Пятница, 26.04.2024, 19:34 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Апрель » 30 » Х1АЖИ ГЪАЗИМИРЗАЕВ ГЬАВУРАЛДАСА 90 СОН Т1УБАЯЛДЕ.
19:45
Х1АЖИ ГЪАЗИМИРЗАЕВ ГЬАВУРАЛДАСА 90 СОН Т1УБАЯЛДЕ.

Пасих1аб шиг1рудул зах1матаб къисмат

90 соналъ цеве адабияталъул иццилан жинда абулеб Бакьайч1иб росулъ гьавуна XX г1асруялъул ц1ар раг1арал маг1арул шаг1ирзабазул цояв Х1ажи Гъазимирзаев (1927-1996). Бечедаб миллияб маданияталъул асаралда гъоркь куцарав, Къебедасулав, Ч1анк1а, Ч1анк1ал яц Хажа, Муртаза, Гъалбац1-х1ажи г1адал машгьурал, гьунар бугел бекьеч1дерил раг1ул устарзабазул дарсалги ц1аларав, гьезул рух1ияб ирсги босарав ва жиндир поэзиялдалъун гьеб камил гьабурав Х1ажи Гъазимирзаевас тана маг1арул поэзиялда жаниб гъваридаб ва гвангъараб лъалк1.

Шаг1ир х1исабалда, Х1ажи Гъазимирзаевас, дагьавго кват1ун, балугъав чияс т1амуна гали адабияталъул к1удияб дунялалде. Цо-цо баяназда рекъон, "Бесдал эбел" абураб гьесул т1оцебесеб шиг1ру басмаялде бахъун буго жеги 1950-абилел соназдаго. Гьелдаса хадур шаг1ирасул асарал рахъана "Лъаразул гаргар", "Ц1урмал", "Гьудуллъи" альманахалъул антология (1978, 1994), "К1иго ч1ва", "Дандч1вай", "Нух бит1аги", "Ах1мадил хьул", "Чундузул сухъмахъ", "Вехьасул бакънал", "Дир муг1рул", "Вехьасул рокьи" ва цогидалги т1ахьазда.

Г1умру росулъ т1амурав, анкьго классги лъуг1изабун, цудунго зах1маталде байбихьарав, вехьасул х1алт1удаса фермаялъул нухмалъулесул бак1алдеги вахарав ва гьел гурел цогидал х1алт1абиги гьарурав Х1ажил бечедаб х1албихьиялъ кьуна нахъа гьесул асаразе жидеего хасаб макъанги, гьаракьги, хат1ги. Гьелдаго цадахъ шаг1ирасда лъик1 лъалаан маг1арул чиясул г1умруги, г1амал-хасиятги, маг1арухъалъул т1абиг1атги, гьелъул хаслъиги.

Гьелъин гьесул рек1елъ абадиялъ хут1араб г1агараб ракьалдехун, гьелъул инсанасдехун, умумузул ирсалдехун к1удияб рокьиги рит1ухълъиги:

Къехь рет1ун, ц1унарал, т1ех кун, рагъарал,

Умумуз ирсалъул бут1алъун тарал,

Лебалал васазул Ват1анги ракьги,

Гьале дий рокьулел рорхатал муг1рул.

Гьаб Ват1ан ц1унич1ев маг1аруласе

Маг1арул васасул ц1ар х1арамлъула.

Гьал муг1рул рихарав бах1арчиясе

Чохьол эбелалъул рахь х1арамлъула.

Шаг1ирасул хъвадарухъанлъиялъе къимат кьолаго, критик Х1амзат Казиевас хъвалеб буго: "Гъазимирзаев Х1ажи ккола г1умруялъул бечедаб х1албихьи бугев, рагъ-кьалги жинда лъарав, ракьалда инсанасул зах1маталъул къиматги бич1ч1арав шаг1ир. Гьесул цо-цо куч1дул руго бит1ахъе г1умруялда жаниб бук1араб лъугьа-бахъиналъул бицун гьарурал. Х1ажил кеч1 гьабизе бугеб махщел бухьараб буго нилъер цебесеб, халкъияб лирикаялда, гьелдаса г1ат1идго пайда босун, рокьул куч1дул хъвалел рук1арал революциялдаса цересел маг1арул шаг1ирзабазул раг1аби абулел къаг1идабазда». Критикасул гьел раг1аби рит1ухъ гьарула, масала, гьал мухъаз:

Г1араб къисабазда, таватуразда

Таманал реццана Г1айнаил берал.

Г1ишкъу бергьанщиназ икрам гьабизе

Зугьрал сий бук1ана суратал рахъун.

Билълъараб пикрулъун буго Х1ажи Гъазимирзаевасул поэзия сабаблъун маг1арул адабияталда жанибе лъугьанин ва гьениб рекъанин хурухъанлъиялъул ва боц1ухъанлъиялъул тема. Цо рахъалъ гьеб бит1арабги батила. Амма, абизе ккола, гьеб бугин гьелъул къват1исеб, бихьулеб рахъилан, пардав. Х1исаб гьабураб мехалда, тематикаялъул ра­хъалъ гьесул шиг1рияб гьунар буго г1емерго бечедаб ва бат1и-бат1ияб. Жиндир заманалда, цогидал хъвадарухъабазго г1адин, Х1ажицаги хъвана партияги, коммунизмги, пачалихъалъул х1акимзабиги реццарал куч1дул, ах1ана маг1арулал «гвангъарал бук1инеселде». Баянаб заманалда г1емерисел раг1ул устарзабаз борхулеб тема бук1ана гьеб. Амма рек1ел ц1айиялъул рахъалъ, X1ажи вук1ана шаг1ир-лирик, щайгурелъул гьесул гьунарги, пасих1лъиги, бажариги ц1ик1к1ун ва гвангъун загьирлъун бихьула рокьул, философияб ва социалияб темабазда т1асан хъварал асаразулъ. Т1оцебесеб иргаялда, гьел ккола бихьинчиясулги ч1ужугIаданалъулги балъгояб гьоркьорлъабазул, рокьул, ват1аналъул, миллаталъул, маг1арул инсанасул, лъимерлъиялъул къисматалъул, шаг1ирасулгун поэзиялъул х1акъалъулъ суалал.

Рокьул, ч1ужуг1аданалъулги бихьинчиясулги балъгояб г1умруялъул х1акъалъулъ хъварал шиг1раби ц1алараб мехалда, бихьулеб буго Х1ажи вук1араблъи гьесул гьунаралъулъ к1удияб бак1 кколеб халатаб (напсалъе хасаб) лирикаялъул пагьмуяв устарлъун. Ва гьениб, Ч1анк1ацаги Мах1мудицаги яхинаюраб борхалъиялде йосун, ц1акъ къадруяб даражаялда йихьизаюн йиго гьес ч1ужуг1адан. Гьелдаги бихьинчиясдаги гьоркьоб бугеб бухьеналъул, гьезул рак1азул ва напсалъул х1алалъул якъинаб сурат пасих1аб мац1алъ рек1елъе бортулеб куцалда цебеч1езабулеб бугониги, Х1ажил куч1дузулъ цониги раг1и, пикру дандч1валаро ч1ужуг1адан х1акъир, инжит гьаюраб, гьелде раг1ад рехараб. Гьелъул г1аксалда, дандиялдехун ругел лирикияв багьадурасул рек1ел асарги, хьулалги, нигаталги руго ц1акъго рац1ц1адалги назикалги:

Дица дур макьуялъул

Миц1ир т1езе теларо.

Харт1а кьег1ер г1адинан,

Кьижун йик1а, хирияй.

Дун ч1ела кьурт1а бислъун,

Бусен ц1унараб ц1умлъун,

Макьу гьуинаб бихьун,

Гьимулей мун йихьизе.

Эбел-эмен ч1аго рук1аниги, гьит1инго бесдаллъиялъул кьог1лъи лъана, лъимерлъиялдаго рук1а-рахъиналъул къадру гьабизе ругьунлъана Х1ажи Гъазимирзаев. Гьединлъидалин гьес ц1акъ къимат гьабулеб бук1араб г1умруялъул ва инсанги ах1улаан гьелдехун ц1одорго валагьизе, гьеб хехго иналда т1ад ургъизе. Гьел пикрабаз бижараб буго, гьесул хъвадарухъанлъиялъулъ к1вар бугеб бак1 кколеб философияб лирика. Щаялиго лъаларо, амма гье­ниб шаг1ирас ц1акъ к1вар кьолеб буго г1умруялъулги хвалилги суалазе. Гьайбатаб мац1алда, махщалида хъвараб, гьанжесеб маг1арул философияб поэзиялъулъ бищунго пагьмуял асаразул цояблъун рик1к1ине бегьулеб "Хабал" абураб кеч1 бачине бегьула гьелъие мисаллъун. Гьениб, киналго руссунеб ахираб "рукъалъе" къимат кьолаго, бич1ч1изабулеб буго дунял ц1акъ дагьаб, мукъсанаб жо бук1ин. Т1асан борч1ун, хадур лъугьун гьабураб г1умруялъул къокълъиялъул х1исаб гьабич1ого, гьарурал к1удиял хьулал, анищал - кинабго хут1ула гьаниб, къо щвараб мехалда. Гьединлъидалин, абулеб буго авторас, маг1ишат гьабизе кколеб дурусго, рекъот1а, х1алалаб нухда ва гьелдаго цадахъ лъазе ккола кида-къадниги щивасул ахираб къо бач1унеблъиги:

Дир сапаразул ахир,

Хиялазул гъансито,

Росу раг1алда буго

Ахир дун вуссунеб рукъ

Гьенив сапаралъ унес

Сордо нухда баларо.

Г1ага- божарал рахъун,

Хулжаниб чед лъоларо.

Инсан дунялалдаса аниги, гьев ч1аго вук1уна гьес тарал лъик1ал ишазулъги, г1адамазе, миллаталъе гьабураб хъулухъалъулъги, х1аракаталъулъги! Гьединлъидал г1адамас тезе ккола нахъе, шаг1ирас абухъего, живго "лъазе г1уж". Гьесул къимат, адаб- х1урмат гьабизе ккола, гьев хун хадуб гуреб, гьев ч1аго вук1аго. Гьединал пикраби загьир гьарун руго, масала, "Гьабураб гурони батуларо" абураб коч1олъ: Гьабураб гурони батуларелъул,

Тела дица дунго лъазе г1уж нахъе.

Цо г1орт1а кьо лъела, нухда ицц бала,

Нухлулав лъалхъизе, раг1дуй гъвет ч1ела.

Х1ажи Гъазимирзаев вук1ана маг1арулазе вокьулев, гьезул рек1елъ абадиялъго хут1арав, унго-унгояв халкъияв шаг1ир, ва миллияб адабияталъул тарихалъулъ гьесул поэзия хут1ана гвангъараб, такрарлъи гьеч1еб асарлъун.

Ах1мад Муртазаг1алиев.

 

Просмотров: 1969 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz