Районалъул аслиябги, адабияталъулгун-маданияталъулги, маг1ишатиябгун рук1а-рахъиналъулги ва цогидалги х1алт1абазул, лъугьа-бахъиназул х1акъалъулъги жамаг1аталъе иг1ланлъун, бихьизе мат1улъун кколеб районалъул «Росдал зах1матчи» газеталъул басмаялъ анц1азарияб номер къват1ибе биччаялда хурхун, бокьун буго т1оцебесеб иргаялда редакциялъул х1алт1ухъабазул коллективалда, газеталъул «абуначаг1азда» (мухбирзабазда), газеталде жидер кидагосеб рокьи бугел районалъул гьеб ц1алулезда, т1олабго жамг1ияталда рак1-рак1алъ, гьеб к1удияб к1варалъул лъугьа-бахъинлъун кколеб, гьайбатаб юбилей баркизе. Цадахъго бокьун буго, газета г1уц1изе, хъвадарухъабазе хадубккунги районалъул газета дагьабги маг1наяблъун, ц1ализе гъира балеблъун лъугьинабизе махщелги, гьунарги, х1аракатчилъиги гьаризе.
-Араб г1асруялъул 80-90 соназда диеги рес щвана «Росдал зах1матчи» газеталъул коллективалда гьоркьов х1алт1изе. Пенсиялда вугев дун, жиндир мунагьал чураяв Г1абдуразакъов Камалудиница (редактор) «временно»-ян буюрухъги хъван х1алт1изе восарав чи, 12 соналъ хъвадарухъанлъун, таржамачилъун х1алт1изе ккана. рак1алде щола, доб заманалда нилъер анибго газетаги х1адурулеб, басмаялдеги бахъулеб бук1араб меъги рук1арал зах1малъабиги. Цо-цо мехалда нахъисеб къоялде газета къват1ибе ине кколеб бук1иналда бан, ай к1вар бугел лъугьа-бахъинал (рищиял, байрамал ва гь. ц.) иргадулаб номер х1адурулагоги ва гьеб басмаялда бахъулагоги чанго сордоялъ къаси нахъалъизег1анги, х1атта радакьлъизег1анги хут1арал х1ужаби кколаан. Гьединал сардаз жидеда бихьулеб зах1маталде рач1инч1ого, к1вах1-свак тун х1алт1улаан жидер мунагьал чураял линотипистка Нуцалай, печатник Сивухъа Къурбанг1али, гьездаго цадахъ цогидал линнотиписткабиги дежурствоялда ругел хъвадарухъабиги. Гьанжесеб печаталъул къаг1идаги доб мехалъ бук1араб ах1вал-х1алги данде бачинего бегьуларо.
-Дун редакцялда х1алт1улелъул редактораллъун рук1ана махщел камилал хъвадарухъаби. Уздал-росулъа Камалудин, Макьагьеч1иса Мух1удинов Шамил.гьел рук1ана лъик1ал хъвадарухъаби гурелги, лъик1ал г1уц1арухъабилъунги.
-Рецц-бакъ гьабун абулеб мех гуро, гьабсаг1ат районалъул газета лъугьун буго ц1ализе гъира балеблъун, г1уц1иялъул рахъалъ беричаблъун, хасго цадахъ лъолел суратазги берцин гьарурал юбилеялъулал номеразги т1аде рак1 ц1алеблъун.
-Дун районалъул газета жеги латин хъвай-хъваг1аялда «Маг1арулав» абураб ц1аралда бахъулеб мехалдаса гьеб ц1алулев ва хъвалев чи вуго. Гьединлъидалги батила, дица рач1арал газетаздаса т1оцебе гьелде бегьула ва цо макъала гьоркьоб биччач1ого ц1алула.
-Ахиралдаги, цоги нухалъ баркизе бокьун буго редакциялъул коллективалда к1вар бугеб лъугьа-бахъинлъун кколеб, 10000 номер къват1ибе бач1иналъул тарихияб юбилей. Гьарула Нужее х1алт1улъ ч1ах1иял бергьенлъаби, щивасул рукъоб икъбал-талих1, сундулъго бит1ккей, рек1ел мурадал т1урай, бищунго аслияб чорхое щулияб сахлъи.
- Нужеде адаб-х1урматгун Гьиматил Мух1амадрасул.
|