Араб анкьалъ т1олабго Дагъистаналдаго г1адин нилъер районалдаги т1обит1ана республикаялъул Конституциялъул къо к1одо гьабураб тадбир. Гьелда цадахъго дандекъан к1одо гьабуна г1олилазул къоги. Тадбир ана Хунзахъ ц1и гьабун къач1араб фонтаналда аск1об.
Баркиялъулаб к1алъайгун тадбир рагьана районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас. Жиндирго к1алъаялда Саг1ид Камиловичас киназдаго баркана конституциялъул къо, бицана жакъа къоялъ районалъул нухмалъиялъ г1олилазде кьолеб бугеб к1варалъул ва гьел церет1еялъе гьабулеб бугеб х1алт1ул, гьединго баркала кьуна г1олилазе гьез районалъул нухмалъиялъе гьабулеб бугеб кумекалъухъ. К1алъаялдаса хадуб районалъул нухмалъулес бищун жигарчилъи бугев къогог1ан волонтерасе кьуна х1урматалъул грамотабиги.
Хадусеб иргадал районцоязда байрамги баркун к1алъазе рахъана Республикаялъул Счетнияб палатаялъул председателасул заместитель Хъазанби Хъазанбиев, «Лезгинка» ансамблялъул директор Жамбулат Мух1амадов, боксалъул рахъалъ Россиялъул чемпионка Саг1адат Г1абдулаева ва цогидалги.
Тадбиралъул официалияб бут1аялдаса хадуб, райнцоязе г1ат1идаб программаялъул концерт кьуна Дагъистаналъул эстрадаялъул машгьурал коч1охъаби Сиражудин Алдамовас, Шамил Г1умаровас, Нурианна Калаевалъ, Кристинаца ва цогидазги. Тадбиралъул ахиралда бук1ана байрамалъулаб салютги.
И. Мух1амадов.
|