Ч1ужуг1адан т1абиг1аталъ заг1ипайлъун йижун йик1аниги, дандч1валел зах1малъабаз гьей лъугьинаюлей йиго къвак1арайлъун. Къват1исаги рукъалъулги х1алт1иги, хъизан-лъималги берцинго цадахъ махщалида рачуна гьелъ. Къойидаса къойиде ц1и-ц1иял технологиял раккулел, церет1олел заманаялъ бихьиназда бащад нухмалъи гьабулеб буго руччабаз чанги жавабчилъи ц1ик1к1арал г1уц1абазе. Берцинай, г1акъилай, сабруяй, ч1ух1и, гогьдари гьеч1ей-гьединай йиго маг1арул ч1ужуг1адан.
Руччабазул байрамалъул х1урматалда, районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповасул бихьизабиялда рекъон, гьал къоязда райцентралда т1обит1ана вечер. Гьелда г1ахьаллъана киналго участкабазде гьоркьоре унел росабалъа руччаби.
***
Руччабазул рак1азе асар гьабулел х1еренал, гьезие т1адег1анаб къимат кьурал, цояздаса цоял берцинал раг1абаздалъун гьайбатал районцоязда 8 марталъул байрам баркана районалъул нухмалъулев Саг1ид Юсуповас, лъай кьеялъул управлениялъул начальник Залимхан Г1умаровас, райбольницаялъул бет1ерав врач Мух1амад Мусаевас, финансовияб управлениялъул нухмалъулев Мух1амадрасул Х1асанбеговас, районалъул прокурор Запир Мух1амадовас, казначействоялъе нухмалъи гьабурав Мух1амад Гьит1иновас ва гьебго г1уц1иялъул ц1и тарав нухмалъулев Х1асан Х1ажиевас, цо-цо росабазул бегавулзабаз.
Къоялъ х1алт1ун рокъоре щведал, лъуг1уларо ч1ужуг1аданалъул «Х1алт1ул къо», свакан йигилан г1одой ч1ун х1ухьбахъизе гьелъул рес бук1унаро-гьей юссиналъухъ ралагьун ч1ун ратула чанги «жавабиял» х1алт1аби. Руччабазда жидерго гьайбатаб ихдалил байрам баркизе цере рахъана райадминистрациялъул экономикаялъул ва прогнозированиялъул отделалъул нухмалъулей, кидаго руччабазул т1алаб-агъазалда йик1уней Пат1имат Набиева, Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалъул учительница Пат1имат Х1амзатова. Маг1на гъваридал баркиялъулгун баркалаялъул к1алъаял гьаруна руччаби-ветераназги. Бат1и-бат1иял рак1алда гьеч1ел сайгъатаздалъун рохизаруна гьеб сордоялъ руччаби. Районалъул бет1ер С. Юсуповас грамотабаздалъун ва сайгъатаздалъун к1одо гьаруна бат1и-бат1иял мухъазда, г1уц1абазда рак1бац1ц1адго х1алт1улел ругел руччаби: учительзаби, врачал, бухгалтерзаби ва цогидалги специалистал (23 чи). Байрамалъулаб вечералда т1обит1ана лотереяги. С. Юсуповасул рахъалдасан вечералде рач1анщинал руччабиги к1одо гьаруна сайгъатаздалъун.
Руччаби ругеб бак1алда кидаго бук1уна берцинлъи, аваданлъи, рохел. Гьединлъидал, руччабазул х1урматалда г1уц1араб вечер гьабун бук1ана культураялъул рукъалъул х1аракатчаг1азул (Г1. Тажудиновалъул, П. Султ1ановалъул, У. Мух1амадовалъул, Х. Г1абдулкъадировалъул, П. Мусаевалъул, Ч. Султ1анбеговасул) церерахъиназги, «Г1акаро» ансамблялъул кьурдабазги. Вечер махщалида бачана культураялъул управлениялъул начальник Мах1ач Х1асановасги культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан Г1айшат Тажудиновалъги.
Аваданлъиялда, рохалилаб, руччаби разияб ах1вал-х1алалда т1обит1ана 8 марталъул х1урматалда гьабураб байрамалъулаб вечер.
P. S. Вечералда г1ахьаллъараз баркала кьолеб бук1ана гьеб г1уц1арал районалъул нухмалъулев С. Юсуповасе, культураялъул х1аракатчаг1азе ва цогидазеги.
Нахъисеб къоялъ С. Юсуповас хъутабазде гьабураб ишалъулаб сапаралда байрамги баркун к1одо гьаруна гьенир г1умру гьабун ругел руччабиги-гьезул 18-ялъе кьуна грамотабигун сайгъаталги.
П. Гунашева.
|