18 апрелалъ "Анжи" командаялъул вук1арав капитан Ибрагьим Х1асанбегов рак1алде щвезавиялъул мурадалда Мах1ачхъалаялда т1обит1ана Хунзахъ районалъул командабазда гьоркьоб мини-футболалъул турнир. Гьеб турнир г1уц1ун бук1ана Хунзахъ бугеб Абумуслим Щайихасул обществоялъ. Турниралда г1ахьаллъи гьабуна районалъул росабазул 43 командаялъ. Киналго командаби ц1акъ лъик1 х1адурун рук1ана. Турнир рагьиялда г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ер Саг1ид Камиловичас, гьесул цадахъ х1алт1улел гьалмагъзабаз, районалъул имам Х1адис Мух1амадовас, Ибрагьимил г1агарлъиялъ. Турниралда г1ахьаллъана Гьоц1дерил г1олохъабазул командаги.
Командаялъе спонсорлъи гьабуна администрациялъул бет1ер Валиев Шамилица. Шамилие баркала загьир гьабулеб буго тренер Исмаилов Г1умарица ва командаялъ. Гьоц1дерил команда х1ана ц1акъ х1аракат бахъун. Вратарь Шамилов Х1ажица жидерго кавабахъе цониги торг1о биччач1о. Командаялда к1удиял рук1аниги ц1акъ лъик1 х1ана Шамилов Х1ажимурад ва Г1амирханов Мурад. Гьездаса нахъе ккеч1о Мух1аммадов Манап, Мух1аммадов Ислам, Раджабов Мух1амад, Гайдалов Мух1амад, Шамилов Имагъазали, Г1умаров Х1амзат ва Х1амзатов Ислам. Командаялъ х1ай бачана тириго ва г1уц1ц1адго. Ц1акъ х1алуцарал къецазда гьоц1дерил г1олохъабазе щвана бергьенлъи. Бергьенлъи босаразе кубокги г1арцулаб сайигъатги кьуна Насрулла Х1асанбеговас. Гьенир х1алел рук1аразе ва балагьизе рач1аразе г1уц1ц1ун бук1ана квен-т1ехалъул столги. Турнир ана т1адег1анаб даражаялда. Баркала кьезе бокьун буго гьеб турнир г1уц1араб Хунзахъ районалда бугеб Абумуслим Щайихасул ц1аралда бугеб обществоялъе, Ибрагьим Х1асанбеговасул г1агарлъиялъе ва Саг1ид Камиловичасе. Хьулги буго Саг1ид Камиловичас спорталде кьолеб бугеб к1варалъухъ балагьун, Гьоц1алъ футбольное поле лъуг1изабизе кумек гьабилиланги. Лъабнусгоялдаса ц1ик1к1ун ц1алдохъан ва кинабго
гьоц1дерил г1ун бач1унеб г1ел балагьун ч1ун ругелъул элъухъ.
Командаялъе гьаризе бокьун буго сахлъи, ц1иял бергьенлъаби ва г1умрудулъ икъбал. Бергьенлъаби т1аса унгеги!
Малагьит1инова Г1унайзат, Гьоц1алъ росу.
|