруна райпрокурорасе, ах1ана къанун ц1униялъул ишалда рит1ухълъи ц1унаравлъун ва халкъ разилъуледухъ х1алт1и гьабулевлъун вук1ине.
Г1умаров Рамазан Г1умарович. Гьавуна 1968 соналъул 15 апрелалда Буйнакск шагьаралда. Лъуг1изабуна СССРалъул МВДялъул Волгоградалда бугеб т1адег1анаб следственнияб школа. 1998 соналде щвезег1ан х1алт1ана Кизилюрт шагьаралда к1удияв следовательлъун. Хадуб-Шамил районалда следовательлъун, 2006 соналдаса Хунзахъ районалъул прокурорлъун т1амизег1ан-гьебго районалъул прокурорлъун. Йиго хъизан, 4 лъимер (бищун гьит1инав вас унев вуго т1оцебесеб классалде. Ц1ик1к1арай ясалъул лъуг1улеб буго ич1абилеб класс). Ккола юстициялъул к1удияв советник.
Нилъецаги гьаризинха Рамазан Г1умаровичасе х1алт1улъ ч1ах1иял бергьенлъабиги, хъизан-рукъалда парахалъиги. Баракат бугеб батаги гьесие хъулухъги, районалъе-гьевги!
Ф. Мух1амадова.
|