Пятница, 26.04.2024, 11:54 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Сентябрь » 3 » ЮБИЛЕЙ.
23:05
ЮБИЛЕЙ.

ИСХЪАЛИДУЛ ЧУХЪБИГУН,

ЧАРАМУЛ ХВАЛЧАБИГУН,

Т1ОХ БЕГ1ЕРАЛ Т1АРГЪАЛГУН,

Т1ОЛГО МУРИДЗАБИГУН

Т1АДЕ ВАХЪА, ХУНЗАХЪЕВ,

ЦО ДАГЪИСТАН БИХЬИЗЕ.

Араб шамат къоялъ к1удияб ч1аголъиялда Аваристаналъул тахшагьар – Хунзахъ к1одо гьабуна «Аллагьасул хвалчен», «Кавказалъул гъалбац1» - Шамил имамасул чармилав наиб Х1ажимурад гьавуралдаса 200 сон т1убаялъулаб юбилей. Х1ажимурадил ц1ар мац1алда бук1ана гьудулзабазул ва тушбабазул, гьесул гъалбац1азул ц1ар бахъарабго сири бан лъугьунаан г1урус генералалцин. Чанго бат1ияб инжитаб хабар бицун шагьидлъун (иншаАллагь) хварав гьесул ц1ар чорок гьабизе лъугьарал г1емерлъаниги, гьев хут1ана халкъалъул рак1азулъ Кавказалъул рагъулъ имам Шамилида хадусев бах1арчилъун, бихьинчилъиялъул унго-унгояв мисаллъун. Цебесеб «Росдал зах1матчи» т1убанго наибасе кьун бук1индал, дун нахъйиссинаро гьесул гьайбатаб г1умруялъул нухде. Бицина кин жидерго рекъав багьадурасул 200 сон т1убай хунздерица к1одо гьабурабали.

Лъаг1алил байбихьудаго г1уц1иялъул комитетги бищун, журана районцоял лебалав наиб рак1алде щвезавиялъул тадбир т1адег1анаб даражаялда т1обит1изеян. Цо-цо г1олилазул тене-хьенеял, г1уц1иялъул суалал дандраялъулъ г1ахьаллъунгут1и бихьун, районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас гьезда лъазабуна: «Нилъерго бах1арчиясул юбилей киналго паналъуледухъ, т1адег1анаб даражаялда т1обит1изе к1веч1они, бищун цебе дица дунго рик1к1ине вуго х1инкъучлъун (трус) хадурин абуни – нуж рик1к1ине руго гьединаллъун. К1одо гьавизе вугищ нилъеца нилъерго наиб?!» Гьединаб каламалдаса хадуб бах1арчиясул кинал ракьцоязха нахъекъай гьабилеб?!

Гьанже байбихьана киназго къойилги сордойилги умумузул чухъа-хъабалоги, ярагъ-матах1ги балагьизе, гьеч1ез – букъизе, гьабизе.  Жиндирго росу-ракьалъул патриот Гьит1инов Мух1удада Т1алх1атовичасул режиссураялда гъоркь юбилеялда бихьизабизе бугеб театралияб  постановкаялда гъорлъ г1ахьаллъизе ихтияр бук1ана бокьарав районцоязул. Гьеб ихтияр х1алт1изабурал юбилеялъул г1ахьалчаг1и нужеда рихьила гьанжег1агар интернеталдаги, рича-хисизе нусго бат1ияв операторас рахъарал дисказдаги. Бигьаго бук1инч1о режиссер – организаторасе айфоназдагун – рах1атазда куцараб жамг1ият Кавказ рагъул соназде, 19 г1асруялде «т1адбуссинабизе» - релълъунеб бук1инч1о рагъулаб тунка-г1уси, цин рач1ун цин рач1инч1ого ч1еялъ лъугьунеб бук1инч1о ц1ок1алаб парад я чуязул, я г1адамазул. Амма юбилей т1обит1улеб, 27 августалда цересел къояз райцентр циндаго сверана Х1ажимурадил Авариялъул тахшагьаралде: басриябги биххизабун эхетана хъала, г1емерлъана чуязда рек1ун, миллияб рет1ел рет1ун хьвадулел г1адамал, бакъукь паркъана хвалчабигун тунк1ал, гьаваялда бессана к1к1уйдул мах1. Дагъистаналдасаго, Россиялдасаго, х1атта, къват1исел пачалихъаздасацин рач1унел гьалбадерие интересаб х1ухьбахъи бук1инеблъи саг1аталдаса саг1аталде х1акълъулеб бук1ана…

