Районалда социалияб к1варалъул бак1ал раялде к1удияб к1вар кьолеб буго ахираб заманалда. Хасго гьеб бихьула росабалъ рарал, ц1и гьарурал школазул, ясли-ахазул, фельдшерлъиялъул пунктазул мисалазда.
Гьале цоги ц1ияб объект. Г1обода росулъ бан лъуг1улеб буго ц1ияб типовияб, киналго шарт1ал жанир г1уц1араб 140 лъимадуе бак1 бугеб, к1ит1алаяб ясли-ахалъул мина (сураталда). Кват1иларо жанисел х1алт1абиги лъуг1ун гьениб гьит1ичаз жидерго бак1 кколеб заман.
Шатадерил гьит1ичазейин абуни гьеб рохел гьанжего бач1ана. 31 сентябралъ рохалилаб ах1вал-х1алалда к1одо гьабуна гьениб ц1ияб ясли-ах х1алт1изе кьей. Гьеб тадбиралда г1ахьаллъизе Шотот1е рач1ун рук1ана «бизнесалъул дунялалда» ц1ар арал шатадерил росуцоял Зиявудин ва Мух1амад Мух1амадовазул эбел Парханисай Шуг1айбова, гьенисаго «Сумма» группаялъул Дагъистаналда вугев вакил Хучбаров Хочбар, районалъул бет1ер Саг1ид Юсупов ва цогидалги х1урматиял гьалбал.
Рохалилаб данделъиги рагьун г1ахьаллъараздехун баркиялъулаб к1алъай гьабуна районалъул лъай кьеялъул ва г1олилазул политикаялъул отделалъул нухмалъулев Залимхан Г1умаровас. Гьит1ичаздехун х1еренал раг1абигун баркиялъулал к1алъаял гьаруна Х. Хучбаровас, С. Юсуповас, П. Шуг1айбовалъ ва цогидазги. Шатадерил рохел г1ахьал гьабун концерталъулаб программагун цере рахъана районалъул искусствалъул школалъул ц1алдохъаби хореографиялъул отделениялъул кьурдухъаби, гьебго школалъул Харахьи бугеб филиалалъул фольклоралъул отделениялъул х1аракатчаг1и. Киназего к1удияб асар гьабуна гьез ах1араб «кинидахъ кеч1алъ». Гьединго садикалда бихьизабуна искусствалъул школалъул г1исинал художниказ рахъарал суратазул выставка. Гьит1инабго концерталъулаб программа бук1ана жалго шатадерил школлъималазулги.
Росдае гьабураб к1очонареб сайгъаталъухъ баркала кьун к1алъана росдал бегавул Бадрудинов Мух1амад, аслияб школалъул завуч А. Мух1идиновалъ ясли-ахалъул заведующая Х1айдарова Мадина. Ахиралда Х. Хочбаровас, С. Юсуповас, П. Шуг1айбовалъ лентаги къунц1ун ц1ияб садикалъул к1улал кьуна гьелъул заведующая М. Х1айдаровалъухъе.
|