Воскресенье, 05.05.2024, 06:41 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Июль » 10 » ИНСУХЪ УГЬДУЛАГО Г1УМРУ АРАЙ ЯС.
21:08
ИНСУХЪ УГЬДУЛАГО Г1УМРУ АРАЙ ЯС.

Фронталде унелъул, гьес хъизаналде амру гьабула, жив т1ад вуссинег1ан васги, жеги ургьибго бугеб лъимерги ясберг1адин ц1унейилан. Гьесда рак1алда бук1ун батула, хехго-хехго Бергьенлъиги босун г1агараб ракьалде, хъизан-лъималазухъе т1ад вуссине. Амма вуссинч1о. Лъабго сон барав васги, сураталда бихьун гурого инсул гьумер лъаларей ясги каранде къан уна гьалъул эбелалъул т1олабго г1умру.

 

Дие гьаб макъалаялда нужеда бицине бокьун буго Хунзахъ росулъа рагъул соназул лъимер, доб К1удияб Ват1анияб рагъде эмен унеб мехалда, жеги эбелалъул ургьийго йик1арай, ясбер г1адин ц1унейилан инсуца хъизаналде аманат гьабун йик1арай, Баг1араб Армиялъул кадровияв офицер, доб заманалда кавалериялъул эскадроналъул командирлъун вук1арав Ахъбердиев Иманшапил яс Умужат Ахъвердиевалъул х1акъалъулъ.

Бищунго зах1матал рагъул соназ, г1агараб ват1ан ц1унизе арав бет1ергьанчиги т1ад вуссинч1ого, жеги 23 сон гурого бач1ей Пат1имат Ахвердиевалде ккола 2 лъимал г1езаризе, г1адамалъе рахъинаризе. Киг1анго зах1мат бук1аниги, бихьулеб къоялде яч1инч1ого, гьезие къвариг1арабщинабги ч1езабун г1езаруна гьелъ лъимал, ц1унана къварилъаби, зах1малъаби къезарун, х1ал лъазе теч1ого. Гьел к1иязго лъуг1изаруна т1адег1анал ц1алул заведениял ва мустах1икъаб х1алхьиялде инег1ан х1алт1ана рак1бац1ц1адго. Умужат Шапиевна ккола лъай кьеялъул цеехъан ва Хунзахъ росдал жамг1ияй х1аракатч1ужу.

1964 соналда Дагъистаналъул педагогикияб институталъул филологиялъул факультетги лъуг1изабун яч1уна гьей г1агараб районалде х1алт1изе. 1971 соналде щвезег1ан х1алт1ула Г1араниб гьоркьохъеб школалда г1урус мац1алъул учительницалъун. Хадуб гьей т1амула КПССалъул Хунзахъ райкомалъул г1аммаб отделалъул заведующаялъун. Гьений х1алт1ула 1991 соналде щвезег1ан, ай КПССалъул Хунзахъ райком биххизег1ан. Хадуб анц1гоялдасаги ц1ик1к1ун соназ х1алт1ула Хунзахъ гьоркьохъеб школалда г1урус ва маг1арул мац1азул учительницалъун. Гьеб заманалда гьелъ ц1ик1к1араб рокьи бижизабуна ц1алдохъабазул рахьдал мац1алде, адабияталде. Кидаго гьей йик1ана лъай т1алаб гьабулей, ц1ияб т1ехь, газета, журнал бокьулей г1адан. Цере ц1алулел ц1алдохъабиги гьелъ ругьун гьарулаан маг1арул г1адатги, г1амал-хасияталги рокьизе, маг1арул ях1-намус ц1унизе, рижараб ракьги, гьудул-гьалмагълъиги, г1агарлъиги бокьизе. Гьеб мурадалда г1емерал пайдаял тадбиралги т1орит1улаан гьелъ школалда. Гьелъ лъун бук1ана школалда Х1ажимурадил х1акъалъулъ пьеса. Экскурсиял гьарун рук1ана Ах1улгох1де, Дербенталде, Гъунибе ва г1емерал цогидал бак1аздеги.

Рагъул соназул г1исинал лъимал, гьанже гьел руго мустах1икъаб х1алхьиялда ругел хараби-пенсионерал. Къойидаса къойиде дагьлъун унел руго К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1и. Г1иц1го рагъул заманалъул лъимал хут1улел руго г1асияб рагъалъул ч1агоял нуг1заллъун.

Г1ун бач1унеб г1елалада ккола кидагойин гьедин лъик1 квинеги рет1инеги жо бук1арабилан. Гьеб гьезда бич1ч1изабиялъул мурадалда дица гьелда гьарана жиндирго лъимерлъиялъул х1акъалъулъ бицеян.

Диргун бук1араб гара-ч1вариялда Умужатица жиндирго лъимерлъиялъул заманги рак1алде щвезабун бицана:

-Бихьана ракъиги, бихьана къечги. Хурзабахъа т1орги бищун, квералъ гьебги к1век1ун к1алдибе балаан. Нижеца кунаан т1инги, къвалиги, эбелалъ гьабураб мич1ч1ил карщги. Ракъун рук1аниги, эбелалда абизе к1олароан, гьейги киданиги нижер ургъалида йик1унелъул, гьелда ургъел ч1валилан х1инкъун. Эбелалъе бугеб зах1малъи бихьун, х1ат1ида г1иц1го унаан хурие. Рукъи ч1варал гурдалги рет1ана, хьиталги рет1ана, амма цоцада гъорлъ ц1акъ лъик1 рук1унаан. Г1одулел лъимал рихьани, гьезда рак1 гурх1ун, цадахъ г1одулаан, релъулел рихьани, цадахъ релъулаан. Цоцаздехун ц1акъ гурх1елги бук1унаан, гьединго къварилъи-г1ат1илъиги г1ахьал гьабулаан, жах1да-илбис доб мехалъ нижеда гьоркьоб бук1унароан. Гьелдаса нахъе чанго бат1иял г1ел хисана нилъер районалда, хисана гьелъул политикияб г1уц1и.

Хадуб Умужатица бахъун бач1ана хъизаналъул альбом. Гьале инсул сурат, гьале хъизаналъул суратал. Гьале, эбелалда кодор дунги, дир вац Т1алх1атги. Рахъун рач1ана гьелъ школалда ц1алулеб заманалда рахъарал сураталги. Кинго цебеч1езабизе к1олеб гьеч1о х1ат1ида г1иц1го гьанже заманалда школалде унел лъимал. Амма Умужатил суратазухъ балагьидал рихьулел руго доб заманалда гьединал г1емерал рук1араблъи.

-Гьаб сурат бахъун бук1ана 1949 соналъул 10 маялда Мах1ачхъалаялдаса рач1арал фотографаз. Гьелдаса нахъе ана 65 сон. Сураталда руго Хунзахъ росулъа 7-сонил школалъул 2-леб классалъул ц1алдохъаби: Майндуров Г1алидибир, Г1алиев Т1алх1ат, Мирзоев Х1амзат, Х1усенов Г1умардибир (учитель), Баринов Камил, Г1умарх1ажиев Ах1мат1, Гунашев Гьимат, Г1абдулаев Расул, Дайтбегов Нурмух1амад, Мух1удадаев Мах1ач, Х1ажиев Т1алх1атухайир, Мутаг1илов Мух1амад, Гьит1инова Роза, Атаева Жавгьарат, Х1ажиева Х1алимат, Маламух1амадова Чакар, Г1алиева Умужат, Ахвердиева Умужат, Х1ажимурадова Пат1имат, Ах1мадова Хатимат, Мух1амадова Зулх1ижат, Г1аммаев Г1абдулх1амид.

Дол рук1ана жеги т1ад рет1ине лъик1аб рет1елги, кваназе лъик1аб квенги щолареб, рагъдаса хадусел сонал. Т1оцебесеб кьерда ругел Х1ажиев Т1алх1атухайирида ва Мутаг1илов Мух1амадида х1ат1азда рет1арал жал гьеч1о, аск1ой йигей Гьит1инова Розаца риццатал квасул щватаби рет1ун руго май моц1алда. Гьединаб рес къот1араб бук1ана рагъда хадусеб заман.

Суратазда ругезда гьоркьоса нижер классалъул нухмалъулевлъун вук1арав Х1усенов Г1умардибирги малъун, жидер мунагьал чураял анц1гоял г1олохъанго абадияб рокъоре ана. Классалдаса г1емерисез ц1алун лъуг1изаруна т1адег1анал ва гьоркьохъел ц1алул заведениял ва рахъана бат1и-бат1ияб махщалил устарзабилъун.

Гьаб сураталда рихьулел лъималазулги щивасул эмен Советияб Армиялда тушманасде данде вагъулев вук1ана. Жив-живасул эбел сардалгин-къояз бихьиназул х1алт1и т1адеги босун, ракъи-къечги х1ехьон рагъул фронталъе кумек гьабулел рук1ана. Рукъалъул къварилъи улбулгун цадахъ борхана нижеца. Кин бугониги нижеца ц1ализе ях1 бахъулаан. Чангоязда гьоркьоб т1анчал т1ут1ун араб цо т1ехь бук1унаан цоцахъе босулеб. Тетрадалги къанаг1атал жал рук1ана, щулаго пероги г1оч1ода бухьун, лах1ул щакъиги босун, ч1артил таргьаялъуб гьеб кинабгоги лъун хьвадулаан ниж школалде.

Ц1акъ кутакалда адаб гьабулаан учителасул, г1адлуги бук1ана ц1акъго щулияб, г1адамал рук1ана цоцазда гурх1улел, кумек к1удиял, намус бац1ц1адал.

Дида рак1алде ккола гьанжесеб г1елалда, ниж рагъул соназул лъимал рич1ч1уларилан, гьезда нижеда бихьараб бихьун гьеч1елъул. Дие бокьилаан гьанжесеб г1елалъе гьаризе:

Гьанжесеб г1елалъе

Дир бугеб гьари,

Нижеда бихьараб

Бихьугегиян.

Хут1аги нужее

Зоб роц1ц1араблъун

Т1урайги щивасул

Рек1ел анищал.

Нилъер умумуца

Ирсалъе тараб,

Адаб-хъатир ц1уне

К1удияздехун,

Хехдари-мекъдари

Т1ад малги ч1ун те

Маг1арул ях1-намус

Бац1ц1адго ц1уне.

Умужатица гьабуна х1урматияб г1умру. Г1ун бач1унеб г1елалъе ях1-намусалъул, г1адлу-низамалъул, адаб-хъатиралъул рахъалъ гьей йик1ана кидаго мисаллъун. Умужатил руго 3 яс. Эмен нахъе гьеч1ониги лъик1аб тарбия-лъай кьун г1езаруна гьелъ гьелги. К1удияй яс Наидаца лъуг1изабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул математикаялъул факультет, Фатимаца гьебго университеталъул экономикияб факультет, Байзатица Дагъистаналъул Росдал маг1ишаталъул институталъул агрономиялъулаб факультет. Гьезулги руго тарбия-лъай щварал лъималги, лъик1ал жиде-жидер хъизаналги.

Бищунго к1удияб талих1лъун Умужатица рик1к1уна жиндирго лъимал берцинаб г1амал-хасияталде, г1адамазе пайдаяб ишалде руссинаризе, гьел бит1араб нухда куцазе бажари.

Пенсиялде ун йигин абун, Умужат гьабсаг1атги г1одой ч1ун йик1унаро. Гьей ккола Хунзахъ росдал «Муслимат» обществалъул председатель. Гьеб ишалдаги гьелъ обществалъул цогидал вакилзабигун цадахъ т1орит1ула бат1и-бат1иял мажлисал, конкурсал, жигар бахъула дин-исламалде г1олохъанаб г1елалъул рокьи бижизабизе.

Бокьун буго Умужатие гьаризе чорхое щулияб сахлъи, рохел, таги, мун, жеги г1емерал соназ, дуего бокьухъин дурго ясазда ва гьезулги лъималазда гьоркьой.

Н. Г1алиева.         

Просмотров: 534 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz