Вторник, 30.04.2024, 21:16 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Июнь » 28 » КИНАВГО ЧИ РАЗИЛЪУЛЕДУХЪ АСАР ХЪВАН ЛЪИХЪАНИГИ БАЖАРУНАРО.
22:20
КИНАВГО ЧИ РАЗИЛЪУЛЕДУХЪ АСАР ХЪВАН ЛЪИХЪАНИГИ БАЖАРУНАРО.

Кинавго чи разилъуледухъ асар хъван лъихъаниги бажарунаро

Испаниялъул машгьурав хъвадарухъан Са-аведра Мигель Сервантесица абурал гьал рагIаби росана дица жакъасеб редакторалъул колонкаялъул бетIерлъун. Росана лъикI ургъун, газета цIалулезда, хасго газеталда рахъулел материалаздаса жидерго разилъи гьечIолъи загьир гьабун редакциялде хъвадарулел «критиканазда» бичIчIизелъун.

АнцIго сон бана дир районалъул газеталде хIалтIизе ячIаралдаса. Гьеб заманалда жаниб дида бихьана чанги батIи-батIияб гIамал-хасият, чанги кьучI гьечIеб, рекIкIаб материал газеталдасан кьезе къваригIаразул хIалихьалъи, газета гьоркьоб ккун нахъасан речIчIизе макруяб таваккал тIами, жаниса автораз цониги гIуцIи ялъуни нухмалъулев веццун хъвараб макъалаялда сверухъ хIелхIелчилъиялъулаб рохел, журналистазе гьабулеб учузаб рецц-кап… хIатта, дир мегIералда цере паркъана «дуца хъвалеб жого щибан» хьвагIарал цо лъабго «бихьинчиясул» заралги. Щибго бихьана! Амма бихьичIо кинавго чи разилъуледухъ лъихъаниги асар хъван бажари. Узухъда, «Дон Кихот» хъварав Сервантесгицин мукIурлъараб гьеб хIужжа гьитIинабго газеталъул хъвадарулезеги рогьо гуро. Журналистикаялда хIалтIулаго дир бидулъе ана цо аксиома-газета цIалулесе данде кколеб буго жив тун батIияв бокьарасе гьабулеб критика. Критикалъунги рикIкIунеб буго дандияв инжит гьавун цIогьорилан, гIабдалилан хъварал къабихIал рагIаби. РитIухъаб (конструктивная) критикаялъейин абуни, словаралда кьун буго гьадинаб магIна:

(Паранг мацIалъул «critigue» рагIи-«искусство разбирать, суждение») сундул букIаниги мисалалъе босани, лъугьа-бахъиназул, ишазул анализ гьабизе, къимат кьезе кIвей. Гьединаб битIараб къимат лъугьунеб-толелъе кьурал материалалги газеталда гIемерго рукIуна, амма инсанасул загIипаб напсалъ къабул гьабуларо живго каки ва лъицаниги гьелъул хIасилалги гьаруларо. Мисалалъе, хIурматияв газета цIалулев, цонигияс мун веццулев вугони, дуда ракIалде бачIуна пахруяб «Вай, дун вугев цIакъав!» абураб пикру. Нагагьлъун гьевго чияс мун какани, дуда ккола «Бихьуларищ цо, гьав вукIун вугев жо?!»-ян. ЦIикIкIунисезе рекъезабун хьвадизе кигIан газетчагIаз хIаракат бахъаниги, нижер нухги доб кициялда борхьилго гIадаб, кIичI-кIичIараб батула. Мисалал. Газеталъул гьурмаздасан къватIибе ун букIана цIа ккараб бакIалда пожарниялъул хIалтIухъаби дагьал рихха-хочичIого, ракIа-рахарун рукIани киназего лъикI букIинаанилан критикаялъул махI чIвараб, газета цIалулелъ баркалаялда цадахъго кьолеб пайдаяб гьари-рахьи. ГIакълуялда къабулги гьабун, хадубккунисеб хIалтIулъ хIисабалдеги босун таниги бегьулеб гьеб тексталда жаниб букIараб цо предложениялда сверухъ чIухIарав хIакимас бахъинабуна квешаб ахIи-хIур, бадирчIваял гьаризелъун дун ахIизаюна администрациялъул данделъиялде, тIокIалъ газета хъваларилан кьуна хIинкъаби. «Дур разилъунгутIиялъул ццидал карачел диде щвечIого букIине ккани, дун щибниги гьабуларейлъун, щибниги абуларейлъун ва щийниги гурейлъун йикIине кколаанин» абураб къолденги тIад ххун, жибго тана дица гьеб рекIелбакъвайги.

