Пятница, 26.04.2024, 07:31 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Ноябрь » 19 » ЭРКЕНЛЪИ ЩВЕЧ1О.
17:18
ЭРКЕНЛЪИ ЩВЕЧ1О.

Дун ккола 80 сон барай, т1адег1анаб лъай бугей, 45 соналъ муг1алимлъи гьабурай ветеран труда. Дун байбихьул классазда ц1алулеб заман бук1ана эменги армиялде араб, зах1матаб заман, 7 классги лъуг1ун ц1алана хъаладухъ ясазе рагьараб интернаталда. Рагъдаса хадусеб зах1матаб заман бук1аниги нижее ч1обого квен, рет1ел, ц1алул къайи ч1езабун бук1ана, цо копекцин эбел-инсуда кьеянги абич1ого. Гьединал интернатал Дагъистаналда г1езег1ан рук1ана, цогидал бак1аздаги рук1ун ратила. Дагъистаналде рагъ г1агарлъараб заманалъги ц1ализе ц1алдохъан вач1инч1они г1ак1а бахъулаан. Гьедин ц1алут1е ва х1алт1уде к1вар кьолеб заман бук1ана советияб заман. 10 класс лъуг1ун хадуб дун ц1алана Буйнакскиялда учительзаби х1адурулеб 2 сонил курсазда. Гьениб дие кьолаан 18 гъурущ. Гьеб дие г1ун бук1ана квен-т1ехалъеги саг1ат, (кверда балеб) пальто босегицин. Гьанже ясалъул вас вуго коледжалда ц1алулев. Лъик1 ц1алани 500 гъурущ стипендия кьолеб буго. Гьелъухъ щиб щолеб 17-18 сон балев г1олохъанчиясе? Лъималазе кьолеб 112 гъурущ, гьеб щиб жо? Кин нечоларел депутатал 400 азарго г1анасебги харж моц1рое босизе, гьадиг1ан мискинлъун бугеб улкаялда. Цебе бач1ин бак1арулеб заманаялъ сверухъ ругел лъараг1азул росабалъе ц1оросаролъ бак1аризе рачунаан ниж. Бук1араб аваданаб, рохун х1алт1улеб заман. Х1укуматалъул хиси ккарабго бокьараб абизе, гьабизе бегьулеллъун лъугьана лъималги, умумулги, ц1алиги кин гьабуниги бегьулеблъун лъугьана. Дун пенсиялде ун хадуй г1емер мехалъ х1алт1ич1о. Советияб заманалда бахъараб пенсияги къимат бугеб г1арац бук1индал, дагьабин кколароан. Доб заманаялъ ц1акъ бечедалги, ц1акъго мискиналги г1адамал рук1инч1олъиялъ бахиллъи, хъант1и бук1инч1о. Улкаялда хиси ккун хадуб ракь, рукъзал, маг1ишат сабаблъун цо-цоял цоцазе тушманлъана. Цебе гъункун х1алт1илел, цоцалъ рекъон рук1арал г1адамазул гьудуллъи, вацлъи, цоцазе кумек гьаби, гурх1ел лъуг1ана. Г1адамал лъугьана щиб х1алихьалъи, х1арамлъи гьабунги г1арац балагьизе.

