Пятница, 26.04.2024, 20:49 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Январь » 30 » КИН РУГЕЛ НУЖ, ХАРАБИ?
13:38
КИН РУГЕЛ НУЖ, ХАРАБИ?

Г1олохъанаб г1елалда рак1алде ккола г1иц1го жидерго гурого рук1унарин г1умруялъул зах1малъабиян. Ригь аразул гьел жеги ц1ик1к1ун рук1унел руго. Гьел къезаризеги гьезие г1емерго зах1малъулеб буго. Жакъа г1енеккизинха гьезул цо-цоязухъ.

Дунги дир бет1ергьанчиги ц1акъ цоцазе хириял г1адамал рук1ана. Г1езавулев вук1ана нижеца, нижер рокьиялъе нуг1лъун кколев цо васги. Анлъго сон васас т1убараб заман бук1ана, авариялдеги ккун хвана дир бет1ергьанчи. Хут1ана дунги дир цох1о вугев васги. Ниж к1иялго ц1акъ цоцаде ругьунал рук1ана. Цадахъ дарсал гьарулаан, цадахъ тира-сверизе унаан. Школалда ккарал лъугьа-бахъиназул васас дида бицунаан, х1алт1уда ругел церет1еязул дица гьесдаги бицунаан. Цоцаде рокьигун, цоцазде адабгун арал лъач1ого соналги ун, васас школа лъуг1изабуна ва хадуб ц1ализе ана. Институталде занятиялде иналдеги, т1ад вуссун хадубги, вегилалде цевеги вас дихъе к1алъалаан дир х1ал-х1укму ц1ехон. Гьесул к1алъаялдаса хадуб гурого, дида гьуинаб макьуялда кьижизеги к1олароан. Гъира бук1ана институтги лъуг1ун вас рокъове вач1ине, гьесие ч1ужу ячине, гьесул лъимер кодобе бачине. Ч1ужу ячана, амма гьей ккана ц1акъго жийго жиндиего г1урай. Кинаб бук1аниги х1алт1и-пиша гьабулеб бугониги, квен-т1ех гьабулеб бугониги яги бокьараб рокъоб гьабулеб ишалде гьоркьое гьелъ дун ц1алароан, кинабго жинцаго гьабун гурого, амма ниж (дунги васги) ругьунал рук1ана кинабго данд бан, цоцада ц1ехон гьабизе. Гьелъ дидаги нусалдаги гьоркьоб к1алъа-бачаял ккеч1ого хут1улел рук1инч1о. Ахирисеб нухалда к1алъай ккараб мехалда дица гьелда абуна, дир рокъойги йик1ун дие ч1ух1и гьабугейин, ч1ух1и гьабизе дуего бокьараб бак1алде айилан. Гьелдаса хадуб васги нусги рукъги ккун бат1ияб бак1алде рахъана, дун хут1ана дирго г1алах г1адинаб к1удияб минаялъуй, дунго цох1о. Бач1унгегийилан ккола сордо, гьеб хекко-хекко унарелъул, бач1унгегийилан ккола хасел, цо-цониги къват1ие яхъун г1адан-чиясда к1алъазе щоларелъул. Васас дун рехун толаро, гьев дихъе ваккизе вач1уна ва нахъе уна. Дун унтараб мехалда дир бусада цеве ч1ола, дару кьола, амма гьеб дие дагь буго. Нужеда бихьизе бокьилаан, дир вас дир бет1ергьанчиясда вугев релълъарав, диваналда вегарав эсухъ балагьараб мехалда, дида цеве вач1уна дирго бет1ергьанчи, бит1ухъе къот1ун бет1ер т1ад лъун бугин ккола досул эсда.

Вас нахъе уна, дун долго пикрабалъ, долго ургъалабалъ т1ерхьун г1одой ч1ун хут1ула. Рак1алде кколеб буго васасе ч1ужу ячун хадуб, мац1г1аги к1очон бук1арабани, дидагоян. Нужер рук1унищ гьал дирг1адинал пикраби, ургъелал! Рач1а цоцада ургъел бикьизе.

Ц1арал хъвач1ониги нилъ цоцада рич1ч1ила. 