Мадугьалихъ ругел цо-цо  районазул газетал (дир хIалтIухъабазулго гIадал харжалгун!) къватIире унел руго моцIие цо нухалъ, нилъералдаса кIиго нухалъ дагьаб объемалда. Гьедин хIалтIулел рукIаралани, нижер хIалтIудаса разилъунгутIиялъул къадарги кIиго нухалъ дагьаб букIинаанилан ракIалде ккана дида. ГIицIго хIалтIи гьабуларесул кколарелъул гъалатIал.

Гьал гIагарал къоязда цо тарихияб макъалаялда сверухъги ккана редакциялда бахIс. Киназдаго лъала тарих буго чан батIияв инсан ватаниги, гьебщинаб батIияб пикруги жиндасан бугеб, бокьарас жиндиего данде кковухъеги бицунеб гIумрудул къиса. Аралъе, гьелда жанир рукIарал гIадамазе къимат кьезе ккани, редакциялда букIине ккола «машина времени», тарихияб хIакъикъат цIехезе доб заманалде ине. Гьединлъидал, нижеца ихтияр кьола жалго авторазе, тарихчагIазе, гьеб бокьулезе газеталъул гьурмаздасан батIи-батIиял версиялгун цере рахъине. ТIадехун рехсараб бахIсги бижана газеталдасан цо авторас жиндирго макъалаялда имам ХIамзатбегиде рагIад рехун бугин абуралдасан. Райсобраниялъул цо пуланав депутатас абухъе «имамал инжит, хIакъир гьаризе» даражаялде яхарай гIадан дун гуро. Аставфируллагь. «Росдал захIматчи» газеталда чанго соналъ цебе исламияб дин лъалев, муъминчи ва бахIарчи ХIамзатие тIадегIанаб къимат кьурал материалалги кIицIулго рахъун рукIана. Доб мехалъ дихъе кIанцIун рукIана хунз «Нилъер ханзаби гъурарав ХIамзатил хIакъалъулъ материал щайин дуца газеталда бахъарабан». Вай, хирияв Аллагь, кие кIанцIилей, лъие рекъовухъе къалам кодоб кквелеб?!

«Редакциялъул пикру кидаго гуро рахъарал макъалабазул авторазул пикругун данде кколеб. Макъалабазда рихьизарурал хIужжабазул, цIаразул, тарихазул ва цойгидалги баяназул жаваб кьола гьезул автораз». СМИялъул хIакъалъулъ Законги кьочIое босун, газеталъул щибаб номералда къватIибе унеб баян. Газета цIалулез ва дол дица макъалаялъул байбихьуда рехсарал сундасаго разилъи букIунарел «критиканаз» сан гьабулареб информация.

Амма кин букIаниги, дун йохарай йиго газеталъул хIалтIи квешниги, лъикIниги, бихьулеб букIиналдаса. Дун, редактор хIисабалда, йохарай йиго ниж цIалулел рукIиналдаса. Пихъ кьолареб гъотIода ганчIал речIчIулеб дида киданиги бихьичIо. Гьел рехула гIицIго пихъ бижулеб, хIалтIулеб гъотIоде. Газеталъул хIалтIудаса абадияб разилъунгутIи загьир гьабулездехунги дица расги нечечIого, бетIер гIодобе къуличIого машгьурав классикас гIадин бичIчIиялде хьулгун гьадин абила: «Кинавго чи разилъиледухъ асар хъван лъихъаниги бажарунаро». 

Вассалам, вакалам.   

 

Просмотров: 623 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz