Четверг, 02.05.2024, 14:45 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Ноябрь » 2 » ГЬАБИЧ1ОГО ХУТ1АРАЛДЕ К1ВАР КЬЗЕ БУГО БЕГАВУЛЛЪИЯЛЪУЛ К1ИАБИЛЕБ БОЛЖАЛАЛДА.
15:43
ГЬАБИЧ1ОГО ХУТ1АРАЛДЕ К1ВАР КЬЗЕ БУГО БЕГАВУЛЛЪИЯЛЪУЛ К1ИАБИЛЕБ БОЛЖАЛАЛДА.

Досье.  Жаватханов Мух1амад  Саг1адулаевич гьаб соналъул 8-леб октябралда к1иабилеб нухалъги вищана Гьамишт1а росдал администрациялъул бет1ерлъун. Гьесул г1умруялъул буго 59 сон. Лъуг1изабун буго ДГПУ. 30 г1ан соналъ гьабун буго учительлъи. Г1езабун буго 6 лъимер руго, гьезул лъималги. М. Жаватхановасулгун  нижер мухбирасул бук1араб гара-ч1вариялъул къокъаб х1асил кьолеб буго гъоркьехун.

 Росдал паспорт. Росдал администрациялдаегьоркьоре унел руго  административияб центрлъун кколеб Гьамишт1аги, Жалакьуриги, хъутаналда бугеб к1иябго росуги. Росдал администрациялда хъвай-хъваг1ай гьабун буго 169  ц1аракиялъул. Гьенир г1умру гьабулеб буго 550 чияс. Маг1арухъ, Гьамищт1аги, Жалакьурибги, бугеб 69 ц1аракиялда вуго 150 чи. Бабаюрталъул зонаялда  бугеб к1иялго росулъги буго 100 ц1араки. Маг1арухъ г1умру гьабун ругел г1адамаз хьихьун буго 300 бет1ер ч1ег1ербоц1и ва 600 г1и-ц1ани. Аслияб бет1ербахъиги гьезул г1и-боц1иялдасанги хур-хералдасанги буго.

Г1исинал рук1иналъ росабалъ ч1ара-хьараб моц1рое пачалихъалъул харж-мухь щолев чи 9-10 гурони гьеч1о.

Бет1ергьабиги шагьаралде гочун, ч1орого  хут1арал минабиги дагьал гьеч1о. Росулъ х1алт1ун ругьунал, г1и-боц1и, хурул х1алт1и бокьулел г1адамал ругониги эздасан к1удияб пайда-хайир гьеч1олъиялъ, гочунел руго г1адамал шагьаралде. Гьединал ва гьел гурелги гьит1инаб росдае хасиятал г1узраби г1емерал руго нижер  администрациялда. Гьел т1убанго лъиг1изаризе к1веч1ониги, дагьг1аги гьаризе ниятгун босана дица бет1ералде г1езег1ан зах1матаб росдал  бегавуллъи.

Цойиде руссинч1ел, ункъиде рикьарал, хасго ц1ик1к1арасеб бут1а г1адамазул рик1к1адаб Бабаюрт районалда рук1иналъги зах1малъула х1алт1и гьабизе. Гьадингоги мукъсанаб росдал  бюджет бут1абазде бикьизе ккей гуребги  хъутан-утаралъул г1адамал ц1акъ рик1к1алъун руго районалдаса. Къвариг1елалъ маг1арухъе вач1ине ккей буго ц1ик1к1араб харжал рахъулеб иш. Ниж ц1акъ рохарал руго зама-заманалдасан бет1ералда главврач М. Мусаевгун врачазул бригада хъутаналъул г1адамазухъе хьвадулел рук1иналдаса.

Росдал администрациялъул бет1ер х1исабалда х1аракат бахъула 4 росдал г1адамазул къвариг1елал т1уразе, унтаби-г1узраби бигьа гьарулел дару-сабаб балагьизе, росулъан т1убалареб х1ажат районалъул администрациялъулги цогидал идарабазул кумекалдалъунги т1убазе.

Росдал администрациялъул бюджет буго мукъсанаб жо. Бугелдаса пайда босун нухал къач1ана, лъел мухъазе ремонт гьабуна, баня гьабуна, росабалъ чирахъал ран къасде къват1ахъ канлъи ч1езабуна. Щиб гьабулеб бугониги кумекалъе  ратула росдал г1олохъаби, депутатал, пенсионерал. Жигарал, жамаг1аталъе х1алт1изе х1адурал депутатал ккола С. Мух1амадов, М. Къурбанов, Г1абдулкъадиров, Х1. Х1амзат, Р. Сулейманова, Б. Жаватханов. Х1ажатабщиналъур кумекалъе ратулел росабазул г1адамазе «Росдал зах1матчи» газета гьоркьоб ккун, баркала загьир гьабизе бокьун буго дие.

Дица г1умру гьабулеб буго дирго жамаг1аталда цадахъ, гьезие ругел гурел т1ок1лъаби, санаг1алъаби гьеч1ого. Росдада лъала гьел санаг1алъаби г1уц1изе, ругел ресаздасан пайдаги босун, жамаг1аталъул х1ажалъаби т1уразе бажарарабщинаб дица гьабизе бук1ин. Гьелъ батила, ч1ах1иял т1адеросиялго гьарич1ого, дун росдал бет1ерлъун вищаравги.

Дица рак1-рак1алъ баркала кьола дида божилъи гьабун, дун к1иабилеб нухалъги росдал   бет1ерлъун вищарал росабазул г1адамазе.

Дида рак1алда буго гьаб  бегавуллъиялъул к1иабилеб болжалалда:

1. Жалакьури – Гьамишт1а лъел мухъ къач1азе ва цоги лъел г1аркьелалъ т1аде ц1ик1к1инаризеги.

2. Хъутаналдаги росулъги электротрансформаторал хисун лъезе.

3. Хъутаналда росу к1одолъулеб бук1ин х1исабалдеги босун, ц1ияб артезианалъе гъуй бахъизе.

4. Хъутаналда росдал клубалъе ремонт гьабизе яги гьеб спортзалалде сверизабизе.

5. Хъутаналда 4-5 км. манзилалда т1абиг1ияб газ бачине х1аракат бахъизе.

Гьел руго, х1укуматалъул кумек гьеч1ого, т1уразе к1оларел суалал. Хьул буго ц1и вищарав районалъул бет1ер С. Юсуповасда нижер зах1малъаби рич1ч1илин ва гьел лъуг1изаризе нижее кумек  гьабилилан.

«Амишщтинский» СПКялъул нуъмалъулев Г1абдусалам Мух1амадовасги бажарараб кумек гьабула росдае. Гьал маг1ишаталъе зах1матал соназги хур бекьизе ва цогидалъе техникаялъул рахъалъ бук1а, учузаб багьаялда харил рахъалъ бук1а г1адамазе  кумек гьабула. Хвалил рокъобе Г1абдусаламица мухь босич1ого  кьола 300 кг ц1айи бугеб х1айван. Къварилъи ккун кумек гьарун жиндихъе вач1арав Г1абдусаламица нахъч1ванилан абулеб дида раг1ич1о.

Росдае кумек щола ресалда ругел М. Г1алигъалбац1овасухъан, А. Исмаг1иловалъухъан, К. Х1адисовасухъан, М. Мух1амадовасухъан ва цогидазухъанги.

К1очон  толаро росабазул г1адамазе культурияб х1ухьбахъи г1уц1изе. Щибаб соналъ маялда росабазул г1олохъабазда гьоркьоб т1орит1ула волейболалъул ва  легкая атлетикаялъул  къецал.

Церехун рехсарал гьарурал тадбиразда цадахъ руго г1емерал гьарич1ого хут1аралги. Гьезде к1вар кьун х1алт1изе нигат буго дир бегавуллъиялъул к1иабилеб болжалалда.

Хъвана Г1иса Г1исаевас.

 

Просмотров: 505 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz