Понедельник, 20.05.2024, 05:11 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Июнь » 18 » Г1АДАМАЗУЛ БАРКАЛАГ1АН Т1АДЕГ1АНАБ ШАПАКЪАТ ДИЕ ГЬЕЧ1О.
00:07
Г1АДАМАЗУЛ БАРКАЛАГ1АН Т1АДЕГ1АНАБ ШАПАКЪАТ ДИЕ ГЬЕЧ1О.

Г1оч1лоса Халилбегов Мух1амадбегие сайгъат гьабураб т1ехьалда Дагъистаналъул т1оцевесев Президент  Т1анусиса Мух1у Г1алиевас хъван буго: «Магомедбеку Заирбековичу с самыми добрыми пожеланиями и благодарностью за добро, которое вы несете людям»,-абун.

Щивха кколев Дагъистаналъул Президентасул баркалаялъеги мустах1икълъарав, гьес т1ахьалги сайигъат гьарулев Мух1амадбек? Халкъалъе щиб лъик1лъи гьабун баркалабиги сайигъаталги Дагъистаналъул бет1ерас г1адатав г1оч1лосесе кьолел ругел?

Цоги т1анусисес, Г1абдухаликъил Мух1амадица, гьевго Мух1амадбегихъе бит1араб телеграммаялда буго: «Хирург, акушер, стоматолог, народный лекарь, поздравляю Вас с присвоением звания «Заслуженный работник здравоохранения республики Дагестан»,-абун. Гьанже х1урматиял газета ц1алулел, нуж хадур гъун ратила Мух1амадбег  г1адамазул сахлъи ц1униялда хурхараб х1алт1уда вугев чи вук1иналда. Заслуженныял рук1аниги сахлъи ц1униялъул х1алт1ухъабазул киналго гурелъул Президентасул автографалгун т1ахьазул бет1ергьабилъун рук1унел. Президентг1ан  борхатаб хъулухъалъул х1акимасул сайигъатазеги баркалабазеги х1урматиял ц1аразеги Мух1амадбег кин мустах1икълъаравали бицине бокьун, босана дица жакъа къалам-кагъат кодобе.

Харахьи школа лъуг1арав Мух1амадбег 1957 соналъ ц1ализе лъугьун вуго Буйнакскиялъул медучилищеялде. 1959 соналъ Мух1амадбег г1агараб росдал медпункталъул заведующийлъун т1амула ва 52 соналъ т1убазабула гьеб хъулухъ. Жакъа Мух1амадбег гьебго пункталда медбратлъун х1алт1улев вуго. Гьанже 3 чияс гьабулеб х1алт1и т1убазабун бук1ана Мух1амадбегица 13 соналъ.

Х1алт1ул г1емерлъи-дагьлъиги ц1ехолев, х1алт1ул къойил нормабиги къвариг1арав чияс тохтурлъиялъул х1алт1уде гъоркье бет1ер бегьизе бегьуларила. Г1адамал заман ц1ехон, графикалда рекъон гурелъул унтулел. Сордо-къоялъул бокьараб заманаялъ унтаразе кумек гьабизе вач1ине жинда зах1малъич1ила. Бищун г1адамасе хирияб сахлъиги г1умруги ц1униялъе бажарулебги бажариларин ккарабги гьабизе къасдгунлъидал дица гьаб х1алт1уде гъоркье бет1ер бегьараб. «Тохтурлъиялъул махщел т1аса бищизе дие г1акълу кьурав к1удияв инсулги гьединаб васият бук1ана дие. Хасго живго вижараб, г1ураб росдал г1адамазда цебе жавабчилъи к1удияб бук1инарищ».

Бищун зах1матаб, рак1 унтараб жо бук1анила росулъа машина хьвадулеб нух бук1инч1ого, унтарав заманалда больницаялде щвезавизе рес бук1инч1олъи. Г1олохъабаз ваччун 6-7 км. манзилалъ аск1об бугеб машина бач1унеб росулъе щвезавулаан. Хасалойин абуни, къваридаб г1азул нухдасан чангъазда, гъоркье инч1ого бук1ине кваралги ран, ваччулаан. Заманалда врачасул кумекги щвеч1ого, г1азабалда ругел унтаразда рак1 унти бук1ана дие зах1малъи. Гьелъ батизе бегьула фельдшерас гуреб врачаз гьаризе кколел жал гьаризеги дун лъугьарав.

Цох1о росдал г1адамазе хъулухъ гьабиялдалъун лъуг1ич1о Мух1амадбегил х1алт1и. Риида Г1арахъмаг1арде г1и-боц1и бач1унел Унсоколо, Гумбет, Хунзахъ районалъул г1и-боц1ул т1алаб-агъазалда ругел 8 росдал г1адамазеги хъулухъ гьабуна, жакъаги гьабула Мух1амадбегица. Г1арахъмег1ералъул хьолбохъ бук1иналъ унта-щокълъараз, лъукъел-къот1ел ккараз жакъаги ах1и Мух1амадбегиде Г1оч1лобе балеб буго. Гьединаб ах1ухъе г1ухьбухъе кумекалъе маг1арде г1емер вахине кканила жив. Рак1алде щолила кьурса гъоркьеги вортун гъура-чункун, лъай-г1акълуялда гьеч1ев Гумбет районалъул вехьасе бажарарабниги кумек гьабизе вехьасда хьолбохъ хъошниб бараб сордо. Чода рек1инавун тохтурасухъе вачине бегьулеб х1ал лъугьинег1ан, дару-сабаб гьабизе, унтарав Коло-Хьиндахъ колхозалъул завфермаясухъе чанго къоялъ хьвадизе ккана. Чодаса гъоркье вортун, лъик1аланго гьод тункарав, килищ багъаризе к1оларого ц1анвит1ун лъун вугев Г1ебут1аса вехьасе кумек гьабизе хьвадизеги ккун вуго Г1оч1лоса «хирург-травматолог». Гьединал лъугьа-бахъинал г1емерал руго Мух1амадбегил практикаялда. Маг1арда г1ухьбузе кумек гьабизе кколеб бук1анила санаг1алъиги шарт1алги гьеч1еб ах1вал-х1алалда канлъукъабго чирхъил канлъухъе. Хъощил мокърукь рохода бухьун дарудул шишагун биччазе кколеб бук1ана дару (капельница). Маг1арухъ щайт1ан чирхъил мукъсанаб канлъухъе хъощнив унтаразе дару-сабаб гьабулев вугев Мух1амадбег релълъун вихьана рохьор гьединалго хъошазухъ лъукъарал партизаназе рагъул заманаялъ операциял гьарулел тохтурзабазда.

Г1илла гьеч1ого гуро Т1анусиса Г1абдухаликъил Мух1амадица Мух1амадбегида хирурган гуребги акушеранги абураб. «Дол советиял соназ г1емерал росабалъ рагьун рук1ана колхозиял лъимал гьарулел рукъзал. Киналго харжал гьарулаан колхозалъ. Цох1о акушерасе г1арац х1укуматалъ кьолаан. Акушерлъи гьабизе т1аде ккана дит1е. Харж-мухь дие гьелъухъ бук1инч1о, росабалъ ругел цогидал пункталъул х1алт1ухъабазги гьабулеб бук1ана колхозиял лъимал гьарулел рукъзабахъ акушерлъиги. Гьайгьай, киг1анго дие зах1матги бук1аниги намуслъулевги вук1аниги, гьеб х1алт1и т1убазабич1ого бегьулеб бук1инч1о. Ц1акъго зах1матаб ах1вал-х1алалде ккаразе кумек гьабизе. Чодаги лъелгоги Г1оч1лоре рач1унаан Саху, Сидрат, Пайзудин, М. Качалов, Гьит1инамух1амад. Баркалагун ва ц1ик1к1араб адаб-х1урматгун рехсола гьезул ц1арал доб заманалъул г1адамаз, цох1о г1еч1ендерица гуребги. Аллагьас Алжан кьун рохизарун ратаги гьел.

1982 соналъ лъаг1елг1ан заманаялъ Гьарадерихъ х1алт1изе кканила. Цоцазда гьоркьоб 2-3 км манзил бугеб росдал г1адамазе хъулухъ гьабулеб бук1анила жинца. Рак1бац1ц1адаб х1алт1удалъун къокъидго лъабабго росдал г1адамазул адаб-х1урматалъе мустах1икълъула Мух1амадбег. Хасго гьесул ц1ар машгьурлъана цо гьадинаб лъугьа-бахъиналдаса хадуб: «Цо сордоялъ пункталъул санитаркаялъ ах1и бан, кьижаралъуса т1аде вахъинавуна, цо ч1ужу ц1акъ зах1матго унтун йигилан. Гьей ятана, лъимер гьабизе йик1ун, дица больницаялде йит1ун йик1ун, щаялиго нахъе яч1арай ва рокъоб лъимер гьабурай г1адан. Дида бич1ч1ана унтаралъул г1емераб би чвахун бук1ин. Сундухъго балагьич1ого чорхолъе чвахизабун (струйно) биччана заманаялъениги би хисулеб дару. Егизаюна гьединаб х1алалда ругел регизарулеб хасаб къаг1идаялъ. Доб колхозалъул лъимал гьарулеб рокъов х1алт1улагоги к1иго лъимер гьабуралъеги гьабун гьит1инабгониги х1албихьи бук1ана дир. Х1инкъи бук1ана унтаралъ бихьинчияс квербагъари гьабизе теларин абураб. Я гьей маг1арулалъе, я дие расги бигьаяб иш гуро гьеб бук1араб. Талих1алъ, унтаралда бич1ч1ана жиндирго бугеб зах1матаб, х1инкъараб х1ал,- ян абуна дица врачалда.

Ц1ик1к1араб к1варалъул иш пункталъул х1алт1ухъабазе бук1ине кколила унта-щокълъиялдаса лъимал ц1уни. Графикалда рекъон прививкабиги цогидал профилактикиял тадбирал гьари гуребги, эбел-инсуда гьоркьобги гьабизе кколила лъималазе квен-т1ехалъулги цогидал шарт1азулги нагагьал балагьал лъугьа-бахъиназдаса лъималазул сахлъиги г1умруги ц1унизе ккеялъул х1акъалъулъги гара-ч1вариялги цогидал тадбиралги. Гьеб рахъалъ росабалъ ясли-ахазулги к1вар ц1акъ к1удияб буго.

1987 соналъ республикаялъул тахшагьаралда т1обит1араб партийниябгун-советиял ва медицинаялъул нухмалъулезул данделъиялда г1ахьаллъана М. Халилбегов. Гьоркьоб лъун данд балеб бук1ана СССРалъул сахлъи ц1униялъул х1акъалъулъ бугеб законалъул проект. Мух1амадбегие рес щвана данделъиялда к1алъазе. Мух1амадбегица данделъиялда рорхана сахлъи ц1униялда ругел унтарал суалал. Гьезда гьоркьоб бук1ана школалде рачинч1ел лъималазе лъайгун тарбияги кьолеб сахлъиялда хадуб хъаравуллъиги кколеб идара- ясли-садал росабалъ чара гьеч1ого х1ажат рук1иналъул суал. Г1енеккараз Мух1амадбегил к1алъаялъул рахъ ккуна.

«Гьеб данделъиялде щвелалде лъилго бербалагьи гьеч1ого хут1араб 2 лъимер хун бук1ана, 4 отравить гьабураб лъимер, заманалда кумекги щун, хвасар гьабизе к1вана». Гьелъ Мух1амадбегица бег1ер гьабун цебе лъуна ясли-ахазул суал.

Г1оч1ло ФАПалъул рес буго унтаразе т1оцебесеб кумек заманалда гьабизе. Гьелъие пункталда рук1уна х1ажатал дараби ва инструментал. Лъаг1алие гьабураб план-график ц1унун, лъималазе ва ч1ах1иязе гьарула профилактикиял прививкаби. Грипп ва ОРЗ гуреб 30-40 сон буго росулъ цогидал рахунел унтаби ккеч1ого.

Ругъун букъи (наложение швов), хьордорал бак1ал рагьи г1адал г1иси-бикъинал хирургиялъул х1алт1аби, 1,5-2 саг1атги нухда бан районалде врачасухъе рит1ич1ого, росулъго сах гьарула. Г1оч1лоса ва сверухъ ругел росабалъа лъималазе сунат гьабиги гьенибго т1убала. Ц1унараб къач1ан бажарулареб ца-г1ус бахъизеги г1адамалги врачасухъе рит1уларо. К1удиябго гьеч1ониги халкъиял дараби х1алт1изариялъулги х1албихьи буго. Пайда босизе бокьарасда гьеб малъич1ого я к1ух1аллъун, я барахщун толаро Мух1амадбегица. Дир унтиялъе данде кколеб хер бухьа-къан Буц1рабецин, дун хадув лъугьине теч1ого, бит1ун бач1ана гьев сахаватаб рак1алъул чияс. Цо къокъабго гуреб дандеч1вай, лъай-хъвай бук1инч1ониги.

