Пятница, 26.04.2024, 10:58 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Апрель » 13 » ХИЗРИ Т1АЛХ1АТОВ «Г1АДАМАЗЕ ХЪУЛУХЪ ГЬАБИЗЕ ВАЧ1УН ВУГО ДУН РОСДАЛ БЕТ1ЕРЛЪИЯЛДЕ»
16:52
ХИЗРИ Т1АЛХ1АТОВ «Г1АДАМАЗЕ ХЪУЛУХЪ ГЬАБИЗЕ ВАЧ1УН ВУГО ДУН РОСДАЛ БЕТ1ЕРЛЪИЯЛДЕ»

Т1алх1атов Хизри Гьит1инамух1амадович. Досье.

 Хизрил г1умруялъул буго 52 сон. Гьеб буго бищун х1алт1ул рахъиги бугеб г1акълуги камилаб г1уж. Лъаялъул рахъалъ Хизри вуго экономист, лъуг1улеб буго управлениялъул ва администрациялъул факультет. Буго техникияб лъайги. Лъайго г1адин Хизрил буго г1емеррахъалъулаб х1алт1ул х1албихьиги г1урабго стажги. Зах1маталде Хизри гьит1инго ругьунлъана. 7-леб классалда ц1алулаго, гьес росдал магъил хъаравуллъиги гьабуна. Гьайгьай, бажарараб кумек рукъалъул х1алт1улъ эбел-инсуеги гьабулаан. Х1алт1ана Хизри телевидениялдаги. Бокьула ракьул х1алт1и Ижараялъе босараб ракьалда г1езабун буго ах. Буго бизнесалда х1албихьиги. Х1асил, Хизрил буго жинцаго жакъа гьабулеб бугеб х1алт1уде данде кколеб лъайги х1алт1ул х1албихьиги. Хизрие г1умруялъул дарсал щвана Советияб Армиялдаги ругьун гьавуна т1адкъараб иш заманалда ва мух1канго т1убазабизе. Гьабсаг1ат Х. Т1алх1атов х1алт1улев вуго Хунзахъ администрациялъул бет1ерлъун. Х1алт1улъ ругел бергьенлъабазе г1оло гьев 2009 соналъ мустах1икълъана Х1укуматалъул Грамотаялъе. 

МО «Сельсовет Хунзахский». Паспорт.

Рехсараб муниципалияб г1уц1иялде гьоркьобе уна Хунзахъ, Ч1ондокь, Байикь, Гъонохъ, Хьини, Заг1иб, Нак1к1икь, Гиничукь росаби. «Хунзахский сельсовет» г1уц1иялъул административияб центр буго Хунзахъ росулъ. Микьабго росулъ г1умру гьабун вуго 5521 чи. Гьеб ккола т1олабго районалъул г1адамазул 17, 5 процент. Жибго Хунзахъ хъвай-хъваг1ай гьабун бугеб 1130 ц1аракиялда г1умру гьавун вуго 3836 чи. Гьебги ккола Хунзахъ администрациялда хъвай-хъваг1ай гьабуразул 69,5 процент.Рехсарал росабазул г1адамазе хъулухъ гьабун буго 2 гьоркьохъеб, 1 ич1госонилаб, 7 байбихьул школаз, 9 детсадалъ, 7 медпункталъ, 9 культурияб идаралъ. Хунзахъ росдае медицинаялъулаб хъулухъ гьабулеб ФАПалда х1алт1улев вуго 6 врач ва 5 гьоркьохъеб медицинаялъул специалист. Заг1иб, Нак1к1икь, Гъонохъ, Ч1ондокь, Хунзахъ росаби уна кидаялиго гучаб, машгьураб бук1араб Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалде гъорлъе. Гиничукь, Байикь колхозал ц1унун руго. Колхозазул маг1ишат буго хъутабазда. Маг1арухъ ругел рекьаби, рецаби, муч1дул рехсарал росабазул г1адамазул ихтияралда руго. Амма гьедин бугониги бекьич1ого тараб ракь соналдаса соналде ц1ик1к1унеб буго. Администрациялъул бет1ерасул баяназда рекъон, 40 процент ракь бекьич1ого тун буго. Дагьлъулеб буго г1и-боц1иги. 1990 соналъ Хунзахъ росулъ бук1анила хьихьун 600 г1ака, 2010 соналъ, ай анц1го соналдасан гьезул къадар 3 нухалъ дагьлъанила. Ц1ик1к1унеб буго нилъер умумузул аслияб бечелъилъун бук1араб г1и. Маг1арулав кваназавуна чахъдаца, чахъдаца рет1ана нилъер умумузда рет1ел-хьит. Аслияб къаг1идаялъ гьаниб бекьулеб буго квание картошкаги, г1и-боц1уе к1алц1уе пурч1инаги. Цогидазе г1адин хунздерие къварилъи гьеч1о хур бекьи-бак1ариялъул. Администрация бет1ергьанаб комбайналъ лъилъула пурч1ина, гьелъго т1амула лалги. Картошка бекьи-бак1ариялъулги гьеч1о зах1малъаби: ихдал, хасалихъе гьеб х1алт1и мухьдахъ т1убазе росулъ г1ураб къадаралда буго техника. Гьайгьай, кинабго жог1адин техникаги ц1акъ хираго буго. Бахараб хайиралдаса т1ад гьарурал харжал ц1ик1к1унеб х1алалде ккезабун буго хур-бекьи, боц1и-панз хьихьи. Гьединаб буго жакъасеб власталъул политика. Гьеб политикаялъ власталъ нилъеда кваназабулеб буго цогидал улкабазда кваналареб химияги цогидал загьруял жалги журараб сахлъиялъе заралияб квен.

- Хизри бегавуласул х1алт1ул къо чан саг1аталъ халат бахъунеб?

- Дирги, дир заместителазулги ва г1адамазул мурадал т1уразе кколел цогидал администрациялъул х1алт1ухъабазулги, х1акъикъаталда босани, х1алт1ул къойил норма,г1урхъи гьеч1о. Сундулниги ургъелги, т1алаб-агъазги гьеч1ого, рах1ат-х1алхьиялда ниж г1одор къоязги хут1уларо. Цояв к1алъан вач1уна рокъобе лъим къот1анилан, цогидав вач1уна авалалда ток гьеч1илан. Дир г1одобкъо бугилан гьединал г1адамал нахъч1вазе рекъон бук1инищ? К1удияб росулъ гьединал нахът1амун тезе бегьуларел ишал дагьал рук1унаро. Хабар бач1уна маг1ардаса вехь т1ад вуссун гьеч1илан-ине ккола гьениве. Дагьал церег1ан къояз тракторист вач1ана экскаватор нухда хут1анилан, ине ккана гьелда хадув. Лъабабго соналъ отпуск росулъго т1амуна, т1урана г1адамазул х1ажатал, отпускалда вугилан х1алт1уде инч1ого ч1еч1о. Рах1ат-х1алхьи гьеч1еб х1алт1и буго бегавуллъи.

- Гьабизе планалде босун бук1араб х1алт1и гьабун бажарулищ, ялъуни конторалде щведал, гьелдасаги цебе гьабизе кколелдейищ вуссине кколев?

- Щибаб къоялъ анц1-анц1 чиясул къвариг1елалги х1ажаталги рук1уна росдал администрациялъул бет1ерас т1уразе кколел. Г1адамазул х1ажатал т1уралаго, планалде босун бук1араб х1алт1и гьабич1ого, нахъ бахъун тезе ккараб заман дагь бук1унаро. Гьединаб мехалъ цогидаб иш нахът1амун, г1адамазул х1ажат т1убач1ого рес бук1унаро. (К1удияб райцентр жаниб бугеб росдаеги нахъеги 7 росдаеги цевехъанлъи гьабизе вач1унаго, гьаризе рак1алда рук1арал планал г1умруялде рахъинарун бажарулел ругищ дудаян кьураб суалалъе росдал г1умруялъул жиб-жиб бут1аялда гьабураб х1алт1улги х1аракаталъулги бицана бегавулас. Дица Хизрица бицараб низамалда кьела гьесул ишал ва х1аракат).

 - Гьабураб х1алт1улги дандч1валел зах1маталъул бициналде, рехсезе ккола цо гьадинаб х1ужжа. Цебе, советияб заманаялъ, росдал Советалда цадахъ халкъалъул т1алабал, х1ажатал т1уралаан экономикияб рахъалъ гучаб, бокьараб жоялде квер г1унт1улеб колхозалъги, росдал лъик1алщинал г1адамаздасан г1уц1араб парторганизациялъги. Гьанже гьел г1уц1абазулги х1алт1и т1аде ккун буго жибго хут1араб администрациялде. Цебе г1адамаз жигараб г1ахьаллъи гьабулаан мухь кьеч1ого гьабулеб х1алт1улъ: росу, къват1ал, лъимал, нухал къач1аялъулъ, ризго т1орит1улел субботниказулъ. Жамаг1аталда гьоркьосеб х1алт1улъ г1ахьаллъи бук1ана цересел умумуз ирсалъе тараб лъик1аб г1адат, гьезул мисалалда тарбия кьун, куцалеб бук1ана хадусеб г1елги. Доб г1ел херлъун буго, ялъуни жакъа нилъгун гьеч1о. Гьанжесеб г1елалъулъ доб жигарчилъи гьеч1о, росдада гьоркьосеб, мухь гьеч1еб х1алт1и бокьулеб гьеч1о, кинабго гъурщида бухьине гьабулеб буго. Бокьараб, рак1алда бугебщинаб гьабизеги жамаг1аталъул киналго т1алабал т1уразеги ресалги сурсаталги рук1унел гьеч1о.Росулъ гьабулеб х1алт1иги г1адамазул т1алабалги киналго к1вар бугел рук1уна. Ток гьеч1есе ток, лъим къот1арасе лъим аслияб бук1уна, бегьуларо росабалъе нухал къот1ун тезе. Гьел ва цогидалги жамаг1аталъул т1алабал т1уразе, къварилъаби лъуг1изаризе ресалги нухалги ратизе т1адаб буго росдал бет1ерасда. Дун росдал администрациялъул бет1ерлъуде вач1ун вуго г1адамазе хъулухъ гьабизе, 8 росдал т1алабал т1уразе щулияб къасдгун. Гьелъухъ босулеб буго дица мухь-харжги. Цо къадаралданиги дидасаго г1адамал разиго хут1и буго дир х1алт1ул аслияб мурад.  

 - Росдал бет1ерлъуде вач1унаго, гьаризе планалда рук1арал ишазул аслиязул цояблъун бук1ана росдал г1адамазул лъеде бугеб х1ажат т1убай, иццазде ва г1адамазул рукъзабахъе квалквал гьеч1ого лъим чвахизаби. 

- Дица росдае бет1ерлъи гьабураб лъабабго соналъ Гьент1а, Гъайлуни, М. Дибировасул, Х. Локаловалъул, М. Х1ажиевасул, «Баг1арав партизан» къват1ахъ 1164 метраялъул халалъуда ц1иял трубаби лъуна. Ц1иял трубаби лъуна Хизроевасул, Советская къват1ахъ, Щулалъут1а ва цогидалги къват1ахъ.

- Дида лъала, Хизри, гьоркьоса къот1ич1ого г1адамазул рукъзабахъ ток бук1инабиялъе, дуца хасго исана г1азу г1емераб хасало, г1емер х1алт1и гьаби. Дур жигараб х1аракаталдалъун 2-3 къойил болжалалда хисана рух1арал трансформаторал. Гьелъухъ баркала кьурал ва дур х1алт1удаса разилъи загьир гьарурал кагътал рач1ана газеталъул редакциялде. Дур жигараб х1алт1ул х1акъалъулъ хъвана «Р. З.» газеталъул мухбир П. Гунашевалъ.

- Рук1а-рахъиналъул ва культуриял х1ажатазеги росабазул г1адамаз г1ат1идго х1алт1изабулеб буго ток. Щивасул г1умруялъулъ чара гьеч1ого х1ажатаб жолъун лъугьун буго электроэнергия. Ток гьоркьоб къот1иялъ г1адамазул г1умруялъулъ рижизарулел руго г1емерал квалквалал, санаг1алъи гьеч1олъиял. Гьединлъидал, лъимго г1адин, щибаб къоялъулаб к1вар кьезе кколеб, берзукьа борч1изе тезе бегьулареб жолъун администрациялъе буго 8 росдал г1адамазе ток бук1инабиги. Араб 2010 соналъ администрациялъул харжаздасан хисана басралъарал х1убал, ц1ана кварал. Хисана къват1ул канлъиялъул 280 прожектор («Кобра»), 8 бак1алда лъуна къаси канлъи кколел, къад ссунел алатал. Жанибмагъилъ авалалда хисана КПП. Гьединго администрациялъул харжаздасан лъуна бат1и-бат1ияб къуваталъул 5 трансформатор. Чотот1а авалалде ц1иял х1убалги лъун ц1ана токалъул кварал. Къват1ул канлъиялъе 8 росулъ чирахъазухъ ва токалъухъ администрациялъ харж гьабула щибаб моц1алъ 40-45 азарго гъурущ. Росулъ токалъул х1алт1и гьабизе тун вуго администрациялъ харж кьолев электрик. Г1иц1го араб соналъ токалда хурхарал ишазе росдал админстрациялъ 1,5 миллионалде г1агараб г1арац харж гьабун буго.

 -Росдае унтараб, дару батизе зах1матаб суаллъун буго Хунзахъ росдал ракьалда 2 администрация бук1ин. Киг1ан г1ажаиблъи гьабизе ккараб жо бугониги, умумуз Хунзахъ росдае ирсалъе тараб, анкьумумулъанго Хунзахъ росдал г1адамал бет1ергьанаб ракьалда г1уц1ун буго Г1араниб администрация. Гьеб ракьалда ругел районалъул больницаялъ, к1иго гьоркьохъеб школалъ, военкоматалъ, нухазул управлениялъ ва Г1арани ругел цогидал идарабазги г1уц1абазги налогал рач1унел руго ракьазул бет1ергьабазе гуреб, Г1арани администрациялъе. Гьеб кинабго гьабулеб буго законалги хвезарун. Хъач1го закон хвезабиялъул цо х1ужжа рехсезин. Районалъул ц1ияб больница базе жидерго ракь кьун буго Хунзахъ администрациялъул х1укмуялдалъун, налогал абуни, рач1унел руго Г1арани администрациялде. Гьеб рит1ухълъи гьеч1олъиялъе ахир лъезе къасдгун вач1ун вук1ана дун администрациялъул бет1ерлъуде. Амма рит1ухълъи батизе бигьаяб иш батич1о. Нахъаса вич1ич1ого гьабураб х1алт1ул х1асилалда к1вана г1иц1го Г1арани ч1ел бугеб рагъулаб часталъул налогал Хунзахъ администрациялде рач1инаризе. Гьезул къадарги гьит1инаб гьеч1о: 6 млналде г1агарлъула. Хут1арал идарабазул ва дармил точкабазул г1арац хъач1го законги хвезабун, Г1арани администрациялде унеб буго. Кидаялиго хвезабураб закон, биччараб гъалат1 бит1изабизе бигьаго бук1унеб гьеч1о. Амма рит1ухълъи батич1ого ч1езе рак1алда гьеч1о. Хунз бет1ергьанаб ракьалда кверщел гьаби г1еч1ого, Г1араниб администрациялъе унеб буго законалда ниж бет1ергьанаб 2 миллион налогазул.

- Хизри, дида рак1алда буго гъоркь вук1арав бегавулгун бук1араб гара-ч1вариялда минаби разе ракьал кьеялъулъ ругел зах1малъабазул бицун бук1ин. Гьанже кинаб ах1вал-х1ал бугеб?

- Минаби разе ракь х1ажатазул къадар 500ялдаса ц1ик1к1араб бук1ана. Амма гьелъие бихьизабураб ракьул къадар 25 участок гурони бук1инч1о. Т1алаб гьабич1ого, рехун тун ругониги, ракьал рук1ана колхозалъул ихтияралда. Росдал администрациялда лъалеб бук1инч1о лъида хадуб киг1ан ракь бугебали, гьезул г1урхъи-рахъ. Рук1ана 10-15 соналъ цебего минаби разе ракь щварал, амма гьел рач1ого тарал. Дагь рук1инч1о щварал планалги ричун, ц1иял планал къвариг1аралги. Гьеб киналъулго низам гьабич1ого, минаби разе планал кьуни, дагьабги бигъунаан ракьул х1исаб-суал. Нижеца т1олабго ракьул инвентаризация гьабуна. Гьабуна картаги. Гьанже х1исабалде босич1еб ракьул кесекцин гьеч1о. Микьабго росдал ракьал (сельхозугодиял) администрациялда хадур щула гьарун руго. Жиндирго ихтияралде ракьал щвейдал, администрациялъ бат1а гьабуна минаби разе ракь. Гьеб бикьун буго кварталазде. Ракь бигьарабго гьеб бикьизе буго планазеги. Апрель-май моц1аздаса кват1ич1ого, минабазе планал кьун лъуг1изаризе руго.

- Ракьул бицунаго, абич1ого г1оларо, росабазул бут1рузе зах1матаб суаллъун лъугьун буго г1и-боц1уе г1ухьби ралагьи, мегъ ц1уни. Хунзахъ администрациялда ругищ гьединал зах1малъаби?

- Дица администрациялъе нухмалъи гьабулеб бугеб 3 соналъ г1и-боц1уе г1ухьби щвеч1ого хут1ич1о. Росдал администрациялъ мухь кьун, мегъ ц1унизе 4 хъаравулги тун вуго. Амма ункъасегоги мегъ ц1унизе расги бигьаго гьеч1о. Вехьасде цебеги гъеч1ого, ах1ун балагьизабун тараб боц1и-панзалъги чуязги рекьабиги рецабиги кваналел руго. Магъилъ батун, жанибе гъураб боц1уда хадурцин рач1унел гьеч1о гьелъул бет1ергьаби. Сеткаги хвезабун, хабзалалъе боц1и балагьизабулел г1адамалгицин рук1унел руго. Г1адлу киназего бокьула, амма жидецаго хвезабула. Г1адлу Алжаналъул к1улин абула, амма гьеб ц1унун хьвадизе бокьуларо. Магъил ва г1и-боц1ул г1адлу г1езег1ан бет1ер унтараб суаллъун лъугьун буго. Гьеб унтуе дару боц1ул бет1ергьабазухъ буго. Щибав чияс жиде-жидер боц1и-панзалъул т1алаб гьабуни, магъил г1адлу бук1уна, гурони бук1унаро. Гьединаб т1алаб гьабейин боц1улан гьари буго дир росуцоязде.

 - Хунзахъ берцинлъулеб, к1одолъулеб буго. Жанисан росу къач1азе ресалги сурсаталги ратулел ругищ?

- Абич1ого г1оларо, ахираб к1иябго соналъ росдал администрация х1алт1улеб буго районалъул бюджеталдасан г1арац (дотация) гьеч1ого, нижерго сурсатаздасан. Росдал бюджеталъул аслияб бут1а унеб буго лъеде, электроэнергиялде, нухазде, рац1ц1а-ракъалъиялъул тадбиразе ва цогидал ишазеги. Гьедин бугониги, росаби къач1азеги ресал ратула. Гьарурал ишазул цо-цоял гьанир рехселин. Хунзахъ цо къот1нобе т1уна асфальт. К1иябго соналъ, чабах баччун къач1ана къват1ал. Г1урдада сверун гьабуна забор. «Баг1арав партизан» къот1ноб ва зияраталда аск1об гьабуна къед. Фонтаналъе гьабуна ремонт. К1иябго соналъ бац1ц1ад гьабуна х1ор. Ц1ияб хабзалалъ гьабуна зикру бачунебги ва хабалазул т1аг1ел-г1уч1 лъолебги к1иго рукъ. Хабалазул х1ажалъабазе босана 530 къоно. Жанибмагъилъ ва Чотот1а авалазул къват1ал къач1ана. Гьединаб х1алт1и дагьабги ц1ик1к1ун гьабизе бокьилаан, амма г1арац бук1унаро-бокьараб ва рак1алда бугебщинабги росабалъ гьабун бажарулеб гьеч1о.

-Цох1о Хунзахъ росдал т1алаб-агъазалда вук1ун, хут1арал росаби к1очонцин толел гьеч1ищ дуда?

- Анкьабго росдал вакил-депутат вуго Хунзахъ росдал Собраниялда. Гьез лъазарула росдал г1адамазул х1ажатал. Депутатаз росдал т1алабал, г1узраби дида лъазарула депутаталгурелги росдал г1адамалги рач1уна жамаг1атазулги жидергоги х1ажаталгун, къварилъи-г1ат1илъи бицине, дандбазе. Х1аракат бахъула моц1ие цо нухалъниги щибаб росулъе щвезе, росдал г1адамалгун, депутаталгун данд ч1вазе. Дица х1аракат бахъула росабазулги, росабалъ ругел г1адамазулги х1ажатал т1уразе.  Администрациялде гъорлъе унел росабалъе, щибаб соналъ чабах баччун, нухал къач1ала. Байикь, Ч1ондокь росабалъе лъабабго соналъ баччана чабах Нак1к1икье нухал къач1азе, щибаб кварталалъ бит1ула бульдозер. Заг1иб росдае босана 15 тонна лъел т1олеб резервуар. Байикье лъим бач1ине босана 600 метр трубабазул. Хьиниб росдае босана трансформатор, нухазе гьабула ремонт. Хун толаро Гъонохъе нухалги. К1иябго рахъалъан Г1ободасанги Хунзахъанги чабах баччун къач1ана гьел.Гиничукь хабзалалъ х1алт1и гьабизе биччана 50000 гъурущ. Гьенибго къач1ана баня, гьабуна ц1ияб ицц, боц1и гьекъолеб бак1. Анкьабго росулъ канлъи бук1инабиялъе харжал гьарула росдал администрациялъ гьарула.   

 -Араб соналъул ахиралда бук1араб Херазул Советалъул данделъиялда гьоркьоб лъун бук1ана Хунзахъ росулъ санитарияб ах1вал-х1алалъул суал. Долдаса хадуб кинал хиса-басиял ккарал?

-2008 соналъ, администрациялъул бет1ерлъуде вач1индал дица ЖКХялъулгун къот1и хъван бук1ана контейнеразухъе бак1арараб мусор нахъе гьез баччизе. ЖКХялда къот1и-къаялда рук1арал т1адеросиял т1уран бажарич1о: мусор контейнеразда жанибго бух1ун гьел хвезаруна.Т1аде босизе ккана 70 мусор бак1арулеб контейнер. Гьел лъуна росдал 16 точкаялда. Администрациялъул харжаздасан босана контейнерал машинаялда лъолеб системаги. Система т1ад лъезе арендаялъе босун буго автомашинаги. Мусоралдаса росу бац1ц1ад гьабизе ва росдал цогидал х1ажатал т1уразеги босун буго экскаваторги. Херазул Советалъ лъик1аблъун бихьизабун бук1ана боц1уца пакетал щущазарич1ого рук1ин мурадалда контейнерал сверун къазе. Гьеб предложение т1убазабулеб буго: 5 точкаялда ругел контейнерал  сверун къана, хут1аралги сверун къазе руго.Контейнерал сверун къазеги, заманалда мусор нахъе баччизеги зах1матаб жо гьеч1оан, батилаан гьелъие г1арацги. Квеш ккараб, зах1матаб жо буго г1адамазул рац1ц1а-ракъалъиялдалъун бугеб ургъел гьеч1еб балагьи. Мусоргун ва цогидабги рук1а-рахъиналъул отходалгун, гьездаго гьоркьоб кванил отходалгун пакетал контейнарезда хьолбохъе рехун толел руго, боц1уца  гьел щущазарулел руго, гьезда сверухъ х1айваназул жидерго чороклъиги бак1арулеб буго. Къват1ахъ рац1ц1алъи гьабизе администрациялъ харж кьолей 2 уборщицаги йиго. Амма чан уборщица ккуниги росдал г1адамаз рац1ц1алъи ц1унич1они, росулъ рац1ц1а-ракъалъи лъик1аб рахъалдехун хисизе гьеч1о.Рук1а-рахъиналъул отходал рак1аризеги, гьел ракьулъ рукъизеги администрациялъ гьарулел ругел ч1ах1иял харжал г1адада ккеч1ого рук1ине, росуцоязда, хасго х1урматиял руччабазда, гьарулеб буго  мусоралъул пакетал контейнералда жанире раян ва радал-бакъанида жидерго к1алт1у-къоно кагътидаса ва цогидабги кьишниялдаса бац1ц1ад гьабизе к1очонгеян. Гьеб зах1матаб, бак1аб гуреб х1алт1уца нилъер росу г1емер бац1ц1ад гьабилилан. Рак1алда буго росулъ санитарияб къо ч1езабизеги.

-Хизри, росулъ физкультура ва спорт цебет1езабиялъе кинаб х1алт1и гьабулеб бугеб?

-Лъабабго соналъ росдал администрациялде гьоркьоре унел росабазда гьоркьор т1орит1ана спортивиял къецал. Гьенир бергьаразе кьола г1арцулал призал. Районалъул спортивиял тадбиразулъ г1ахьаллъулел Хунзахъ ва Гъонохъ росабазул командабазеги кьола г1арцулал сайгъатал. Хунзахъ росдал авалазда гьоркьор т1орит1улел футболалъул, волейболалъул, лъедеялъул къецазда бергьаразеги кьола г1арцулал сайгъатал.Щибаб соналъ райцентралда т1орит1улел спортивиял тадбиразе спонсорлъи гьабун, биччала г1арац.Росдал администрациялъ къач1ана спортплощадка. Капиталияб ремонт х1ажалъулеб х1алалда буго х1ор. Гьенир лъезе кколел бетоналъул къанал росизе ва цогидал ишазе администрациялъул г1арцулал сурсатал рук1унаро. Хьул буго райадминистрациялъул кумекалда.Росдал администрациялъ ругел ресазда рекъараб кумек гьабулеб буго рагъул г1ахьалчаг1азе, афгъанистаналъулазе. 8 марталда росдал руччабазе г1уц1улел руго вечерал, кьолел руго сайигъатал. 

Ахир. Гьал гара-ч1вариялъе чанго къоялъ ине ккана дун росдал бет1ерасухъе. Лъим къот1ун бугин, ток гьеч1илан ва цоги-цогидалги х1ажатазе рач1унезулги телефоналдасан к1алъалезулги къадар дагьаб, гьит1инаб бук1инч1о ва бегавул гара-ч1вариялде рег1изе толев вук1инч1о. Кинабго жиндирго бералда бихьун гьабизе бокьулеб хасият бугоанин бегавуласулилан пикру бижана дилъ. Дол къуватал гьураз бицатаб г1азул къояз бат1аго жигаралда х1алт1ана Хизри. К1иабилеб къоялъ рагьана росабалъе нухал, школазде, садиказде унел къват1ал г1аздаса рац1ц1ад гьаруна. Рагъулаб часталъул, больницаялъул нухмалъулезул гьари къабул гьабун г1аздадаса гьел идарабазул азбарал рац1ц1ад гьаруна.

  Гара- ч1вари гьабуна Г1иса Г1исаевас.апрель 2011 год.                         


Просмотров: 1081 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz