Дагьаб цебег1ан районалъул руччабазул комитеталъул
председатель П. Набиевагун цадахъ районалъул росабалъ ругел ригь арал г1адамазухъе
гьезул ах1вал-х1ал ц1ехон унелъул нижер лъай-хъвай ккана Г1орот1а росулъа
Шамхалова Алипатилгун.
Гьеб росулъ ругел ригь арал г1адамазул ц1ехолелъул нижеда
абуна 90 сон балеб бугониги, х1ежги борхарай, г1умруялъул х1албихьиги бугей
к1арчамай к1одохъе щвезеги инч1ого рук1унгейилан. Ниж гьелъухъе щведал рукъалда
цебе бугеб тахбак1ида г1одойги ч1ун бакъул
кеп босулей ятана нижеда Алипат. Ц1акъ г1адамал хирияй, хехго гьезда гъорлъ
жуялей г1адан ятана нижеда гьей.
Алипатица жиндирго г1умруялъул х1акъалъулъ гьадин бицана:
- Дун йиго бет1ергьанчиги нахъе гьеч1ого маг1ишат гьабизе ккарай
г1адан. Т1убараб г1умруго ана дир колхозалда х1алт1улаго. Гьанже г1адин
рекьич1ого тарал хурзалги, бецич1ого тараб мегъги бук1унароан цебе. Заманалда
бекьулаан хур, заманалда бухъулаан, ч1аралаан, лъилъулаан, рокъобе баччулаан. Цин
колхозалъул х1алт1и гьабич1ого рукъалъул маг1ишаталде руссине рес бук1унароан.
Къасийин, къадин бат1алъи гьеч1ого х1алт1изе кколаан. Бихьич1еб къого хут1ич1о
дида. Гьелда т1адеги рух1алабаз керен
судана дир. Хвана бет1ергьанчи, жеги г1олохъанго яс, вас. Бихьун хадуб г1адамаз
х1ехьолареб жо бук1унеб гьеч1о. Киналгоги добцояб дунялалде ун васасул
лъималазда аск1ой хут1ун йиго дун. Дирго талих1 буго гьелг1аги гурх1ел-ц1об
бугел ругелъул. Нусалъ гьабун хинаб квен кьола, гъизараб чурула, хохораб
букъула. Бокьа-бокьарабги гьабун херай к1одо рази гьаюла. Дунг1ан Аллагьги
разилъун ватаги гьездаса. Гьеб гуребги, гьаб дунялалъул рокъоб бищун дун йохараб
ишлъун ккана х1ежалт1е ине рес рекъей. Сахав, лага-щват рекъарав, гьумер-куц
берцинав г1олохъанчи вук1ун вуго нилъер цеве вук1арав президент Мух1амадсалам
Мух1амадов. Гьес гурищ дун, дица рарал сонал лъайдал, живго т1ад рек1араб
самолеталдаги рек1инаюн х1ежалт1е ячарай.
Гьит1инаб лъимерг1адин йохун яч1арай Алипат йихьидал,
рак1алде кколеб бук1ана киг1ан к1удияб
киридай гьай х1ежалт1е ячаразе щвелаян.
Г1адамал хирияй, гьезда гъорлъ жуярай йик1иналъ батила,
Алипатихъе г1емер рач1уна росдал г1адамал, г1исинаб г1ел.
Гьелъ гьезда малъула цоцалъ рекъон рук1ине, к1удиязул адаб
гьабизе, г1адамазда цебе гьумер нечолеб иш гьабунгут1изе.
Алипатида дур анищ щибилан гьикъидал, гьелъ нижеда абуна: -
Гьанже Т1адег1анав Аллагьасул фарзги т1убана, дунялалдаги рик1к1ен лъаларел
сонал рана, ялагьун ч1ун йиго кидадай дие кьурал къоял
лъуг1ила,- ян абун. Рух1 иманалда боси – гьеб буго дир анищ.
Алх1амдулиллагь, рецц Аллагьасе буго, жакъа къоялде щвезег1ан сах-саламатго тун
йигелъул.
Г1адамал гьанже бечелъун руго. Бадибе хъвазег1ан г1емераб
г1арацги г1емерлъун буго, амма цебег1адаб гьуинлъи, вацлъи гьеч1о гьезда
гьоркьоб. Дие бокьилаан гьудуллъи щулалъизе, ракьалда рекъел бук1ине, кьалул
гьаракь раг1унгут1изе.
Н. Г1алиева.
|