24 сентябралъ районалда т1обит1ана пачалихъияб миллияб
политика г1умруялде бахъинабиялъул мурадалда республикаялъул миллияб
политикаялъул министерствалдаги
муниципалиял г1уц1абаздаги (районал) гьоркьоб цадахъ рекъон х1алт1иялъул
къот1и-къай хъвай. Республикаялъулго к1варалъул гьеб тадбиралда г1ахьаллъи
гьабуна Дагъистан республикаялъул миллияб политикаялъул, печаталъулгун
информациялъул министразул заместителал Зикрула Ильясов ва Зубайру Зубайруевас,
районазул рахъалъан – Гумбет, Болъихъ, Г1ахьвахъ, Ц1умада, Гъуниб, Унсоколо,
Хунзахъ, Ц1унт1а районазул, Бежт1а
участкаялъул нухмалъулез. Тадбир байбихьана рехсарал районазул
нухмалъулелгун, муницапалиял хъулухъчаг1игун, бак1алъулаб интеллигенциягун
республикаялъул х1укуматалъул
вакилзабазул дандч1ваялдасан. Гьеб бачана миллияб политикаялъул рахъалъ
министрасул т1оцевев заместитель Зикрула Ильясовас.
«Х1аракатаб пачалихъияб нухмалъи», «Рахъи бугеб
территориалияб цебет1ей», «Диаспора – Дагъистаналъул къуват», «Дагъистаналда г1адлу-низам, х1инкъи
гьеч1олъи» г1адал Дагъистаналъул президентасул проектал г1умруялде
рахъинариялъе щивав дагъистанияс
бажарараб х1аракатчилъи бихьизабизе кколилан байбихьана министрасул
заместителас жиндирго к1алъай. Гьабсаг1ат республикаялда бугеб социалиябгун политикияб ах1вал-х1алалъе
къиматги кьун, Зикрула Зиявудиновичас т1адч1ей гьабуна ахираб заманалда
улкаялъул т1алъиялъ Северияб Кавказалъул республикабазда, хасго
Дагъистаналда миллатазда гьоркьоб
рекъел, раг1и дандеккей ва ч1ара-хьараб ах1вал-х1ал бук1инабиялде к1удияб к1вар
кьолеб бук1иналда.
Т1олабго Северияб Кавказалда г1одобе бичай, ч1ара-хьараб
ракълилаб ах1вал-х1ал бараб буго Дагъистаналда бугеб ах1вал-х1алалда. Умумуз
ирсалъе тараб къо х1ехьейги бах1арчияб г1амал хасиятги нилъецаги г1ун бач1унеб г1елалъулъ куцазе
ккола. Т1егьан бач1унеб террор, миллатчилъи, диниял рикьалаби халкъалда
гьоркьоса т1аг1инабиялде буссараб бук1ине ккола нилъер г1аммаб къеркьей,- ян
бихьизабуна З. Ильясовас. Хадуб гьес т1адч1ей гьабуна республикаялъул миллияб
политикаялъул министерствоги
муниципалиял г1уц1абиги цадахъ рекъон х1алт1иялъул суалалда. Миллияб
политикаялъул министерст воги муниципалиял г1уц1абиги цадахъ рекъон
х1алт1и г1иц1го пачалихъияб миллияб политика
г1умруялде бахъинаби гуребги гражданазул
цолъи, миллатазда гьоркьоб цоцазда рич1и бук1инабиялде буссараб г1ат1идаб
информационнияб программаги ккола.
Рух1ияб бечелъи ц1уни, информационнияб лъай борхизабиялъул х1алт1и г1ат1идго
т1ибит1изаби, миллатазул лъик1ал гьоркьорлъаби, халкъазул цоцалъ гъунки – гьеле
жакъа нилъеда цебе ч1араб масъала,- ян бихьизабуна докладчияс. Гьединабго маг1наялъул к1алъай бук1ана печаталъулгун информациялъул министрасул заместитель Зубайру
Зубайруевасулги. К1алъаял гьаруна дандач1ваялда г1ахьаллъарал киналго районазул
нухмалъулезги. Гьезулги аслияб маг1на буссараб бук1ана жиде-жидер районазда
бугеб социалиябгун экономикияб
ах1вал-х1алалде, бак1азда ч1ара-хьараб, г1одобе бичараб ах1вал-х1ал
бук1инабиялъе ч1ван-къот1арал ресалги нухалги рихьизарурал. К1алъаяздаса хадуб
к1иявго заместителас г1ахьалчаг1азул суалазе жавабал кьуна. Ахиралда
Дагъистан республикаялъул миллияб
политикаялъул министрасул заместитель З. Ильясовасги жиб-жиб районалъул
нухмалъулесги цоцалъ рекъон х1алт1иялъул къот1иялда гъулбасал гьаруна. Гьелъул
г1ахьалчаг1азе Хунзахъ ва мадугьалихъ районазул художественниял х1аракатчаг1аз
г1ат1идаб программаялъул концертги
кьуна.
Р. Х1амзатов.
|