ХIурматиял районцоял – диналъул вацалги яцалги! РакI-ракIалъ баркула нужеда бусурбабазул динияб ва рухIияб гIумруялъул тIей гьечIеб бутIалъун кколеб, нилъер щивас жиб лъикIал ишаздалъун, гурхIел- рахIмуялдалъун, рухIияб камиллъиялдалъун ва къадру тIадегIанлъиялдалъун кIодо гьабизе хIаракат бахъараб Рамазан моцIалъул ахирлъун кколеб КIалбиччаялъул гIид! Биччанте гьаб къадруяб моцIалъул гурхIел-рахIму нилъер щибаб къойилаб гIумру цадахъаблъун букIине. Щибаб рокъобе, щибаб хъизамалде рохелги, рекъелги, хинлъиги босун бачIараблъун батаги нилъее гьаб баракатаб байрам. Ккурал кIалалги гьабураб гIибадатги Аллагьас къабулги гьабун, нужее Алжаналъе рагьараб кавулъун лъугьаги, хIурматиял ракьцоял! «Хунзахъ район» муниципалияб гIуцIиялъул бетIерасул ишал тIуралев С. ЮСУПОВ. РАЙСОБРАНИЕ. «РОСДАЛ ЗАХIМАТЧИ».
|