Воскресенье, 05.05.2024, 18:21 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 28 » ЭБЕЛ, ДУН ВУССИНА, ЛЪАДИ ЯЧИНА...
17:12
ЭБЕЛ, ДУН ВУССИНА, ЛЪАДИ ЯЧИНА...

Чанго моцI ана дир ватIаналда тIад Украинаялъул рахIат хвараб зобалъул дандерижи гъугъадичIого… Ругьунлъунккеялъ лъаларо, рагIа-ракьанде щун хабар лъангутIиялъ лъаларо-цо гIажаибаб парахалъи рещтIун чIун букIана рекIелъ… 20 августалъ гIагараб районалъул ХъахIикIкIалахъе чIегIераб хабар рещтIинегIан. Гьаб нухалда ГIалибеговал ГIумарил ва Мадинатил рокъобе. Эбел-инсул маулхIаят, кIиго яцалда гьоркьов цого цо вукIарав гьезул вас Шамиль къурбанлъана августалъул 16-абилеб къоялъ Харьков областалъул машгьураб Изюм мухъалда.

 Кинав инсанлъун вукIарав гIолохъанчияли, кигIан жиндие захIмат букIаниги, дие бицана гьесул яцгIал Асиятица. 

-Шамилги дунги цадахъ гIурал рукIиналъ, кутакалда захIмат буго гьесул хIакъалъулъ араб заманалда бицине. Амма дида гIумруялда жеги дандчIвачIо гьевгIан яхIги чилъиги бергьарав инсан. Гьавуралдаса нахъе унтабаз кIвекIарав жо вукIун, Дагъистан сверун сабаб балагьун, хIатIазде вахъинавуна умумуз гьев. Шамилил эмен махщел камилав сварщик ГIумар лъаларев чи нагагьги ватиларо Дагъистаналда. РакIал рацIцIадаб, гIадамал хирияб хъизан буго гьезул. Инсанасул адаб гьабиялъул рухIалда куцана гьез васги. Жеги рагIичIо Шамилица ишалдалъунали киб гурин, рагIудалъунцин къварид гьавурав чи.

-Кив ва кин цIаларав мунагьал чурад? Кин спецоперациялде ккарав?

9-леб классалде щвезегIан гьев цIалана МахIачхъалаялъул 33 аб. гимназиялда, гьоркьохъеб школа лъугIизабуна ТIагьада. Цинги лъугьана полите хникияб колледжалъул юридикияб факультеталде, гьелдаса хадуб лъугIана политехникияб университетги. Киса-кивго вацгIал вукIана цIалул отличник. Калиниградалда ватIаналда цебе ВМФалда борч тIубан хадуб, доваго хIалтIулевги чIана гьев хъван рагъулаб контрактгун. Украинаялда машгьурал лъугьа-бахъинал рагъарун хадуб, гьес кIицIул хъван буго рапорт жив дове витIеян. КIиябго нухалъ гьеб нахъги чIван буго. Шамилил хIалхьи гьечIеб ракIалъе къабуллъулеб букIинчIо цIа гIадал васалги кьалул коронир рукIун, хIалхьиялда Калининградалда вукIине. МагIарул чиясе хасиятаб, къвакIараб гIамал-хасияталъул бихьинчи вукIана гьев, хIинкъи-къай гьечIев, лебалав. Цо нухалъ кверги бекун вукIарав гьев рокъов ватичIелъул, эмен ГIумар уна гьев валагьизе. Кинаб гIажаиблъиха гьесул букIараб, гипсалъулъ лъураб квергун, футбол хIалел гIелбащадазда гьоркьов,футболалъул майданалъул кавабахъ вахъун чIун гьев ватидал?! Украинаялде витIеян гьарараб лъабабилеб, балагьаб рапорт къабул гьабуна командованиялъ ( гIодилаго - авт. ) . Байбихьуда балъго гьабун букIана гьес живго вугеб бакI, эбелалъул ургъалица. Бицунаан Астраханалда рагъулал цIалиязда вугилан. ГьитIинаб къоялдаса нахъе гьесул анищ букIана спецназалда хъулухъ гьабизе. ТIубан букIун бугоха гьебги хвалда цебе. ГIицIго кIиго моцI бана мунагьал чурадица Украинаялда. 16 августалъул рогьалил гIужалъ Шамилица бачунеб «Урал» гIужие босана нацистазул снайпераз. Шамилил гIумрудул букIана гIицIго 25 сон…

-КIалъалаанищ Шамил рокъове, щиб бицунаан, сундул анищал рукIарал?

ГьитIинаб мехалъ живго унтиялъ хвезабураб рахIаталдаса тIасалъугьин гьарулаан гьес эбелалда щибаб нух, кверазда убачалги гьарун. Гьедин батила, Шамилица цо лахIзаталъцин лъазе биччачIо доба жиндаго бихьулеб бугеб гIакъубагIазабалъул. Щибаб къойилал телефоналъул кIалъаязда гьес гIодоре риччазарулаан рокъосел, абулаан отпускалъ вачIиндал иман-бахьи бугей бахIарай гьаризе нужги ритIилин, нилъер киназулго адаб ккурай, лъикIай лъадигун талихIги букIинилан… Гьев вукIинчIо гIелбащадал гIадин, берцинлъиялъухъ балагьулев чи. Сундасаго цебе гьес кколаан рухIияб рахъ. ЦIакъ рокьулаан рухIчIаголъаби, рукъалъул хIайванал. Живго бетIергьанаб фермаялда хIалалаб магIишат гьабилин бицунаан гIемер… - Цониги мисал бачинарищ мунагьал чурадил ракIлъикIлъиялъул? Шамилил эбел Мадинатица бицунаан, цо къоялъ гьев рокъове вачIанин жакъа-метер тIанчIи гьаризе хIадураб кетуги бачун. «Эбел, жидеего бетIербахъи гьабизе кIолел жал тIанчIи лъугьинегIан дуца гьал рокъор хьихье, цинги гьел цо лъикIал гIадамазухъеги кье». Щибаб къойил кIалъалевги вукIун вуго мунагьал чурад кутузул хъизамалъул къисмат цIехон… Гьал къоязда эбелинсуе Баркалаялъул кагъатгун вачIарав матрос ГIалибеговасул часталъул командирас бицунеб букIана чиналъги соназги кIудияв вукIаниги, жинца чанги суал дандбалаанин Шамилилгун, гьев гIакълуги бугев, ишги бажарарав вукIиналъилан. РагIи кьуна Дагъистаналда школалъе яги къватIалъе гьесул цIар кьезеги, Калининградалда гьес хъулухъ гьабураб рагъулаб часталда мемориалияб хъарщи чIвазеги.

-Аллагьас дуниял кIочараб ахират кьеги мугIрузул улкаялъул мустахIикъав васасе, сабру кьеги эбел-инсуе ва тIолабго гIагарлъиялъе бихьараб хIехьезе. Баркала, Асият, газета цIалулезе вацгIаласул къисмат рагьаралъухъ.

-Дуеги баркала нижер вас макъалаялъе мустахIикъавлъун вихьаралъухъ. Аллагьас рукъалде лъикI рачаги нилъер гIолохъаби, чохьол рухIел бихьугеги цониги эбелалда.

-Амин. 

Ф. МУХIАМАДОВА.

 

Просмотров: 128 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz