1992 соналъул 14 октябралда бахъараб ООНалъул Генералияб
Ассамблеялъул резолюциялда рекъон т1олабго дунялалдаго щибаб соналъул 3
декабралда к1одо гьабула Халкъазда гьоркьосеб инвалидазул къо. Лъиего балъголъи
гуро жамг1ияталъул ва пачалихъалъул кумек щвеч1они, инвалидасул г1умруялъе
к1удияб зах1малъи, къварилъи бук1унеблъи. Нилъеца сверун кквезе ккола инвалидал
щибаб къойилаб т1алаб-агъазалъ, гьабизе ккола гьезие сундулъго кумек. Гьеб
гуребги, гьезулгун бицараб х1еренаб раг1иялъги, недегьаб каламалъги рек1ее
к1удияб рохалилаб асар лъугьун бач1уна гьезул щивасул.
Гьебги бич1ч1ун районалъул администрациялъул бет1ер Юсупов
Саг1ид Камилевичасул ва социалияб рахъалъ г1адамал ц1униялъул централъул
жигарчилъиялдалъун районалъул спортивияб к1алг1аялъул кафеялда т1обит1ана
инвалидазул къоялъул х1урматалда рохалилаб байрам.
Гьелде ах1ун рук1ана районалъул росабалъа инвалидал.
Районалда вугевщинав 2200 инвалид гьенибе ах1ун бажаринч1ониги, рач1ине к1варал
инвалидазул г1орхъи гьеч1еб рохел бук1ана жал к1одо гьарун г1уц1араб
байрамалдаса, хасго районалъул бет1ер Саг1ид Камилевич, райбольницаялъул
бет1ерав врач Мусаев Мух1амад, пенсионныяб фондалъул нухмалъулей Ах1мадова
Г1айшат, социалияб страхованиялъул Хунзахъ бугеб фондалъул начальник Г1умаров
Х1амзат, г1адамазе социалияб хъулухъ гьабиялъул централъул нухмалъулев
Дибирчуев Х1ажи ва гьел гурел цогидалги гьезул суалазе жаваб кьезе к1олел
нухмалъулелгун дандч1вазе гьезие рес щвеялдаса.
Ниг1матаз бечед гьарурал столазда нахъа г1одор ч1арал
инвалидазе рес щвана жалго г1адал инвалидалгун дандч1вазе, гьезулгун хабар
бицине, ихтилат-кепалъухъ хал гьабизе ва х1атта жалгоги гьелда гъорлъ
г1ахьаллъизе.
Культураялъул х1алт1ахъабаз г1уц1араб кеч1-бакъаналъул ва
кьурди-хъаталъул рохалилаб асаралда гъоркь х1ухьбахъи гьабурал инвалидал
жиде-жидер рокъоре т1ад руссана байрам г1уц1аразе рак1-рак1алъулаб баркалаги
кьолаго, хадубккунги гьединал тадбиразда г1ахьаллъизе хьулазда, анищазда,
цодагьаб заманалъниги жидерго унтабиги, къварилъабиги к1очон тун рохалилаб асаралда
гъоркь.
Н. Г1алиева.
|