Араб анкьалда райадминистрациялда т1обит1ана ц1ибищараб
г1олилазул парламенталъул т1оцебесеб данделъи. Гьеб коллегиалияб совещательнияб
органалде х1ажалъи ккараблъун бихьизабуна республикаялъул т1алъиялъги, бак1азда
ругел администрациязги. Цебеккун парламенталъ гьабизе кколеб х1алт1ул х1акъалъулъ
г1уц1араб положениялда рекъон, г1олохъанал парламентариязул ихтияр буго
райсобраниялъул депутатазда цебе жидеего х1ажаталъул, росабалъ ругел г1унгут1абазул
х1акъалъулъ суалал лъезе, районалъул политикияб г1умруялда г1ахьаллъи гьабизе
ва жидерго гьаракь г1адамазда раг1изабизе.Гьедин т1оцебесеб данделъиялда районалъул г1олилазул
парламенталъул ва цадахъго г1олилазул комитеталъул председатель Шамай
Г1умаровалъ бич1ч1изабуна г1олохъанал депутатазда гьез жидерго пикру загьир
гьабиялъул бугеб к1варалъул, ах1ана гьел районалда лъугьунеб-толелъул ургъел
бугеллъун рук1ине.Ц1ияб парламенталъул депутаталги руц1ц1ун ч1еч1о жидерго
т1оцебесеб «сессиялда»: «Анжи» командаялъул машгьурав капитан Ибрагьим
Х1асанбеков рак1алде щвезавиялъе щибаб риидал т1обит1улеб бук1араб футбол
х1аялъул рахъалъ турнир ц1и гьабизе ккеялъул, Г1урк1ач1и росулъ ясли-ах х1ажат
бук1иналъул, росабалъ г1олилазул х1алт1и гьеч1олъиялъул ва цойгидал ц1ик1к1араб
к1варалъул суалал рорхана г1олилаз жидерго данделъиялда. Бихьизабизе ккола,
райсобраниялъул депутатаздаса г1олилазул парламенталъулазул рач1ин лъик1аб
бук1анилан. Гьедин 29 сиях1алда вугев депутатасул данделъиялда г1ахьаллъана 25-яв.
Гъоркьехун бахъулеб буго районалъул г1олилазул парламенталде щибаб росулъан
пагьму-гьунар, бажари бугел г1олохъабазда гьоркьоса рихьизарурал депутатазул
сиях1ги. автор.Пат1имат Мух1амадова. апрель 2011год.
|