 

 

Г1айибги дида раг1ула

Сапаралъ къват1ие яхъараб бак1алда дир лъай-хъвай ккана цо г1олохъанч1ужуялъулгун. Гьелъ дие бицана жиндирго ккараб къисматалъул. Гьеб бицунелъул, гьелъ зама-заманалдасан дида гьикъулеб бук1ана бит1араб гьеч1ищила жинца абулеб жо. Жий гурей бат1ияй ч1ужуялъги гьадинго гьабилароанищилан. Дица гъоркьехун кьолеб буго дидаги гьей г1аданалдаги гьоркьоб ккараб гара-ч1вари. Ц1алдолел, бегьула нужецаги гьелъие къимат кьезе. Дирго пикру дица ахиралда загьир гьабила.

Дун йиго лъаг1ел баралдаса нахъе эбелалъ рехун тарай, эбел ч1агояй бесдалай. Эбел-эменги цоцаздаса рат1алъулеб мехалда инсуе квешезейилан, гьелъ дун гьесухъе рехун тун йиго, г1емер заманго иналде жийгоги цойги бат1ияв чиясе росасе ун йиго. Ц1ияв чиясе лъаг1а-лъаг1алие гьарурал 5 лъималги йик1ун  хьихьун гурого, эбелалъ дир цо къоялъг1аги аск1ое ячун т1алаб гьабун гьеч1о. Дун к1удияй г1урай, г1акълу-лъай бижараб мехалдаги, дида рак1алда гьеч1о дир ясилан карандеяли киса гурин къалей, конфет, печенаби росунцин гьелъ дир рак1 бохизабураб заман. Карандеги къан дун к1удияй г1езаюна дирго инсул эбелалъ, гьей хун хадуб инсул ч1ужу Хадижатица. Дун росасеги кьуна, росу бахилаб къайиги гьабуна. Диеги лъималги гьаруна. Эбелалъ ясалъе лъимер гьабураб мехалъ гьабулебщинаб гьабуна дие Хадижатица, амма гъойцояй эбеллъун кколей г1аданалъ гуребха.

Алъул лъималги цо-цоккун рос-рукъалде руссун, руссинч1ого щиб алда аск1оса ана. Росги хун жийго цох1о хут1арай ай, цо къоялъ къват1алги сверун рокъое яч1унелъул, г1одойги реч1ч1ун, бекун буго рохокъот1и. Цох1ониги г1агарлъиялъул г1адамал аск1ор гьеч1ей алъул т1алаб гьабизе кколеб раг1улаха дица. Цо-цояз дит1е г1айиб гьабулеб буго кинай йик1аниги, эбел гурищилан, амма дида кинго гьелда т1аса лъугьине к1олеб гьеч1о. Лъугьаян гьелъ дида абизеги абич1о.

Хьихьизе ккани дица хьихьила диего эбеллъи гьабурай Хадижат ва дие г1умру кьурав, дун хьихьарав эмен-Ах1мад.

Хадубги гьелъ бицунеб бугоан Хадижат эбелалъ жийго хьихьараб ва куцараб куцалъул ва гьелъие г1орхъи гьеч1еб баркалаги кьолеб бугоан гьелъ.

Гьеб руччабазул данделъиялдаса къват1ие яч1ун хадубги дида цееса инч1о дой г1олохъанч1ужу. Гьаюрай эбел рак1алде щвезаюлеб мехалда гьелъул гьурмаде бач1унеб бук1араб рокьукълъи, эбеллъун таралъул бицунелъул, гьей йоха-хинлъун яч1уней йик1араб куц бихьидал, дида рак1алде ккана Хадижат унго-унгояй дин-исламги бокьулей, инсанасда гурх1елги бугей, гьевги вич1ч1улей г1адан ятилилан. Гьедин бук1инч1ебани, бесдал ясалъ гьелъие гьединаб къиматги кьелароанилан.

Г1олохъанч1ужуялъул талих1 ккун буго бесдал эбелг1аги гурх1ел-ц1об бугей лъик1ай щвей. Чанги рук1уна лъимал бесдал эбелалъ г1акъубаги кьун, къойилго г1одизарулелги. Дуда ах1улеб раг1ич1ищ «Бесдал эбелалда берцин вихьизе, наккуги баччана, бокьги бахъана»,-ян.

Инхоса Г1али-х1ажиясул аби-биценазулъ буго:

Масала, г1акъилас г1адан теларо,

Тушман вугониги, г1адада хвезе,-ян.

Цо рахъг1аги бит1ун ккун бугелъул, Т1адег1анав Аллагьасе шукруги гьабун, бегьилаха эбелалъул т1алаб-агъаз гьабизеги. Амма гьабич1огонилан г1айиб ч1вазеги дида кинго к1оларо. Г1олохъанч1ужуялъул жиндихъго буго ихтияр бокьараб т1аса бищизе. Нужеда кин кколеб?     

 

 

        

Цин эбелги ясги г1адин, хадуб к1иго т1ул бикьарал яцал г1адин

Хунзахъ росу бакьулъан чвахулеб лъар ч1ван эхебе пекарниялдехун унелъул, нилъеда, г1емер дандч1вазе  бегьула гьурмада нур бугей, недегьаб каламалъул, г1адан бахилаб хасият-г1амалалъул ригь арай ч1ужуг1адан.

Гьелъулгун хабар-к1алалде лъугьани, нилъеда лъала  цересел умумузул г1умру, х1алт1и-пиша, квен-т1ех, г1адатал, рек1елгъеял. Гьезулъ бук1уна гьанжесеб  г1елалъ мисал босизе бегьулеб г1емераб пайдаябщинаб.

Жакъа дие бицен гьабизе бокьун буго Хунзахъа Х1адисова Саих1атил х1акъалъулъ. Цебесеб г1умруялъул бицунаго, гьелъ рак1алде щвезабула киг1анго зах1матаб заман бук1аниги, г1адамазул бук1араб цоцада гъорлъ рак1 жубай, цеве ккарасул квенги кванан, нахъа хут1арасул  х1алт1иги цадахъ гьабун рук1унел рук1араб куц.  Г1исинал лъимал рук1анила ч1ах1иязул адаб  бугел, ч1ах1иял-г1исиназул т1алаб бугел. Эбел-инсул адаб тарал лъималги рук1инч1ила, лъималазе г1адлу гьабуларел умумулги рук1инч1ила абула гьелъ.

- Мисалалъе босани, нижер хъизаналда 7-ял рук1ана. Щивасда лъалаан жиндирго бак1 кинаб бугебали. Дида цадахъ г1умру гьабун йик1ана якьадги, дирго лъималаздасаги дие йокьулей, бет1ергьанчиясул ясги, дирго 4 лъималги. Нижеда  гьоркьоб киданиги цоцазул адаб тараб иш ккеч1о. Дица якьадалъул гьабулаан адаб, гьелъ дирги гьабулаан. Нагагьлъун сапаралъ дун ани, яч1иналде кидадай дун яч1инаян дихъ ч1алг1ун ятулаан гьей.  Дида цее йигей бет1ергьанчиясул ясги дирго  лъималаздаса ят1а гьайич1о дица. Дица гьелда дирго лъималазда малъарабги малъана, дирго лъимал рачинч1елъуй бертабалъеги, концерт-театралдеги ячунаан.

Дица гара-ч1вари гьабуна гьелъул йокьулей яс Г1ашатилгунги.

- Дунги, дица эбеллъун толей Х1адисова Саих1атги, дида цин эбелилан кколаан, цо-цо мехалда  т1ул бикьарай яцлъунги йихьулаан.  Дица гьелда кидаго дирго ургъел бикьулаан, лъалареб гьикъулаан. 4 класс лъуг1аралдаса нахъе, гьелъ дун хурие ячунаан, рокъоре т1ад руссунелъул гьит1инаб, берцинаб кущт1аги гьабун йохизаюлаан. Гьединабго заманалдаса нахъе салмагал рессизе, рокъоб рац1ц1а-ракъалъи гьабизе, сундего ругьун гьаюна гьелъ дун. Т1аде – гъоркье гьалбал рач1араб  мехалъ, гьез дие махсаро-хоч1 гьабулаан жидеца Саих1ат юхилилан. Дун гьит1инай ч1ужу, г1одулаан дир Соо юхугейилан, гьей лъик1ай йигилан. Гьеле гьедин берцинлъиялда, гьуинлъиялда рук1унаан ниж дун росасе инег1ан рокъобги, ун хадуб мадугьалихъ г1умру гьабулелги рук1ун цоцаде т1аде- гъоркье раккич1ого ч1оларо гьаб жакъа къоялдаги.

Саих1ат кидаго сверун ккун йик1уна г1агарлъиялъги, мадугьаллъиялъги, гьобол-гьалмагълъиялъги. Гьелъул кидаго гьезие бук1уна рагьараб рак1ги, сахаватаб кверги, г1акъилаб каламги.

- Дун талих1ай ч1ужу йигилан абула Саих1атица, - гьанжелъизег1ан лъималгун, гьезулги лъималгун сах-саламатго тун йигелъул. Гьелъ киналго районцоязе гьарула рекъел, роц1араб зоб, гвангъараб бакъ, гьабулебщиналъулъ бит1 ккей.

Н. Г1алиева.

Просмотров: 664 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz