Вторник, 07.05.2024, 13:30 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Май » 23 » КИН РУГЕЛ НУЖ, БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ?
23:02
КИН РУГЕЛ НУЖ, БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУЛ СОЛДАТАЛ?

К1удияб Бергьенлъиялъул къоялда цебе ва гьеб къоялъ нилъеца к1удияб пашманлъигун рак1алде щвезарула нилъер Ват1ан чияда бараблъун гьеч1олъиялъе ва эркенлъиялъе г1оло рагъулаго хварал нилъер бах1арчиял г1олохъаби, къулула гьезие бут1рул. Ч1аго хут1арал К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1азда баркула К1удияб Бергьенлъиялъул къо. Гьарула гьезие киназего щулияб сахлъи, ракълилаб, халатаб г1умру, парахалъи.

Гьале исанаги К1удияб Бергьенлъиялъ 69 сон т1убаялъул байрам баркизе районалъул г1адамазе социалияб хъулухъ гьабиялъул централъул ва «Росдал зах1матчи» газеталъул вакилзаби ун рук1ана Хунзахъ ва Бакьагьеч1и росабалъ ч1аго ругел рагъул ва зах1маталъул ветераназухъе раккизе.

Т1оцебе ниж щвана Хунзахъ росулъа Кенингсберг шагьар бахъиялъулъ г1ахьаллъарав, К1удияб Ват1анияб рагъул 11-даражаялъул орден щварав, фашистазулаб Германиялда т1ад бергьенлъи босиялъул медалалъе мустах1икълъарав ва гьел гурел цогидалги шапакъатаз керен къалъизабурав Гьиматов Мух1амадрасул Гьиматовичасухъе. Гьев нижеда ватана минаялда цебе бугеб паст1аниб жиндаго к1варал ихдалилал х1алт1аби гьарулев. Нижедаса вохарав Мух1амадрасулица рокъоре жаниреги рачун чаялъул чашкаялда нахъа рак1алде щвезаруна рагъулал сонал, бах1арчилъиялда рагъарал гьудул-гьалмагъзаби.

Инсанияталда жаниб ккарал рагъазул бищунго г1емер камиял ккараб гьеб рагъалъ дунялалдасаго ват1а гьавуна 50 млн. чи, нилъер улкаялдаса 27 млн. рагъухъан, Хунзахъ росулъа рагъде арав 260 чиясдасан т1ад вуссинч1о 180 г1олохъанчи. Ч1унтана г1емерал шагьарал, т1убан рух1ун ракьалдасаго т1аг1инаруна г1емерал росаби.

Мух1амадрасул Гьиматов вук1ана жиндиего бокьун г1арзаги хъван кьалде аразул цояв. Т1оцебе рагъда гьев вук1уна топограф-вычислительлъун. Гьес бицана Кенингсберг хъала бахъиялъул ккарал рагъазул, нилъер г1олохъабаз гьениб бихьизабураб бах1арчилъиялъул.

Хадуб ниж щвана Белоруссиялда рук1арал рагъазулъ бах1арчилъи бихьизабурав, Минск шагьар эркен гьабиялъе, Германиялда т1ад Бергьенлъи босиялъе г1оло, рагъулал хъулухъазда бихьизабураб бихьинчилъиялъе г1оло медалал щварав Г1алибегов Г1усман Г1абдулмаликовичасухъе.

Жиндирго хъизан-лъималазда гьоркьов парахатаб г1умруялда вуго Г1усман Г1абдулмаликович. Бокьун г1арзаги хъван жеги г1овул г1ужде вахун вук1инч1ев Г1усман 7 сонги 4 моц1ги бан гурого т1ад вуссунаро Армиялдаса. Рагъ лъуг1ун хадубги гьев г1ахьаллъула ч1унтарал шагьарал, росаби рахъинариялъул зах1матал х1алт1абаздаги.

Рагъдаса хадусел соназ Г1усман х1алт1ула Хунзахъ Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалъул бухгалтерлъун. Гьеб х1алт1улъги Г1усманица бихьизабула рак1 бац1ц1алъи, мух1канлъи ва жавабчилъи.

Фашистазулаб Германиялда т1ад Бергьенлъи босиялъухъ медаль щварав Гьит1иновасов Малламух1амадихъе ниж щведал, жиндирго г1умрудул гьудул Мариягун цадахъ Россиялъул Президент Владимир Путиница К1удияб Бергьенлъиялъ-69 сон т1убай баркун бач1араб кагъат ц1алулел ратана нижеда гьел. Лъиеха бокьилареб жидер адаб-х1урмат гьабун, гьезде бугеб рокьи ва адаб загьир гьабун гьудул-гьалмагъзаби, г1ага-божарал, социалиял х1алт1ухъаби т1аде рач1ине. Г1орхъи гьеч1еб рохел загьир гьабуна Малламух1амадица жив к1одо гьавун т1аде рач1аралъухъ гьалбадерие. Гьес рак1-рак1алъулаб баркала кьуна Бергьенлъи баркизе рач1арал г1адамазе социалияб хъулухъ гьабиялъул централъул х1алт1ухъабазе.

Япониялда т1ад Бергьенлъи босиялъухъ медаль щварав Мух1амадов Г1иса Атах1овичасулги рук1ана нижергун дандч1ваялда гьарулел рак1алде щвеял. Гьес цойги нухалда рихьизаруна нилъер г1олохъабазул бах1арчилъи, къох1ехьей, нилъер г1адамазул вацлъи ва гьунарал.

Бакьагьеч1иса рагъул ва зах1маталъул ветеран Х1айдарбегов Хъазанби Х1айдарбеговичасухъе ниж щвараб мехалда Бакьагьеч1и Бергьенлъиялъул къо баркизе школалъул ц1алдохъабиги рач1ун гьезул концерталъухъ г1енеккун ватана нижеда Хъазанби. Гьез Хъазанби Х1айдарбеговичасе ах1ана рагъул х1акъалъулъ куч1дул, рик1к1ана Бергьенлъиялъул къимат гьабулел дикломациял.

Хадуб Хъазанбица бицана жидерго хъизаналъул х1акъалъулъ, гьит1инго эменги хун, эбелалъул ц1обалде ккарал жидер 4 васасгин яцалъ г1умру гьабулеб бук1араб зах1матаб х1алалъул, Советияб власталъул т1оцересел соназ киналго вацаз росдал г1умруялда гьабулеб бук1араб жигараб г1ахьаллъиялъул. Колхозал г1уц1арал къоязул байбихьудасанго, гьел цересезул кьераздасан колхозалде лъугьиналъул. К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьун хадуб лъабавго вац уна фронталде.

Вац Мух1амадица байбихьула Баг1араб Армиялда хъулухъ гьабизе жеги Финляндиялъулгун рагъ байбихьараб мехалдасанго. Вук1уна лъукъун.

К1удияв вац Мух1амадх1ажи вагъула Воронежалда ва гьелда сверун гьабулел рагъазулъ.

Цогидав вац Х1айдар вагъула Каменец-Подольскиялъе г1оло т1орит1улел рагъазулъ.

Хъазанбил гьеб заманалда бук1уна г1иц1го 17 сон. Цох1о эбел гурого рокъой хут1улей гьеч1ониги, гьес хъван г1арза кьола живги фронталде вит1ейилан. Амма гьесие инкар гьабула.

1942-1943 соназда фашистазда к1ола Северияб Кавказалде рач1ине. Дагъистаналда г1агарлъухъ унел рук1уна кьварарал рагъал. Тушманас гьабулеб бук1уна рагьун гуребги, балъгоябги рагъ. Гьеб заманалда Хъазамица ва гьевго г1адал цогидазги т1убазабулеб бук1уна бандитал, такъсирчаг1и т1атинариялъул х1алт1и. Г1емерал соназ гьев х1алт1ула НКВДялда.

Ахиралда нижергун къо-мех лъик1 гьабулелъул, киналго ветераназ нижеда гьарана жидер адаб-х1урмат гьабун сайгъаталгун рач1арал районалъул администрациялъул бет1ер Саг1ид Камилевичасе, ЦСОНалъул нухмалъулев Х1ажи Дибирчуевасе ва гьел гурел цогидалги баркиял гьаруразе рак1-рак1алъулаб баркала «Р. З.» газеталдасан загьир гьабеян.

Бергьенлъигун, х1урматиял, Бергьенлъиялъул солдатал! Щивасе щулияб сахлъиги, роц1араб зобги, гвангъараб бакъги нужее.

Н. Г1алиева.     









 

Просмотров: 613 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz