Районалъулги республикаялъулги бук1инесеб нужеда бараб буго
Гьаб соналъул 11 апрелалда Мах1ачхъалаялда республикаялъул «Дом дружбы» к1алг1аялда т1обит1ана Хунзахъ районалъул г1олилазул ва интеллигенциялъул вакилзабазул к1иабилеб форум. Нилъер г1емерал ракьцоязул, хасго районалъул нухмалъулезул х1аракаталдалъун гьеб форум лъугьана лъик1аб пайдаяб г1адатлъун. Бихьизабизе ккола исана С. Юсуповасул жигарчиялдалъун т1обит1араб гьеб т1адег1анаб даражаялда араблъи. Гьединал тадбираз г1олилал гьет1изарула лъик1аб ц1алиялде ва жамг1ияб х1аракаталде.
Форумалъул аслияб масъалалъун бук1ана г1елму-лъаялдехун гьет1и бугел х1аракатал г1олилазда кверч1вай, жакъасеб г1умруялда г1елму-лъаялда цере ч1арал аслиял масъалаби, т1алабал т1уразаризе г1олилал гъорлъе ц1ай, г1елмуялда т1адч1арал районцоязул республикаялдаго бажариги лъайги бугел т1атинари. Форум т1обит1араз (хасго Хунзахъ районалъул администрациялъ) жидедаго цебе лъун буго цоги гьадинаб масъалаги: школа лъуг1арал ва жидерго рек1ее бокьараб махщелги т1аса бищун, т1адег1анал заведениязда ц1алулел ругел г1олилазул хадусеб цебет1еялъе киналго рахъазулаб кумек бук1инаби. «Дом дружбы» к1алг1аялъул фоеялда т1обит1ана гьоц1дерил махщелчаг1азул г1арцул т1аг1алабазул ва нилъер ракьцояв Шотот1аса Дагъистаналъул мустах1икъав художник Мух1амадов Г1амирханил суратазул выставка. Гьенирго лъун рук1ана нилъер умумуз х1алт1изарулел рук1арал нек1сиял т1аг1алаби ва бат1и-бат1иял миллиял квенал, рес бук1ана бокьарав чияс гьелъул т1аг1ам босизеги.
Форум байбихьана Хунзахъ районалъул х1акъалъулъ бахъараб кинофильм бихьизабиялдасан. Хунзахъ районалъул нухмалъулел ва т1аде ах1арал х1урматиял гьалбал, гьезда гъорлъ рук1ана араб г1асруялъул к1икъоабилел соназдаса байбихьун районалъе нухмалъи гьабулел рук1арал районцоял, Дагъистаналъул х1укуматалъул бут1рул, РДялъул парламенталъул членал, хъвадарухъабазул журналистазул союзазул вакилзаби районазул администрациязул бут1рул, ВУЗазул ва СУЗазул студентал, аспирантал.
Форум бачана Дагъистаналъул лъай кьеялъул г1елмуялъул ва г1олилазул политикаялъул министрасул заместитель Заур Къурбановас. Гьес г1олилал ах1ана щивас жив г1ураб ракь, г1агараб республика жидедаго бажарарабщинаб гьабизе ккеялде. «Нек1о заманалдаса нахъего буго Хунзахъ район ц1ар раг1арал г1адамазул ват1анлъун.
Хунздерица жалго рихьизаруна г1елмуялъулъги, адабияталъулъги, маданияталъулъги, спорталъулъги. Г1олилазда т1адаб буго цересел умумузул ирс ц1унизе, районалъе гвангъараб бук1инесеб ч1езабизе».
Г1олилазде хит1аб гьабун к1алъазе вахъана Хунзахъ райадминистрациялъул бет1ер Юсупов Саг1идги. Гьес жиндирго к1алъаялда бихьизабуна г1олилаб миллияб нахърателлъун кколила, гьезда к1олила пачалихъалъулаб ва жамг1иябгун маданияталъулаб г1умруялда жидерго къуват лъезе, улкаялъул, Дагъистаналъул ва районалъул бук1инесеб бараб бугин г1олилазда-ян абуна гьес.
-Жакъасеб къоялъул, цевет1урав инсанлъун вук1ине ккани, гьабсаг1атго, цо къо г1адада биччач1ого, г1олилас живго х1адур гьавизе ккола живго жиндаго ч1араб, ц1ияб ургъулев, ц1ияб жоялда т1ад х1алт1улев чилъун вук1ине-ян бихьизабуна Юсуповас.
Форумалъул г1ахьалчаг1азде ДРялъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповасул хит1абалъулаб кагъат ц1алана Дагъистаналъул муг1рузул районазул горный территориалияб округалъул полпред Ибрагьим Ибрагьимовас.
К1алъазе рахъарал: ДРялъул парламенталъул вице-спикер Сайгидах1мад Ах1мадовас, республикаялъул х1укуматалъул председатель т1оцевесев заместитель Анатолий Карибовас, ДРялъул жамг1ияб палатаялъул председатель Х1амзат Х1амзатовас, Социалистияб зах1маталъул Бах1арчи Мух1амад Махуловас, Дагъистаналъул аграрияб университеталъул ректор Зайдин Джанбулатовас, отставкаялда вугев генерал-майор ТОКСалъул нухмалъулев Г1умар Муртазаг1алиевас жидерго к1алъаязда к1вар буссинабуна улкаялъул бук1инесеб бараб бугила г1олеб г1елалъул лъаялда ва бажариялда, ах1ана г1олилал рак1бац1ц1адго ц1ализе, х1алт1изе, ват1ан цебет1езабиялъе х1аракат бахъизе. Улкаялъул бук1инеселде г1олилазул бугеб бербалагьиялда бараб бук1ине бугила хадубккунисеб нилъер къисмат абулеб бук1ана т1аде рач1арал гьалбадерица.
Студентазул ц1аралдасан к1алъазе яхъана Дагъистаналъул медакадемиялъул студентка, ц1алул отличница Набиева Пат1имат.
Гьелъ студентазул рахъалдасан баркала кьуна районалъул ва республикаялъул нухмалъулезе жидер гьабулеб бугеб т1алабалъухъ ва рак1 ч1езабуна хунздерил г1олилаз лъик1аб къаг1идаялъ ц1унизе ругила нилъер цересел г1елазул лъик1ал г1адамазул ишал ва ирсалъе мустах1икъаллъун рук1инила. Данделъиялъул ахиралда Хунзахъ районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас ва х1урматиял гьалбадерица 38 ц1алул отличникасе ва 9 лъик1ав спортсменасе кьуна къиматал сайгъатал ва дипломал. Баг1араб дипломалда т1адег1анал ц1алул заведениял лъуг1арас анц1ила щугоясе кьуна «Apple» планшетал.
WMMAA версиялъул 2014 соналъ дунялалъулго чемпион вахъарав Ц1адаса Саг1ид Нурмух1амадовасе районалъул бет1ерас «Сумма» Компаниялъул рахъалдасан сайгъат гьабуна «Лада-Гранта» автомобиль.
Форумалъул ахиралда Саг1ид Юсуповас г1олилазде аманат гьабуна районалъул бук1инесеб гьезда бараб бугилан ва ах1ана г1асрабаз ц1ар раг1арал г1адамазул мустах1икъал ирсилаллъун ва лъик1алщинал умумузул г1адатал цере рачунеб г1еллъун рук1ине:
-Лъе нужедаго цере к1вар бугел масъалаби, нужеда гьел т1уразе к1везе руго! Амма щибаб къойил нуж нужедаго т1ад к1вар кьун х1алт1изе кколеблъи к1очонге.
Районалъул бет1ерас бихьизабуна гьадинал дандч1ваял рук1ине ругила санайил, гьединлъидал гьес г1олилал ах1ана лъик1 ц1ализе ва жидерго махщел камиллъизабиялда т1ад х1алт1изе.
Данделъиялъул ахиралда Дагъистаналъул машгьурал коч1охъабаз бихьизабуна г1ат1идаб концерт, хасаб программагун цеве вахъана Гиннессил т1ехьалъул рекордсмен Г1умар Х1анапиевги.
Атикат Мух1амадова.
|