Улкаялда босизе бажарулел щиназ рищват босизе байбихьана, даранчаг1и тана бокьухъе багьабиги лъун ричаризе. Цох1о росулъ ругел тукабаздацин цого жоялъул багьаби бат1и-бат1иял рук1уна. Доб гьалмагъ Сталинин Сталинидаги, гьалмагъин бачавехьасдаги абулеб заманги ун, госпадин, госпажа х1укуматалда жаниб лъугьиндал, бич1ч1ана мискин халкъалда жалго кире щваралали. Советияб заманалда зах1маталъул ветеран, муг1алим х1исабалда токалъул, т1урччи-ц1улалъул дие рук1ана бигьалъаби. Токалъухъ г1арац босизе вач1арас дие бугеб бигьалъиялъухъ т1асаги бахъун хут1аралъухъ г1арацги босун унаан. Гьанже гьеб токалда сверухъ г1емерал бат1и-бат1иял жал гьаруна, т1убан г1арацги босун абуна квитанция собесалде щвезарейилан нужее г1арац нахъ буссине бугин. Хадубги квитанциял къабул гьарич1о, т1ок1алъ росуларин. Дие гьеб г1арацги щвеч1о. Т1урччиялъе талонал росизе т1амуна. Талоналда хъван бук1ана дие т1урччи щвезабунин, шоферасул бухгалтерасул ц1арги хъван. Дица 2 соналъ талонал росана цо-цоялъухъ 1500 гъурущги кьун 8 талон. Т1урччи Буйнакскиялда хасел т1аде щвезег1ан бегун бук1ана. Х1укуматалъул багьаялда щвезе кколеб т1урччи босизе ккана хайиралъе бичулел шоферзабахъа хираго. Дир хвана 12 азарго гъурущ талоназухъ. Гьанже моц1ие 1000 гъурущ кьолеб раг1ула. Сентябралдаса маялде щвезег1анги печал ракулеб заман бук1уна маг1арухъ гьеб г1арцуде щиб щвелеб? Дир буго (полиартрит) унти. Цебе дун учузго путевкаги кьун Талгиялде йит1ун йик1ана х1алт1улеб бак1алдасан. Гьениб абун бук1ана цоги нухалъ яч1ине ккелин. Х1укуматги хисана, путевкаги, ц1ехедал дида босизе к1олеб багьаялде батич1о. Дица кидаго росизе кколел давлениялъул дарабиги руго, элги хиралъун гурони учузлъуларо. Цебе кире ине кканиги нухт1а унеб г1арац дагьаб бук1ана. Бах1араб мехалъ Бакьагьеч1иса Хъаладухъе г1одосан унаан. Ч1ового чи вачине, ч1езабизе шоферзабазе бокьуларелъул таксиял рук1ин лъик1 буго, амма т1оцебе 50 гъурущ бук1ана, хадуб нусго гьабуна, учузаб жо нилъер гьанже гьеч1о.

Дир руго 4 лъимал эзулги буго 9 лъимер. Гьел ц1ализарулаго г1арацги хвана, т1уразеги ккана, ц1алун щварал дипломалги г1одорлъун руго, х1алт1изе бак1ал гьеч1ого. Гьел руго щвараб х1алт1иги гьабун, жакъа цоясда цере метер, цогиясул бак1алда х1алт1илел, ургъел бук1уна херлъизег1ан хут1ани азие пенсия сундасандай щвелаян. Цонигиял росулъ гьеч1о. Дирго гьит1инав вас вук1ана хъизангун росулъ. Гьевги Россиялде валагьун ана, ч1ужуги Мах1ачхъалаялде яхъана лъимал ц1ализаризе ва х1алт1изе, къват1ире ккеялъ ригьнал къват1исан ккана. Дир хъизан щущана. Гьанже х1исаб гьабеха щиб эркенлъи дие щварабали?

Бач1унеб пенсия дий г1елаан, амма эб г1емер бак1алда х1алт1изабизе ккана. Дунго юкъизе кассаялда лъураб г1арацги жеги нахъе щвеч1о. Бечедал лъималги дир гьеч1о. Дун йиго Аллагьас цодагьаб заман кьегийин пенсиялъул г1арац дунго юкъизе хут1изеян. Абула диналъе эркенлъи щванин. Дида я ц1алулеб мехалъ, я х1алт1улеб мехалъ дуца как балищилан гьикъич1о. Дица какал рана кидаго, амма г1олохъанлъут1а хут1ана. Гьанже г1адин мажгитал х1алт1ич1ониги, дин гьабулеб бук1ана. Киг1ан ц1акъ дицаги дун гурезги беццаниги СССР нахъ буссинаро. Лъаларо, Аллагьас лъик1аб хъван батаги.

Ш. Расулова, Бакьагьеч1и росу.  

Просмотров: 458 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz