Исана ноябрь
моц1алъул ахиралда Москваялъул Раменскоялда т1обит1ана г1олилазда гьоркьоб
эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул чемпионат. Гьенире рач1ун рук1ана
т1олабго Россиялдасаго лъабнусгоялдаса ц1ик1к1ун гугарухъан. Гьел къецазда
г1ахьаллъи гьабуна нилъер районалъул Г1оч1ло росулъа Х1амзатов Х1амзатицаги.
Х1амзат цеве вахъунев вук1ана 64
кг. ц1айиялда. Цебе дандиязда т1ад рак1 ч1араб
бергьенлъиги босун, финалалда гьев дандч1вана Осетиялдаса гугарухъангун.Гьеб
х1алуцараб къеркьеялда дандиясдасаги бергьун Х1амзат вахъана Россиялъул
чемпионлъун. Гьит1инаб къоялдаса нахъего бижана гьесул спорталде рокьи, амма
г1агараб Г1оч1ло росулъ гьесие г1урал шарт1ал жиндирго спорталдехун бугеб гъира
цебет1еялъе рук1инч1о. Росулъ 9 классги лъуг1ун, гьев ц1ализе лъугьана Г1арани
рагъулабгун спортивияб лицеялде. Гьениве вач1ун т1оцересел къояздаго тренер Мух1амад
Г1исаевасда бихьана васасул спорталдехун, хасго гугариялде бугеб рокьи. Мух1амадил
нухмалъиялда гъоркь куцана гугариялъул махщалие ва т1оцебесеб соналъго Х1амзатица
живго вихьизавуна бат1и-бат1иял къецазда цересел бак1алги ккун. Хадув гьев ана
Хасавюрталъул олимпиялъул резервалъул школалде ва гьениб тренеразул х1алт1ул
х1асилги гьес бихьизабуна Россиялъул чемпионаталда.
Гьит1инаб
Г1оч1ло росдае гуребги районалъего к1удияб роххел ккола Х1амзат Россиялъул
чемпионлъун вахъин. Росулъ спортзал базе байбихьаралдаса нахъе ана 5-6сон,
жакъа къоялъги къадалги эхетун хут1ун буго гьеб т1алаб гьабулев чиги гьеч1ого.
Зал бук1арабани спорталъулъ бергьенлъаби г1еч1ендерил жеги г1емерал рук1ине
бегьулаан. Масала, зал гьеч1ониги росдал волейболалъул командаялъ к1иго соналъ
т1ат1ала к1иабилеб бак1 ккуна районалда росабазул командабазда гьоркьор
т1орит1улел къецазда.
Г1очло
росдал т1олабго жамаг1ат ч1ух1араб буго росуцояв Россиялъул чемпионлъун вахъиналдаса
ва баркалаги кьолеб буго гьединав вас г1езе гьарурал Х1асанх1осениеги
Г1айшатиеги. Баркула гьезда васасул бергьенлъи, гьарула гьесие сахлъиги ва
жегиги ч1ах1иял бергьенлъабиги.
Халилбегов
М-Х1
|