Т1аде рач1арал гьалбал ракъун теч1ого рук1инеян администрациялъул жигарчаг1азул ва жибго т1алъиялъул кумекалдалъун ц1игьабуна хабзалазда аск1об бугеб росдал кор. Рукъ тун х1алт1ана гьеб ишалъулъ байбихьудасанго дир  мадугьалзаби Майндуров Саг1итги Малачиева (Нагиз) Пат1иматги. Боркьулеб корол мах1азги, цин-цияз мугь базе, чед бежизе босун бач1унеб садакъаялъги нахъруссунел рук1ана квер биччарал, гьарзаял умумузул заманалде. Корохъги росдал хьагахъги х1алт1и ккола бищун къо бихьулеблъун ва сундасаго нилъго мах1рум гьарураблъун. Гьедин бук1аниги, гьеб гьалбал рохизарураб х1алт1и т1аде босарал (церехун рехсарал дир авалалъул халатал гуребги рехсезе бокьун буго дие жакъа гьел халкъалда лъалеб, г1адатаб куцалдаехселин дица: рогьинег1ан хьагахъ сордо борч1арай Маллал Т1алх1атил Аминат, х1ет1-квер тириял советалъул Хатиматгун Мах1амаласул Хадижат), свак лъач1ого х1алт1арал Т1алх1атухайрил Сакинат, Х1адисил Мух1амадил Меседу, Х1ассанил Г1алил Багичу. Нахъе къан ч1еч1о гьеб ишалдаса гьал руччабиги::Мух1амадова Башат (Г1адул),Мах1мудова Зарипат, Х1ажиева Пат1имат,Дарбишева Чакар, Гьамишт1аса Г1усманова Саих1ат. Нужеда бихьараб къо кирилъун хъваги, х1урматиял!

27 август, радал г1уж. Маг1арул милллиябги г1урус пачаясул армиялъулги форма рет1аразда гьоркьор г1емерго рихьулел рук1ана х1ал алжаналъуб батаяв наибасе кинго рек1ее г1езе рук1инч1ел, бащдаб черх цебе лъун селфиял гьарулел ясалги, ярагъалъул бак1алда видео, фото камерабаз хьезарурал журналистал щиб, гьединго вацапалдасан тадбиралде вач1инч1есде руссун сураталгун клипал рит1изе х1адурал щиб, васалги.

Х1ажимурадил ц1аралда бугеб, Героязул парказда  маданияталъулгун библиотекабазул х1алт1ухъабаз сок1к1ун ругоан умумузул г1умру-яшав бихьизабулел бок1онал (подворье): гьанир квас самулел, ц1оросаролъ ч1уч1унел, т1анса-салмаг бессулел, щар ч1валел руччабиги, маххул къебелъухъ ярагъ лъадарулел устарзабиги, гьоц1дерил г1арцул махщелчаг1иги. Щивасда цебе бугоан кванил ниг1матаз бечедаб тепсиги. Бокьарасул рес бук1ана гьезул х1албихьизе гуребги, умумузул г1умруялде гъорлъе лъугьун, жидерго сунде бук1аниги махщалил х1ал бихьизеги.

Шагьрудин Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул к1алг1аялда «Дагъистаналъул муртазекал каскадеразул къокъаялъул нухмалъулев Мух1амадмурад Мусаевасул, гьесул кумекчи Х1ажимурад Магаевасул, шаг1ир Тубх1ат Зургьаловалъул, коч1охъан Ах1мад Закариевасул ва гь.ц. нилъер наиб вокьулездасан г1уц1араб къокъаялъул х1аракаталдалъун бахъараб «Кавказалъул гъалбац1» клипбихьизабизе бук1ана бищун цебе. Хадуб байрамалъулаб программаялда бихьизабун бук1ана г1елмиябгун практикияб конференция. Бихьизабизе ккола, к1иябго тадбир цоцалъе жубараб, ч1амуч1аб гьеч1еб мажлисалде сверанилан.

Гьалбадериде саламалъулаб каламгун к1алъарав районалъул нухмалъулев Саг1ид Юсуповас жиндирго к1алъаялда абуна бах1арзал холарин гьезул бицен къот1ич1ебг1ан мехалъилан. Х1ажимурадил ц1ар, гьесул г1амал-хасият гьезулъги бижизе хьулалда, т1олабго Кавказалдаго васазе кьолеб бук1иналъги нуг1лъи гьабулин досул т1адег1анлъиялъеян.

Хунздерил бах1арчи рак1алде щвезавизе, гьесде иллагьияб адабгун районалде бач1ун бук1ана тарихчаг1аздасан, творчествалъулал, жамг1иял г1адамаздасан г1уц1араб к1удияб къокъа. Гьединго г1адатал экскурсантазулги чанго микро ва к1удияб автобус бихьулаан райцентралде щун. Европаялъул  шагьараздасан сверулел киниги, щибаб ц1ияб-лъик1алда аск1ор ч1ун суратал рахъулел, «ч1ух1арал» хунздерие гьобол-гьудул вокьулищали х1ал бихьулел ругоан т1аде рач1арал. Ва бихьаралдаса гьел, узухъда, разиго ругоан. Гьанже руссинин х1урматиял гьалбадериде: гьале  Республикаялъул Бет1ерасул рахъалдасан хундериде адабги, наибасде х1урматги бихьизабизе вит1ун вач1арав  Муг1рузул Территориалияб Округалда вакил  Абулмуслим Абулмуслимов, ДРялъул счетнияб Палатаялъул председателасул заместитель Хъазанби Хъазанбиев, «Лезгинка» ансамблялъул директор Жамбулат Мусаев, Дагъистаналъул г1елмияб централъул х1алт1ухъаби: тарихиял г1елмабазул докторал  Мух1амадхан Мух1амадов, Г1абдукъадир Г1умаров, тарихиял г1елмабазул кандидатал Мах1ач Мусаев, Тимур Айтберов, ДГПУялъул къват1исел мац1азул кафедраялъул заведующая, филологиял г1елмабазул доктор Султанат Г1умарова, машгьурав тарихчи - хъвадарухъан Шапи Казиев, Аваразул театралъул директор М-Р. Мух1амадов, наиб Х1ажимурадил наслуялъул чаг1и: Мух1амадг1арип Х1ажимурадов ва Пат1имат Гъазиева (Путинил гранталъул лауреат, Дагъистаналъул мустах1икъай учитель Пат1иматица т1убараб стол ц1ун сок1к1ун рук1ана  наибасул ва гьесул хъизамалъул чаг1азул хасаб къайи-матах1ин гьелъ бицарал т1аг1алаби).

Жиндирго машгьурав к1удаинсул ват1аналде щварав наибасул бищун гьит1инав васасул яс Уммалхаир Х1ажимуратил ясалъул вас, Москваялъул архитектураялъул институталъул профессор, «Что? Где? Когда?» интеллектуалияб клубалъул знаток Никита Шангинги бихьаралъ асир гьавун, жиндилъ «Х1ажимурадил генал рорч1изаруге» ян паналъун вук1ана. Киназего асар гьабулеблъун бук1ана официалияб бут1аялда бихьизабураб видеоклипги.  Клипилан гьелда абиги  мекъаблъун рик1к1уна дица, щайгурелъул гьеб бук1ана т1убараб видеофильм: наибасул лъимерлъи, гьит1инго  ярагъалде, чуязде гьесулъ  бижараб рокьи, гьесие лъади ячин, х1атта, имамасулги гьесулги гьоркьорлъаби жинда жаниб бихьизабураб т1убараб музыкалияб фильм бук1ана гьеб.

Дица т1адехун рехсарал х1урматиял гьалбадерица гуребги, наибасул бах1арчияб г1умрудул нухлул, къох1ехьеялъул бицарал к1алъаял гьаруна: Дагъистаналъул Москваялда бугеб постпредствоялъул жамг1ияб советалъул  председатель Х1ажимурад Х1ажиевас,халкъияй шаг1ир Залму Батыровалъ, тарихчи Г1алибег Хъазанбиевас ва гь.ц. Халкъиял майданазда сверулаго – тирулаго, умумузул кванил ниг1матазул т1аг1амги босулаго культураялъул рокъосан гьалбал къокъана Г1урдада майданалде -  к1удияб экраналдасан берда цебе лъугьунеб халкъияб (гьаниб гьеб буго г1адатал г1адамаздасан г1уц1араб маг1наялда) театралъ бихьизабулеб  рагъулаб постановкаялъухъ балагьизе.

Т1оцебе миллияб рет1ел рет1арал г1олил васазги ясазги бихьизабуна тадбиралъул г1ахьалчаг1азул парад. Бат1и-бат1иял соназда рагъулал ва социалиял бергьенлъабазухъ районалъе щварал байрахъал х1урматалда росиялдасан байбихьана гьеб. Цинги, къокъа-къокъа ккун унел чухъаби рет1арал, яргъид г1уц1арал васалги, миллиял рет1елалгун ясалги лъималги – гьеб киналъго балагьарал нахъруссинарулел рук1ана доб,  Кавказрагъул соназде, кьварарал умумузухъе гьоболлъухъ. Парадалдаса хадуб байбихьана пачаясул армиялъулги маг1арулазулги рагъулаб тунка-г1усиялде. Чанго моц1алъ репетиция гьабулаго бихьун бук1аниги, цогояб г1урус форма рет1арал, ярагъ барал «пачаясул» аскариял беричго рихьулел рук1ана «Сверуда» майданалда гьеб къоялъ, жеги асар гьабуледухъ рук1ана «нилъералгоги»: мугжул тун, ярагъ борчун, кьварараб сипатгун «Аллагьу Акбар» ах1улел ругел гьезулги пачаясулазулги рагъухъ балагьидал, черхалда сири балеб бук1ана. Кьвагьулел г1арадабаз гьаргьадизарулел къват1ал, лебалал чот1ахъабазул хвалчадул рагъ – гьеб кинабго бихьизе ва раг1изе ккола нилъерго беразда. «Хехаб кумекалъул» каретацин бугоан пачаясул армиялъул. Божиледухъ, сабуралда наибасул роль х1арав Дибиров Шамилие дица чанц1улго баркала кьунги бук1ана, гьаниб, газеталдасанги кьолеб буго гьаб нухалъ. Дур чот1а къамарт1лъиги, гьужумалъ унелъул хехлъиги бихьарабани, наиб Х1ажимурадица (рах1имуллагь) мун, нахъ т1амун теч1ого, восулаан жиндирго бодулъе. Талих1ал сонал кьеги дуе дур «Нух1бикагун» - Султанугун.

Гьале, бергьенлъигун т1адруссунел маг1арул рагъухъабазда дандч1вай гьабулеб лах1зат: квен-т1ехгун руччаби, лъел ц1урал гулгуналгун лъимал, рагъда свакаразухъа чуял нахъе рачунел, кьурди-хъат гьабулел, цоцазда хурхун рохел загьир гьабулел наибасул вилаяталъул чаг1и. Балагьаразе лъик1абго асар гьабуна гьаб сценкаялъги. К1удияб жавабчилъигун образалде лъугьун йигоан наибасул эбел – Залмул роль х1арай Хунзахъа Г1амирг1алиева Загьрат (гьелъул к1удияв эмен Таймасханил Мух1амад вук1ун вуго Х1ажимурадил божарав чи).

Дир бодул цевехъан,

Дир маулх1аят,

Вуссанищ, сваканищ,

Сабру гьеч1ев вас?

Сапар бит1арабищ?

Рак1 рекъарабищ?

Рокъой тарай эбел

Рак1алде щванищ?

Гьал раг1абигун «эбел» жиндирго «васасда» хурхиндал, цо лах1заталъ цебе бач1ана доб вах1шияб, чанги маг1илги бидулги г1орал т1ураб заман. Алжаналда ратаги диналъе рух1 кьурал гъазизаби, амин.

Бергьенлъиялъул кеп босулел, иццухъе ун гара-ч1варулел, г1ерт1алгун лъадахъунел хуриса магьалгун руссунел руччаби, оцал цере къот1ун рач1унел хурухъаби рук1аго, базе лъугьана чваххунц1ад.

Юбилеялъухъ балагьарал къокъаби ккун т1адхъалаби ралагьизе, рокъоре т1уризе лъугьана. Амма х1алхьи гьеч1ев «наибас» ва гьесул божарал «муридаз» гьаниб бихьизабизе бук1ана цойги чабхъен – гьаб нухалда: Жунгуталда ч1арай гьайбатай хан Нух1бика жиндирго хзъалаялъуса,  хадур гьак1к1ан, ах1делел гъаравашалги, гьей ц1унулезул къокъаги тун, хъамиялъул сценка. Узухъда, ц1ад бан бук1инч1ебани, бика хъамиялъул сценка лъугьинаан жеги асар гьабулеблъун ва тамашаяблъун. Хех  бараб баркаталъул ц1адалдаса хадуб, т1алъиялдаго нурги ч1ун, бух1ун щвана бакъ.

Гьанже бихьизабизе бук1ана пачаясул Шималияб Кавказалда наместник М. Воронцовас (гьедин лебалав наиб к1одо гьавун тадбирал кьуниги, ч1вайдал, досул бет1ер рагъулаб трофей х1исабалда Петербургалде босарав угърашгиха довго авт.) Х1ажимурадил х1урматалда кьураб бал.Берцинал гурдал рет1арал «г1урус» мусудулги, фракал рет1арал васалги фонтан сверун вальсалда роржанхъулелъул, гьезухъ пахруго валагьун г1урус генералазда гьоркьов г1одов ч1ун вихьулаан жиндирго цересел рагъухъабигун нилъер «Х1ажимурад» - Шамиль.

Лъуг1ана тиятир. Хадусеб иргаялда - г1олилазе бокьулеб концерталъулаб программа. Пат1имат Султ1анова, Хадижат Г1абдулкъадировалъ, Умакусум Мух1амадовалъ, г1олохъанай «ц1ва» Мадина Манаповалъ рак1ал авадан гьарулел куч1дул ах1ун кьурдизаруна Г1урдада майданалда байрамалда г1ахьаллъарал. Цинги, зодобе байрамалъулаб салютги кьвагьун, тадбир къараблъун рик1к1ана.

Нилъер машгьурав наибасул 300 сон т1убаялъулаб юбилеялда,гьаб кагътил рукъи кодобе босун, рик1к1адаб 2016 соналъ гьесул юбилей гьадин к1одо гьабун бук1ун  бугин ц1алулев чи ккеялде хьулгун, дирги 200 сонил юбилеялъулал тадбиразда г1ахьаллъаралщиназулги (суратазда ругелги гьеч1елги) мунагьал чурагиян дуг1адул  аманатгун, лъуг1изе толеб буго гьеб тарихияб сурат бихьизабураб тадбиралдаса репортажги.Т1аде рач1арал гьалбадерил ц1ик1к1унисез т1адег1анаб къимат ва баркала кьуна юбилкей т1обит1иялъе жигарчилъи бихьизабурав районалъул нухмалъулев С. Юсуповасе, г1уц1иялъул комитеталъе ва г1ахьалчаг1азе. Хасго ц1акъ жидеего гьабураб асар нижедехун бикьана нижерго пишацоял: РГВК-ялъул журналист П. БУрзиевалъ ва « Х1ажимурад»пьесаялъул автор,  унго-унголъунги бах1арчиясул нух г1умрудул аслулъун босарав, Хунзахъа Мух1амад Г1абдурах1мановас.

Редактор Ф. Мух1амадова.

 

Просмотров: 494 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz