Воскресенье, 19.05.2024, 20:45 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Май » 22 » ГЬУНАР К1УДИЯЗЕ БЕРГЬЕНЛЪИ.
23:12
ГЬУНАР К1УДИЯЗЕ БЕРГЬЕНЛЪИ.

25 апрелалда Бакьагьеч1и  спортзалалда, исана т1оцебесеб нухалъ т1орит1ана халкъазда гьоркьосеб  классалъул спорталъул мастер Арсен Къурамух1амадовасул призалъе г1оло  районалъул школлъималазда гьоркьоб эркенаб  гугариялъул къецал.

Гьел къецазда г1ахьаллъизе Бакьагьеч1иве вач1ун вук1ана районалъул 12 росдал  120 ялдаса ц1ик1к1ун гугарухъан. Г1уциялъул комитеталъ къецал т1орит1иялъе гьабун бук1ана т1адег1анаб даражаялъул х1адурлъи. Зал къач1ан бук1ана  А. Къурамух1амадовасул спортивияб г1умруялъул бицунел суратаз, стендаз, т1аде рач1арал гьалбадерие ва тренеразе ч1езабун бук1ана квен, балагьизе рач1аразе г1одор  ч1езе бак1ал.

Арсенида гьесул бергьенлъаби ва т1оцебесеб турнир т1обит1и баркизе вач1арав районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас  спортсменазда къецал байбихьи баркана ва гьезул махщелгун гьунар ц1ик1к1аразе бергьенлъи щвей мурад бук1ин загьир гьабуна. Хадувго к1алъарав Бакьагьеч1и росдал бегавул М. Габдулбасировас киналниги т1аде рач1арал  гьалбадерида ва гугарухъабазда баркана  гьенире Арсен Къурамух1амадов к1одо гьавизе рач1ин ва жал кидалго т1аде рач1арал гьалбал къабул гьаризе х1адурал ругилан абуна. 

Жиндир иргаялда к1алъазе раг1и кьурав  районалда эркенаб гугари цебет1еялъе кьуч1 лъурав ДРялъул мустах1икъав учитель, СССРалъул спорталъул мастер  К1ахъа Х1анапиев Мух1амадица г1исинал гугарухъабазда  баркана турнир рагьи. Гьес г1уц1иялъул комитеталъе баркала кьуна районалда спорт, хасго эркенаб гугари цебет1езабиялъе гьабулеб бугеб х1алт1ухъ, турнир гьабиялъул «г1айибияв» Къурамух1амадовасе баркала кьуна гьаб спорталъул байрам росуцоязе сайигъат гьабуралъухъ ва ахиралдаги, турниралда къуватал, лебалал гугарухъаби бергьин мурадлъун бук1инги загьир гьабуна.

Хадур гугарухъабазул ургуялде рач1ана Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул ва районалъул искусствоялъул школаз ругьун гьарурал г1исинал кьурдухъаби. Гьездаса нахъе ккеч1еб лебаллъи, тирилъи бихьизабуна Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалъул учитель Р. Г1амирхановас куцарал ц1алдохъаби – акробатаз. Гьез балагьаразул рак1ал х1айран гьаруна аробатикаялъул бат1и-бат1иял упражнениязул церерахъиназдалъун,  кьурдабаздалъун.  Гьединго гьеб турнир берцин гьабизе Бакьагьеч1ие яч1ун йик1ана ДРялъул халкъияй артистка Умакусум  Мух1амадова. Киназего рек1ее г1уна гьелъ, Арсен Къурамух1амадовасде жинцаго гьабун ах1араб кеч1. Умакусумидаса нахъе ккезе ч1еч1ого, росуцояв к1одо гьавун кеч1 ах1ана г1олохъанав артист, «Сарир» ансамблялъул г1ахьалчи Х1ажимурад Дибировасги.

Абула лъик1аб байбихьиялъ х1асил лъик1аб кьолилан, ц1акъ берцинго, г1уцадго, аваданлъиялда байбихьана къецазде. Кинабго рахъалъ х1исабалде босун бугоан г1уц1иялъул комитеталъ. Бищунго аслияб жо – ч1езабун бук1ана лъик1аб г1адлу, кинабго унеб бук1ана жиндирго рахънисан.

Анц1ила цо ц1айиялда цере рахъарал гугарухъаби къеркьолел рук1ана жиб-жиб балалъе г1оло, таваккалалда киназулго х1асралъи бук1ана бергьине, финалалде рорч1изе. Мух1канго унеб бук1ана къецазда суд гьабиялъул ишги. Х1алуцарал къецаздаса хадуб жиде-жидер ц1айиялда  чемпионаллъун рахъана:

23 кг - Дибиров Карим – Т1ануси.

25 кг - Муртазг1алиев Мух1амад – Бакьагьеч1и.

27 кг - Г1алиев Мурад – Бакьагьеч1и.

29 кг - Муртазг1алиев Мах1ач  - Бакьагьеч1и.

32 кг - Нурмух1амадов Аслудин - Г1арани (Лицей).

35 кг - Мух1амадов Гьимат – Хунзахъ.

38 кг - Муртазг1алиев Мух1амад – Г1арани (Лицей).

42 кг - Къурамух1амадов Мух1амад – Бакьагьеч1и.

46 кг - Х1ажиев  - Гьоц1алъ.

50 кг - Г1абдулкеримов Рустам – Бакьагьеч1и.

69 кг- Къурамух1амадов Мурад – Бакьагьеч1и.

Г1уц1иялъул комитеталъ кецазда бергьарал ва призалъулал бак1ал ккурал гугарухъабазе кьуна  дандрекъон кколел даражабазул грамотаби, медалал ва г1арцулал сайигъатал.

Гьединго гьел къецазда, Арсен Къурамух1амадовасе сайигъатал гьаруна Хунзахъ муницапалияб г1уц1иялъул бет1ер Сайгид  Камилович Юсуповас, УОСалъул ва Сельводстрой г1уц1иялъул директор Х1осен Х1амзатовас, Бакьагьеч1и росдал администрациялъул бет1ер Мух1амад  Г1абдулбасировас, Хунзахъ росулъа сахаватчи  Мух1амад Гъазиевас, К1ахъ росулъа Х1анапиев Мух1амадица ва гь.ц.

Ахиралдаги бокьун буго Арсенил турнир т1обит1изе кумек  гьабурал Бакьагьеч1и росдал бегавул Г1абдулбасиров Мух1амадие, районалъул спорткомитеталъул , спортшколалъул х1алт1ухъабазе, нухмалъулезе К1ахъ росулъа сахаватчи Х1анапиев Мух1амадие церехун рехсарал ва рехсеч1ого хут1арал  турнир т1обит1иялъе кумек гьабуразе рак1-рак1алъулаб баркала кьезе гьеб турнир берцинго иналъе кумек квербакъи гьабуралъухъ.

Абизе ккола къецал г1уц1адго, балагьаразе интересал къаг1идаялъ берцингоанилан.

Просмотров: 514 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz