Исламияб тарихалда Г1ашурадул къоялда бухьинабула лъедаса Нух1 авараг (г1.с.) хвасар гьави, ччуг1ил чохьониса Юнус авараг (г1.с.) къват1иве ворч1и, Г1иса авараг зобалазде вачи. Х1акъаблъун кколеб буго Т1адег1анав Аллагьас гьеб къоялъ Муса аварагги (г1.с.), гьесул къавмги Пирг1анидаса хвасар гьари гьесул боги ралъдалъ гъанкъизе гьабун. Гьеб къоялъ лъик1аблъун бихьизабулеб буго садакъа кьезе, мугь базе.
Районалъул лъималазул творчествалъул рукъалъул специалистаз жигар бахъула гьенире хьвадулел ц1алдохъаби кверзул махщалиде ругьун гьари гуребги, гьезда цадахъго нилъер умумузул г1адаталги, г1аданлъи-нухги, диниял кьуч1алги лъазариялде. Гьелъие нуг1лъи гьабула гьал г1агарал къоязда гьениб Г1ашурадул къо к1одо гьабиялъги.
К1удияб садакъа гьабуна гьеб къоялъ ДДТялъул х1алт1ухъабаз азбар бакьулъ ц1аги бакун, мугьги бан кружокалъул лъималазда гьез бихьизабуна умумузул къаг1идаялда мугь бай. Гьелги гьоркьор ккун, гьеб азбаралде жанире кколел г1уц1абазул х1алт1ухъабазги х1ал бихьана умумузул къаг1идаялда ц1адут1а белъараб мугьалъул, самоваралда жаниб гьалдолеб чаялъул, гьудуллъиялъулаб гьоркьоблъиялъул.
Т1аде ах1арал гьалбадерица ва жалго кружокалъулаз рак1-рак1алъул баркала кьуна тадбир берцинго г1уц1арал, гьелъул к1вар жидеда бицарал муг1алимзабазе.
Аллагьас гьабурасул гьабураб садакъа къабул гьабун батаги.
Гьединго умумузул г1адат рехун теч1о шагьаралда ругел районцоязги-«Хунзахъ» жамг1ияталъул г1олохъабазул х1аракаталдалъун гьениб нилъер петералдаги г1уц1ун бук1ана мугьбай, уммуузул квеназул стол. Квешаб-лъик1аб дандбазесеб, гьудуллъи-вацлъи щулалъизесеб дандч1вайлъун лъугьана гьеб тадбирги. 9 октябралъ Анжиялдаса байбихьараб мугьбаялъул «эстафета» щвана Хунзахъ, Гъонохъ, Г1ахьалч1и ва цойгидалги росабалъеги.
|