13 июлалда нилъер районалда к1одо гьабуна нахъбахъун тун бук1араб г1олилазул къо. Гьелда хурхун районалда т1обит1ана чанго бут1аялдасан г1уц1араб рохалилаб тадбир.
Гьеб г1уц1ун бук1ана райадминистрациялъул г1олилазул ишазул отделалъул х1аракаталдалъун. Тадбир г1уц1араз х1исабалде росун рук1ана лъималазул ва г1олилазул киналго мурадал. Гьедин тадбиралъул программа байбихьана радал лъималазе мультфильм бихьизабиялдасан, къалъуда бихьизабуна кино, 15-ялдаса т1аде сонал арал г1олилазда гьоркьоб Хунзахъа Ц1ада росулъе щвезег1ан т1обит1ана велопробег. Гьениб т1оцебесеб бак1 ккуна Хунзахъа Къадиев Юсупица. Киназего к1удияб интерес ккана т1адег1анаб даражаялда г1уц1ун бук1араб квесталъул. Программаялда рекъон районалъул г1олилалгун лъималазе мастер-класс бихьизабуна машгьурал спортсменазги. Гьезда гъорлъ рук1ана Олимпиялъул чемпион Мансур Г1исаев, эркенаб рахъалъ к1иц1ул Европаялъул чемпион Г1абдусалам Х1адисов, журарал единоборствазул рагъухъан Мух1амад Маликов, т1адагьаб ц1айиялда WFCA лигаялъул чемпион, нилъер ракьцояв Саг1ид Нурмух1амадов ва цогидалги. Хадуб райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана меседил медалазда школа лъуг1арал выпускниказулгун ва баг1араб диплом щварал студентазулгун муниципалитеталъул бет1ерасул дандч1вай.
Гьелдаса хадуб Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб Культураялъул к1алг1аялда цебе байбихьана байрам к1одо гьабизе. Г1олилазда гьезул байрам баркун к1алъаял гьаруна Саг1ид Юсуповас, т1аде рач1арал гьалбадерица, гьезул заместителаз, Хунзахъ росдал бегавул Хизри Т1алх1атовас ва цогидазги. Медалистал к1одо гьаруна грамотабаздалъун. Гьелдаса хадуб байбихьана байрамалъулаб бут1а. Г1олилазе куч1дул ах1ана Дагъистаналъул эстрадаялъул машгьурал артистал Зайнаб Махаевалъ, Расул Г1умаровас, Нурианна Каллаевалъ ва цогидазги. Сордо нахъалъизег1ан халатбахъана г1олилазул ихтилат-кеп.
- районалъул бет1ерас баркала кьуна тадбир г1уц1аразеги гьелда г1ахьаллъаразеги. Тадбир лъуг1ана байрамалъулаб салюталдалъун.
|