Четверг, 02.05.2024, 13:16 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Декабрь » 2 » ГЬАСУЛ ДАРСАЛ Т1УБАРАБ ИСКУССТВОЛЪУН ЛЪУГЬУНА.
20:07
ГЬАСУЛ ДАРСАЛ Т1УБАРАБ ИСКУССТВОЛЪУН ЛЪУГЬУНА.

Районалда ругел лъик1ал физкультураялъул учительзабазда гьоркьоб т1оцебе рехсола ДРялъул мустах1икъав учитель, Россиялъул лъай кьеялъул отличник Г1амирханов Расул Мух1амадовичасул ц1ар.

1971 соналъ Хунзахъ гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун ц1ализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб институталъул физкультураялъул факультеталде. Гьенив ц1алулаго, Расул Г1амирхановас жигар бахъана жиндир махщел камил гьабизе, рокьи бижана гандболалде. Гьев вук1ана т1оцебе институталъул хадуб республикаялъул т1аса бищараб командаялда гьоркьов. Командаялъ г1емерал цересел бак1ал росана г1иц1го Дагъистаналда гуребги, улкаялъул бат1и-бат1иял шагьараздаги. 1975 соналъ институтги лъуг1изабун Расул х1алт1изе лъугьана г1агараб росдал 8 сонил школалде. Гьев гьеб школалде х1алт1изе вач1аралдаса кьуч1дасанго хисана физкультураялъулгин спорталъул х1алт1и. Физкультураялъул дарс рахъи кьоледухъ бачиналъул мурадалда, Расул Г1амирхановас школалда ч1езаруна дарс бачиналъе х1ажалъулел алатал, г1уц1ун къач1ана ц1ияб спортивияб зал, чанго бат1и-бат1иял секциял. Инсанасул черх лъадаризе, гьев къо х1ехьолевлъун, щулиявлъун, къвак1аравлъун вук1ине ккани, физкультураялъул ва спорталъул бугеб к1варги бич1ч1ун, Расул Г1амирхановас жигар бахъула гьит1инго лъималазул физкультураялде рокьи бижизабизе. Гьев х1адурго вук1уна кидалго дарсал ва кружокал ц1ияб гьаваялда къват1иб кьезе, гьезие бат1и-бат1иял х1аял, расандаби, къецал т1адег1анаб даражаялда т1орит1изе, радал школалде рач1аралдаса байбихьун зарядка гьабун лъимал тири-гъириго къарт1алда ч1езаризе. Г1исинал лъимал рук1уна гьит1инаб рецц-бакъалдасаги, лъурал къиматаздасаги рак1 батулел г1адамал, гьединлъидал Расулица жигар бахъула лъимал лъик1ал къиматал лъун, берцинаб раг1и бицун рохизаризе. Гьедин гьабиялъ гьелъул х1асил ккеч1огоги хут1уларо.

Физкультураялъул дарсазда Расул лъималаздаса ват1а т1ун вук1унаро рет1ун формагун, гьебго ц1алдохъабаздаги рет1инабун, гьев вихьула дарсазда векерулевги, к1анц1улевги, торг1о х1алевги, бат1и-бат1иял упражнениял гьарулевги. Гьелъ лъималазул жеги ц1ик1к1ун гъира бахъуна дарсал лъуг1ун хадубгицин гьесул кружоказде хьвадизе. Расулица лъималазда абула: «Дица г1адин гьабе, дида цадахъ гьабе, дидасаги лъик1 гьабе»-ян. Гьезги жигар бахъула кинабго Расулица малъухъе гьабизе. Гьабсаг1аталда школалда кьолел дарсазда цадахъ Расулица районалъул лъималазулгин г1олилазул спортивияб школалда бачунеб буго акробатикаялъул кружок. Аслияб къаг1идаялда гьелде хьвадула 1-4 классазул ц1алдохъаби. К1вах1-свак тун х1алт1ула Расул гьел лъималгун. Гьесул окробатал ва гьев живго г1емер цере рахъуна школалда т1орит1улел тадбиразда, лъимал ц1униялъул къоялъул, Ват1ан ц1унулезул х1урматалда т1орит1улел байрамазда, цойгидалги спортивиял х1аязда ва балагьарал х1айран гьарула акробатазул церерахъиназ. Гьедин Расулил акробатал г1емер цере рахъуна районалда гуребги, республикаялъул турнирал рагьулеб мехалъги. Лъабго нухалъ гьел цере рахъана Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ Мух1амад Толбоевасул, Х1ебда Суракъат Асиятиловасул, Т1ануси Шагьрудин Шамхаловасул турниразда.

Расул вохула жинца гьабураб х1алт1ул х1асил кколеб бихьараб мехалда. Лъималазул лъик1ал церерахъиназдаса хадубги, гьес гьезул рак1 батизабиялъул мурадалда гьезие кьола грамотаби, дипломал, значокал, реццалъулал т1амчал ва гь. ц.

Расулица абула, физкультураялде ва спорталде рокьи бижи г1иц1го физкультураялъул учителасда гуребги, эбел-инсудаги бараб бугилан, гьединлъидал умумуз физкультураялъул дарсиде яги спорталъул кружоказде хьвадулел лъималазда хадуб ч1езабизе кколила хъаравуллъи. Гьенибе хьвадуларел лъималги эбел-инсуца тезе бегьуларила. Лъимал къват1ахъ сверулел, гъалмагъиралде руссун теч1ого, кинаб бугониги пайдаяб ишалде руссинаруни, гьелъул х1асил ц1ик1к1араб кколилан.

Ахираб заманалда ц1алдохъабазда лъик1аблъун бихьулеб бугила компьютеразде ва мобильныял телефоназде руссун рук1ине. Амма гьезда бич1ч1изабизе кколила, спорталъулгун хурхен ккурав унта-щокълъиялдаса ц1унарав, къо х1ехьолевлъун, тири-гъириявлъун вук1унеблъи.

Аби буго: «Халкъалъул сахлъи-улкаялъул бечелъи»,- ян абураб. Нилъеца лъимал ц1унизе ккола хъалиман бух1иялдаса, гьекъолдиялдаса, наркотикал х1алт1изариялдаса. Гьел къвариг1ел гьеч1ел пишабаздаса лъимал ц1унизелъун, Расулица г1емер бицунеб буго нилъер умумузул бук1араб яшавалъул, г1умруялъул, росулъ, районалда, республикаялда рук1арал къуватал, лебалал, бах1арчиял г1адамазул х1акъалъулъ ва жакъа къоялда ругел спортсменазул. Лъималазда малъулеб буго гьезул мисалазда церехун ине кколеблъи. Лъималазда бихьизелъун гьес данде гьабун буго районалъул спорталъул архив. Гьенибе рак1арун руго 1952 соналдаса бахъараб жакъа къоялде щвезег1ан спорталъул ветераназул суратал, гьезие щварал дипломал, грамотаби, гьезул х1акъалъулъ хъварал макъалаби.

Исана 38 сон т1убала Расул Г1амирханов школалда ва 40 сон «Росдал зах1матчи» газеталъулгун гьоркьоблъиялда х1алт1улев вугелдаса. Гьел киналго соназ гьес жиндирго бажариги, махщелги, къуватги кьуна г1ун бач1унеб г1елалъул физкультураялде ва спорталде рокьи бижизабиялде, гьезул сахлъи ц1униялде. Гьабураб х1алт1ул х1асилазул бицун Расулица г1емерал макъалаби хъвана «Росдал зах1матчи» газеталдеги. Расул Мух1амадовичас гьабураб рак1 бац1ц1адаб х1алт1уе г1оло, гьесие щвана г1емерал шапакъатал. 1995 соналъ Расулие щвана «Россиялъул лъай кьеялъул отличник» абураб ц1ар. 1996 соналъ гьев вахъана районалда «Лъаг1алил учитель-1996», г1ахьаллъана республикаялъул «Лъаг1алил учитель» конкурсалда, гьенивги вахъана «Республикаялъул лъаг1алил учитель-1996». 1999 соналъ кьуна «Дагъистан республикаялъул мустах1икъав учитель» абураб ц1ар. 2006 соналъ Расул Мух1амадовичасе щвана президентасул грант ва «Лучший учитель России» абураб ц1ар. Гьев ккола зах1маталъул ветеран. Исана исламалъул рукнулъун кколеб х1ежги т1убан т1адги вуссана.

Гьал къоязда Расулица к1одо гьабулеб буго живго гьавураб къо. Гьебги къоги баркулаго, бокьун буго гьесие гьаризе щулияб сахлъи, халатал соназул г1умру, х1алт1улъ жеги ч1ах1иял бергьенлъаби.

Просмотров: 508 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz