Дагьаб цебегlан районалъул нухмалъи щвана Бабаюрт районалъул зонаялда ругел районалъул магlишатазде. Гьезда цадахъ рукlана райадминистрациялъул росдал магlишаталъул отделалъул ва ветеринарияб хъулухъалъул хlалтlухъабиги. Гъутабазде сапар бухьиналъул аслияб мурадги букlана хаслихъе рекьи, гъутабазде гlи гочинаби, пиринчlалъул бачlин бакlари, хасалоде хъачlаб рагlи-хералъул нахърател хlадури ва гlи-боцlуда хасел тlамизабиялде хlадурлъи кинан унеб бугебали халгьаби. Рагlалде бахъун буго пиринчl бакlари, гlаммаб къагlидаялъ гьеб бекьун букlун буго 600 гектаралда, гьоркьохъеб къагlидаялъ цо гектаралдаса бакlарун буго 40 центнер. 2200 гектаралда гьабун буго хаслихъе рекьиги.
Районалъул тlалъи щвана “Машгьурал гlадамал”, “Гьацlалухъ”, “Гlорутlа”, “Гьамиштlа”, “Буцlра”, “Харахьи”, Ленинил ва Энгельсил цlаралда ругел СПКязде. Гьел киналго магlишатазда тlадбан унеб буго хасалиде хlадурлъи. Къачlан руго ва жеги къачlалел руго гlухьбузул рукъзал ва бокьал. Киналго магlишатазда гlураб къадаралда хlадурун буго хасалиде хъачlаб рагlи-хералъул нахърателги. Техникаялъулгун ГСМазул ва цогидабги хlажатаб къайи-цlаялъулги щибго къварилъи гьечlилан бицана нижее росдал магlишаталъул отделалда.
“Нилъер район кидаго букlана росдал магlишаталъул рахъалъ цебетlураблъун. Советияб заманалда улкаялдаго цlар рагlарал колхозал рукlана нилъер. Узухъда, цебегlадаб даражаялда гьечlониги, жакъаги нилъер росдал магlишат тlубанго чlунтизе тун гьечlо. Гьеб бутlа цебетlезабиялде кlвар кьолеб буго районалъул нухмалъиялъги”, - ян абуна Нурмухlамад Задиевас магlишатазул хlалтlухъабигун рукlарал данчlваязда.
Гьединго районалъул нухмалъулес сайгъатаздалъун ва грамотабаздалъун кlодо гьаруна цо-цо хlалтlулъ лъикlал хlасилал рихьизарурал захlматчагlиги.
И. Мухlамадов.
|