Нилъеца г1умру гьабун буго 21 г1асруялда. Къо бахъанаг1ан цебе т1олеб буго г1адамазул рук1а-рахъин, ургъулел руго ц1и-ц1иял инсанасул г1умру бигьалъиялъе квербакъулел квег1енлъаби. Амма гьелдаго цадахъ къойидаса къойиде ц1ик1к1унеб буго инсанас т1абиг1аталъе гьабулеб зарал. Бат1алъи гьеч1ого къот1улел руго гъут1би, цебе ккаралъубе балеб буго кьишни-къул, гьелъулго ц1ун руго океанал, х1орал ва г1орал, фабрик-заводаз къват1ире риччалел заралиял хут1елаз чорок гьабулеб буго нилъеца ц1алеб гьава. Гьеб рахъалъ расги лъик1аб х1ал гьеч1о нилъер улкаялдаги. Гьебги х1исабалде босун улкаялъул президентасул указалдалъун исанасеб сон лъазабун буго экологияблъун. Районалда гьеб сон рагьиялъул тадбир т1обит1ана 21 февралалда Хунзахъ. Данделъи рагьулаго к1алъазе вахъарав районалъул нухмалъулев Саг1ид Юсуповас бицана жакъа районалда т1абиг1ат ц1униялде кьолеб бугеб к1варалъул, зама-заманалдасан гьарулел субботниказул, т1орит1улел акциязул, ч1олел гъут1бузул ва цогидалги гьеб суалалда хурхун гьарулел ва жеги гьаризе рак1алда ругел х1алт1абазул. Районцоял ах1ана кьишни-къул къват1ибе бач1ого жидерго росу-ракь бац1ц1адго ц1унизе. Сайгъатал кьун к1одо гьаруна бат1и-бат1иял экологиялъулал тадбиразда жигараб г1ахьаллъи гьабулел школазул директорзаби ва цогидалги.
Цадахъго рагьана исана районалда Фазу Г1алиевалъулаблъун лъазабун бугеб сонги.
Саг1ид Камильевичас бицана Фазу Х1амзатовнаялъ нилъее нахъе тараб к1удияб рух1ияб бечелъиялъул ва гьелдасан пайда босизе ккеялъул. Районалъул лъай кьеялъул т1олалго г1уц1абазда халкъияй шаг1иралъул творчество лъазабиялде, гьеб машгьур гьабиялде буссараб х1алт1и г1уц1изе ах1ана районалъул нухмалъулес киналго. Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъабаз бихьизабуна гьелъул асараздасан г1уц1араб бечедаб композиция. Балагьаразе рек1ее г1уна «Малыш» ясли-ахалъул гьит1ичазул к1арчамал кьурдабиги, «Г1акаро» ансамблялъул цебебахъинги.
И. Мух1амадов
|