Дида лъала диего г1адин даруял хурдул рит1ун гуреб телефоналдасан малъа-хъваял гьарунги, унтаразул гьари Мух1амадбегица т1убазабулеблъи. Мухь-харж гьеч1еб жамг1ияб х1алт1ул (общественный х1алт1иян абулаан цебе гьелда) жигарав цевехъан вук1ана рах1ат гьеч1еб рак1алъул х1аракатаб, жигараб хасияталъул Мух1амадбег. Чанго соналъ т1ат1алаго М. Халилбегов вищана колхозалъул комсомольцаз жидерго цевехъанлъун. Комсомольцазулгун г1олилазул к1иго МТФеги 1 ОТФеги х1алт1улеб бук1ана колхозалда. «Нижер х1аракаталъул х1акъалъулъ чанго материал бач1ана «Комсомолец Дагестана» газеталда. Г1оч1ло росдал комсомольцазул ва г1олилазул х1алт1и бажарун г1уц1арав М. Халилбегов мустах1икълъана ВЛКСМалъул ЦКаялъул Грамотаялъе. Гьеб бук1ана г1езег1ан къадруяб шапакъат. Чанго соналъ М. Халилбеговас росдал советалъул председателасулги, байбихьул парт организациялъул секретарасулги заместительлъи гьабуна. Гьайгьай гьеб бук1ана мухь-харж гьеч1еб х1алт1и.

Зах1матал шарт1азда г1умру гьабулеб бук1иналъ ва цогидал г1иллаби рук1унги унтарал г1адамазул къадар ц1ик1к1араб бугила Г1оч1лоб. Хасго г1емерал ругила рек1елгун бидурихьазул, бидул т1адецуй бугел, зобалалъ унтарал. Бищунго рах1ат хвезабураб суал бугила лъималазда гьоркьоб унтарал г1емер рук1ин. Нусго лъимералъул 1 лъимер батана сахаб, унти гьеч1еб. 10 лъимер инвалид буго Г1оч1лоб. Ч1ах1иял инвалидазул къадар 36 чиясде бахуна.

Гьанже унтарал больницаялде щвезариялъул зах1малъаби рук1унаро. Рес буго росдал г1адамазул машинабазда унтарал больницаялде рачине.

Г1адатав чиясул х1алт1улъ жигар бихьулаан къимат гьабулаан, СССРалъул заманалда Бихьич1ого хут1ич1о М. Халилбеговасул х1аракатги. Гьев ккола «Заслуженный работник, здравоохранения Республики Дагестан» ц1аралъул бет1ергьан, Фельдшер высшей категории. Совет х1укуматалъул соназ гьесие кьуна «За доблестный труд», «За трудовое отличие» ва В. И. Ленин гьавуралдаса 100 сон т1убаялде юбилеялъул медаль. М. Халилбегов ккола «Зах1маталъул ветеранги». Г1оч1лоб ФАП чанго соналъ босун бук1ана районалъул «Доска почеталде». Руго Мух1амадбегил КПССалъул райкомалъул ва райсоветалъул исполкомалъул х1урматалъул грамотабиги. Х1асил х1алт1ул заманаялъ шапакъаталги баркалабиги гьеч1ого хут1ич1о Мух1амадбег.

Гьабураб х1алт1и бихьизе бокьуларевги шапакъатаздаса инкар гьабулевги чи вук1унарила. Амма жиндие бищун к1удияб шапакъатги рохелги бугила дару гьабуразул жиндаса разилъи, гьезул баркала. Цо хвел ккун зигараялъе Г1оч1лоре рач1аразул к1игояс аск1ореги рач1ун, дие баркалаги кьуна. Гьезул цоясул, Т1анусиса Мух1амадг1алил, тохлъукье г1ощт1оца къот1ун хъалада бан хут1араб килищ, букъун сах гьабун бук1ана дица. Гьединго чангъида гъоркье ккун, чух1-чух1араб килщалги рукъа-къот1ун рук1ана дица. Гьеб к1оченч1ого дие гьез кьураб баркала дий бищунго т1адег1анаб шапакъат буго.

Г1. Г1исаев.

           










 

Просмотров: 608 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz